Пятница, 29.03.2024, 12:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Апрель » 12 » РАЙОНЦОЯЛ РЕСПУБЛИКА ТУН КЪВАТ1ИРЕХУН.
17:01
РАЙОНЦОЯЛ РЕСПУБЛИКА ТУН КЪВАТ1ИРЕХУН.

Жамг1ияталда киназухъго бащадал ихтияразе г1оло

(Гара-ч1вари)

Хатима Г1алиевна Г1умарова дида цеегоялдаса лъалаан. ДГПУялда преподавательлъун х1алт1улагоги, жамг1ияб г1умруялдаги иш бажарарай, цеехъаналъул хасиятал жиндилъ ругей г1адан йик1ана гьей. 20 соналъ цее г1умру гьабизе улкаялъул тахшагьаралде яхъиндалги, Хунзахъ районалъул Байикь росулъа маг1арулай кверал т1ат1ала лъун ч1еч1о! Хатимал буго жийго бет1ергьанаб чаялъул компания, гьей ккола Дагъистаналъул гендернияб политикаялъул централъул нухмалъулейги.

- Хатима, лъик1 щварай ват1аналде! Кин бугеб рик1к1адасан балагьун Дагъистаналъул иш, дуца товухъе батанищ гьаб, хисун бугищ?

- Рак1алде кколаро, дида Дагъистаналъухъ дое-гьаниехун ц1ач1ого (объективияб къаг1идаялъ) балагьун бажаринилан. Щайгурелъул гьалщинал соназ дун г1умру гьабун йиго к1иго рокъой: Москваялда дир буго хъизам, рукъ, бизнес, Дагъистаналдайин абуни- рак1ги гендернияб централъул х1алт1иги. Амма сонал анаг1ан ц1ик1к1унеб буго миллиябщиналде ц1айи, хасго рек1ее асар гьабула лъимерлъиялъул кеч1-бакъаналъ: Манарша Дибировалъул, цевесев Т1агьир Къурачевасул творчествалъ…

Дагъистанин абуни, расги хисун гьеч1о. Дунялалда кризисалги, чемпионаталги, данде ч1аразулги маршалги, гьанибин абуни, даран-базарги бертабиги – жамг1ияб г1умруялъул т1ей гьеч1еб бут1а.

- Москваялда дур буго дурго бизнес, гьабулеб жамг1ияб х1алт1и. Зах1мат бук1унищ Дагъистаналдаса рач1ун тахшагьаралда нилъерго иш рагьизе, «х1ат1азда ч1езе»? Хасго ч1ужуг1аданалъе.

-Тарихч1ужу х1исабалда, дида бич1ч1ула г1исинал миллатазул жидедаго рак1ч1унгут1и бук1унеблъи. Россияназул европаялъулаздехун нахъе къараб, намусаб асар бук1унеб г1адин, дагъистаниязулги республика тун къват1ибехун жидедаго рак1ч1унгут1и борч1ула. Дун йиго к1одоэбелаз тарбия кьун г1урай гуманитарий, телевизор дида лъалароан, дир дуниял г1иц1го т1ахьаздасан г1уц1араб бук1ана. Гьелъ кумек гьабуна дие бечедаб мац1гун, ц1алун лъарабгун тахшагьаралъулаздаса нахъе ккеч1ейлъун йик1ине. Дое щварайго дун х1алт1ана университеталда преподавательлъун. Т1оцебесеб семестралдаго, студентазда гьоркьоб гьабураб ц1ех-рехалъулаб х1асилалда, рик1к1ана лъик1ай муг1алимзабазда гьоркьой. Я Пачалихъияб Думаялда, я Журналистазул Союзалда х1алт1улаго, дида бихьич1о дидехунго, дагъистанияй йик1унилан, бат1ияб бербалагьи. Кинаб миллаталъул мун вук1аниги бат1алъи щиб, дуда т1адкъараб ишги т1убалеб бугони, лъайги бугони?

Жамг1ияталда нилъер киназулго руго бащадал ихтияралги щивасда т1адал борчалги.

- Дагъистаниязда мун лъала гендернияб политикаялъул кьуч1 лъурай г1адан х1исабалда. Бат1алъи щиб феминизмалдаги гендернияб ращалъиялдаги гьоркьоб?

-Феминизмалъул кьоч1окь г1иц1го руччабазул ихтиярал ц1уни батани, гендернияб ращалъиялъ ах1ула жинсалъухъ балагьич1ого ращалъи ц1унизе.

Россиялдайин абуни «феминизм», «гендернияб политика» раг1аби лъугьана сема-къемиялъул раг1абилъун. Гьелъулъ г1айиб батизе бегьула Европаялъул радикалиял феминисткабазулги: жидерго ихтияразе къеркьолаго, гьезул руччаби ун руго ц1акъго рик1к1аде – т1аде балагьун бихьинмах1аб сипатцин лъугьун буго гьезул цо-цоязул. Гендернияб ращалъи кколаро бихьинал-ц1уял цоцазда релълъинари. Гьелъул маг1на ккола нилъ бат1и-бат1иял рук1аниги, ихтияраз бащадал ругилан абураб.

Кавказалдаги рук1ун нилъеца х1исабалде босизе ккола нилъерго менталитет. Нилъер руччабазда гьит1инаб къоялдаса нахъе малъула инсул, вацасул г1орхъулъа ун адаб гьабизе, бихьинчиясда малъула ч1ужуг1аданалъул жавабчилъи кодосевлъун вук1ине. Дица рик1к1уна гьеб бит1арабги бук1ин, лъик1аб хъизамалдаса ч1ужуг1аданалда жийго ц1унарайлъун йихьула. Хъизамалъулаб гъанситуялда зулму-х1ал, цоял г1одорег1ан гьари гьеч1они, гьенире гьоркьоре лъугьине лъилниги ихтиярги гьеч1о. Инсан лъугьиналъул кьуч1 лъолеб буго щуго сон базег1ан ригьалда. Киназдаго лъала, гьеб заманалда ц1ик1к1униселъ эбелалъ кьола лъимадуе тарбия-лъай. Х1исаб гьабеха, щиб тарбия кьезе бугеб къо халалъухъ социалиял гьиназда телефоналда жаний йигей эбелалъ?! Социалияб г1умруялда жигарчилъи бихьизабулей, жамг1ияталда х1аракатчилъиги конституционияб ихтиярги кодосей ч1ужуг1аданалда ц1ик1к1ун бич1ч1изе гьеч1ищ бук1инеселъул жиндаго т1аде кколеб жавабчилъи?

Гендернияб ращалъиялъул бицине ккола руччабаз гуреб, жалго бихьиназги! Бук1инеселъул ургъел гьабун.

- Хатима Г1алиевна, г1умруялда дурго программа максимум т1убараблъун рик1к1унищ дуца?

-Дуца дие кьолеб буго бихьинчиясе рекъараб суал! Бихьинчияс гурищ доб «вас г1езавизе, рукъ базе, гъвет1 ч1езе» кколеб бук1араб? Дир к1иявго вас ккола халкъазда гьоркьосел бак1ал раялъул компаниязда топ-менеджераллъун, гьезда лъала къват1исел пачалихъазул мац1ал, руго к1и-к1и т1адег1анаб лъаялъул дипломал. Гьез гьанжего гьанже 30 сон г1умрудул бан бук1аниги…

Т1адехун бачараб кициялъухъего кколеб бугоха, дица к1иго рукъ, к1иго ах г1езабураблъун. Абиларо дир лъимал идеалал ругилан: Дагъистаналда умумуз малълъун – лъималаз гьабун бук1унеб батани, дираз 13 сон баралдаса нахъе дун щибаб жо далилал рачун ч1езабизе т1амулаан. Жиде-жидер пикру ц1унизелъун ниж г1емер гаргадула, даг1бадула… Батила гьелда гъорлъ цо лъик1лъиги. Дида лъалароан гьезул университетал ругеб, гьел х1алт1улел бак1ал. Цого цо Москваялде щведал, 1515 абилеб гимназиялде лъугьинаруна дица гьел ва риччан тана жалго жидедаго ч1араб г1умруялде. Гьелда т1адеги, сог1ал маг1аруллъидалха (елъулаго) гьел дие тарбия кьезе, т1алаб гьабизеянги журала цо-цо.

Г1умрудул къого сон бугеб мех дица ц1алун бук1ана Л. Н. Толстоясул раг1аби, инсанасул г1умрудул бищун лъик1аб ригь херлъи бугилан. Доб мехалъ дун разилъун йик1инч1о гьесул пикругун, гьанжейин абуни, гъорлъе ккун бич1ч1ана: 45-50 сон бан хадуб инсанасул г1умрудулал масъалаби-зах1малъаби лъуг1ула, жиндиего ва хъизан-агьлуялъе къвариг1араб аслияб сок1к1ун бахъуна ва гьесул эркенлъула заман жамг1ияталъе пайдаявлъун вук1ине, жиндаго хадуб цо сундалъун бук1аниги гьайбатаб лъалк1 тезе. Пикру гьабизе г1акълуги квешаб-лъик1аб лъазе рак1ги кьун бугеб мехалъ, наслу тей гуребги бук1ине ккола инсанасдасан пайда. Дие кутакалда бит1ккана г1емерго лъик1ал г1адамалгун г1умруялда дандч1вазе щвей: гьезул цояс, кутакав диналъул х1уби гьеч1ониги, жиндирго сурсатазда бан лъуг1изабулеб буго масжид, цойгияз лъабго росулъе бахъана лъим, лъабабилез жидерго кафеялдасан 12 соналъ т1ат1алаго кваназабулеб буго 15 ресукъаб хъизам. Буго дунялалда лъик1лъи, руго лъик1ал г1адамал.

- Дуца г1емерго бицунеб раг1ана авармиллаталде, хундериде дурго рокьиялъул. Щибжо кколеб дуе миллат?

-Т1оцебе абуни, дида рич1ч1уларо жидерго миллаталдаса ч1ух1улин абулел чаг1и. Кин ч1ух1изе бегьулеб дур щибниги иш-хъулухъ гьеч1еб жоялдаса?! Дуе бит1ккун бугоха маг1арулавлъун ялъуни цойги миллаталъулавлъун вижун вати, дур миллат дудаса ч1ух1улевлъун мунго лъугьине ккола. Дуца гьикъулеб бук1ана, бугищ дир т1убач1ого хут1араб анищилан. Доба Англиялъул Итоналда бугеб г1адаб, лъайги бажариги бугел лъималазе кверч1ваялъе, ц1алулаб идара рагьизе анищ буго дир.

Дун йиго хундерил к1удияй патриот. Хунзахъ район Дагъистаналъул т1олабго тарихалда (бук1а гьеб Сарир пачалихъ, яги гучаб СССР) бук1ана политикияб бут1аялда аслиял г1ахьалчаг1азул цояблъун. Дир ц1ик1к1арав вац вук1ана КПССалъул райкомалъул заворготделлъун. Гьес бицуна ЦКялдаса бач1араб кагъат к1иабилеб къоялдего т1убазабулаанин жидецаян. Цойгидал районаздасан нилъеразухъе к1алъалел рук1ун руго щиб-кинали гьикъизе. Хунз къалмил чаг1и ругин, гьез нек1ого гьабун батулинги абун. Амма гьал ахирал соназда нилъ цодагьал нахъе ккун руго, лъай бугел, интеллигентиял васалги ясалги г1емерго рук1аниги. Аваразул муг1руллъиялъул централде сверизабизе ккола Хунзахъ нахъойги. Лъебелазе, ц1унт1иязе, балъхъадерие, к1аралазе Хунзахъе рач1ине бигьаги г1агардеги гьеч1ищ, Мах1ачхъалаялде инег1ан?

Дица санайил республикаялъул тахшагьаралда т1орит1ула халкъазда гьоркьосеб роцадул конференциял. 2017 соналъ гьеб дирго ват1аналда т1обит1изеян лъугьиндал жо ккеч1о, 30 чиясе жанир ч1езе бак1 районалда гьеч1олъиялда бан. Цебе ч1езабе, т1адмаг1арул росулъ халкъазда гьоркьосеб конференция т1обит1иялъ кинаб ц1ар-рецц нилъер районалъе щвезе бук1арабали?! Жакъа х1ажат буго хундерил цебе бук1араб г1адаб, цебехъаналъул ц1ар нахъбуссинабизе.

Дагъистаналда буго зах1мат бокьулеб, таваккалаб халкъ! Статистикаялъул баяназда рекъон, 10% дагъистаниязул кколел руго хъулухъчаг1и, цойги 10% дотациял щолел, 27 проценталъулал г1адамал, ай бизнесменал.

Россиялдаго гьеб ккола к1удияб бихьизаби! (Х1исаб гьабе, Москваялда 4,5, Санкт-Петербургалда -1,7) процент гурого гьеч1о бизнесалда).

Раг1ана, Дагъистаналъул Х1укуматалда ц1ар раг1арал федералиял ва халкъазда гьоркьосел ниг1матазулал, бак1ал раялъулал ва мебелалъулал дармихъаби («Пятерочка», «Магнит», «Оби», «Икеа» ва гь. ц.) ах1изе рак1алда бугин гьаниреян. Дие бокьиларо гьеб бит1араб батизе. Щайгурелъул гьелъ ч1вазе буго г1иси-бикъинаб даран-базар. Гьеб ккола 27% Дагъистаналъул халкъалъул. Гьезул хъизамалги малъани бащдаб Дагъистан!

Дица чанц1улго абун бук1ана рукъал къот1араб сумка кодоб ккун къайиялда хадуй хьвадарай ч1ужуг1адан памятникалъе мустах1икъай йигилан. Жиндирго дипломалги ц1аралги нахъе цун тун гьединал руччабаз хвасар гьабуна Россия ракъиялдаса, «челнокаллъунги» рахъун. Дол чанк1к1арал 90-абилел Дагъистаналда жеги лъуг1ун гьеч1ин рик1к1уна дица, бащдаб республика г1иси-бикъинаб дармихъанлъиялдаги бук1ун, к1уди-к1удиял дармил центразул х1алт1и роц1инабизе лъугьин (цойги х1алт1улал бак1азе ресги гьеч1ого) нилъее баракатаб иш гуро.

-Кинаб суал дуего кьелеб бук1араб цойги?

-Т1оцебесеб иргаялда т1аса лъугьаян гьарила газета ц1алулезда, ц1акъ пашманаб хабар лъугьиндал. К1иабизе, бихьинал ц1унунги гьабила калам. Социумалъги хъизамалда жанибги бихьинчиясдехун г1емерго т1алабчилъи бихьизабулеб буго. Гьелъул х1асилалда гьезул г1умру къокълъиялдеги рачунел руго.

Нилъ аза-азар соназ чанахъанлъиги гъасда ц1аги гьеч1ого т1уран руго. Х1ажат гьеч1о росасдаса мамонт бачун вач1ине т1алаб гьабизе ва руччаби гъанситухъ ц1а ц1унун рук1ине. Гьеб г1адат хисизе заман щвана. «Кье, кье!» - ян бихьинчиясдаса кинабго т1алаб гьабулел рук1инч1ого, бегьуларищ ч1ужуг1адан гьесул хьолбохъ ч1езе, ккаралъуб кумекалъулаб квер кьезе, гьудулалъ, пикруцоялъ г1адин? Цо лах1зат – гьесиеги бигьалъила, нилъерго г1умруги дуниялги гвангъила...

- Ахиралдаги щиб гьарилеб районцоязде?

Гьарила бич1ч1и. Ват1ан – гьеб дур хъач1аб, цойгидазда релълъинч1еб мац1 бук1иналъул ва гьеб ц1унизе ккеялъул, марк1ач1ул г1ужалъулги корохъ чедалъулги мах1ги, т1егьалеб ахги, инсуца ирсалъе тарал найил т1улбиги, анкьумумузулъан бач1ун дуца дурго лъималазул лъималазе кьолеб г1арцул курхьинги-гьеб кинабго хисулареб, къиматаб хазина бук1иналъул бич1ч1и. Абадиябги г1агарабги гьеб кинабго бук1ин хасго бич1ч1ула ват1аналдаса рик1к1ад…  Цойги районцоязе гьарула рак1буссинч1ого церехун рилълъине къуватги сахлъиги.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

Просмотров: 430 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz