Суббота, 27.04.2024, 15:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 17 » РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.. ДАГЬЛЪУЛЕЛ, МИГЬЛЪУЛЕЛ РУГО НУЖЕР КЬЕРАЛ, КЬАЛУЛ БАГЬАДУРЗАБИ.
10:24
РАЙОНАЛДА БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪУЛ КЪО.. ДАГЬЛЪУЛЕЛ, МИГЬЛЪУЛЕЛ РУГО НУЖЕР КЬЕРАЛ, КЬАЛУЛ БАГЬАДУРЗАБИ.

Г1одоркъоял рук1иналъ  батила  цересел  соназг1адин исана 8  маялъ райцентралда К1удияб Ват1анияб рагъул  г1ахьалчаг1азулгун т1обит1улеб бук1араб  дандч1вай хадусел къоялде бахъараб. Гьеб къоялъ райадминистрациялъул бет1ер  Х1. Дарбишевги  ветераназул советалъул  председатель Г1. Г1алих1ажиевги районалда бугеб  погранотрядалъул ва ОАО «Русгидро» г1уц1иялъул вакилзабиги  щвана цо-цо  росабалъ ругел къват1ире рахъун бажаруларел рагъул г1ахьалчаг1азухъе. Гьезда байрамги баркизе, щивасул рак1-мак1 гьабун  г1одоре риччараб ах1вал-х1алалда хабар-к1алги байрамалъулал сайгъатал кьейги бук1ана районалъул бет1ерасулги гьесда цадахъ ругезулги мурад. Хунзахъа  Атаев Х1усен-х1ажи, Гьит1инавасов Малламух1амад, Г1умаров Х1амзат,  Бакьагьеч1иса Х1айдарбегов Хъазами  рази хут1ана х1урматиял  гьалбадеридаса.

9  маялъул радал саг1ат  анц1гоялда байбихьана  байрамалъулаб тадбиралде. Районалъул,  цогидал г1уц1абазул нухмалъулел,  интеллигенция, рагъулал  хъулухъчаг1и,  т1олго зах1матчаг1и,  школлъимал райадминистрациялда цебе  исанаги  рохалилаб ах1вал-х1алалда  дандч1вана ветераналгун. Кодор т1угьдузул квац1аби-горалгун, байрахъалгун байрамалъулаб колонна къокъана Хунзахъ рагъдаса руссинч1ел росуцоязе бараб памятникалда цере.  Соналдаса соналде  мигьлъулел руго  Ват1аналде  къо ккедал  гьелъие г1оло рух1алдаги  барахщиларилан кьалул  майданалде  рахъарал  бах1арзазул кьерал. Соназул к1одолъиялъги рагъда щвараб  ругъун-сакъатлъиялъги  абадияб рукъалде русун,  унта-щокълъиялъ гьалмагъзабазул сверут1е  рахъине к1веч1огоги  байрамалъулаб тадбиралде  рач1аразул сиях1 7 чиясда къокълъана исана. Гьел ккола:  Хунзахъа Г1алибегов Г1усман, Гьиматов Мух1амадрасул, Мух1амадов Г1иса, Харахьиса Булатов Мух1амаддибир, Гьоц1алъа Мух1амадг1алиев Мух1амад, Хьиндахъа  Х1адисов Камил, Уздалросулъа Хъазанбиев Гъазияв.  Дагьалго ч1агоял жалго, щокъаз кумекалъе цоцазул  кверал ккун  рахана г1олохъанлъуда Европаго мерхьарал рагъул бах1арзал памятникалъухъе бугеб  болъодухъа т1аде.  Гьелда цебе  райадминистрациялъул, ветераназул  советалъул, рагъулал хъулухъчаг1азул, школлъималазул ц1аралдасан т1угьдузул квац1аби, горал лъолеб лах1зат. Минуталъулаб руц1унч1еялдаса хадуб райадминистрациялъул бет1ер Х1. Дарбишевас ветераназдехун, киналго данделъараздехун баркиялъулаб к1алъай гьабуна, Хунзахъ г1орхъаби ц1унулезул отрядалъул рагъухъабаз салют кьуна,  Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Гьоц1алъа Мух1амадг1алиев Мух1амадица  фатих1аги рехун, киназго рагъда  т1аг1арал районцоязул рух1алдасан дуг1а-алх1ам гьабуна. Гьелдалъун байрамалъулаб  данде русин лъуг1уларо. Тадбиралъул киналго г1ахьалчаг1и г1едег1ана  Г1алаг1арт маданалде.

Байрахъаз, шариказ, т1угьдуз  берцинго къач1араб трибуналде  рахуна  районалъул нухмалъулел, ветеранал  ва т1аде рач1арал х1урматиял гьалбал. Байрамалъулаб митинги рагьун гьеб бачана райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель  Г1абдуразакъов  Асадг1алица. Баркиялъулаб к1алъайгун  цеве вахъарав  райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс дол соназ  жакъасеб нилъер гвангъараб  бук1инеселъе г1оло  рух1алда барахщич1ого къеркьарал багьадурзабазе баркалаги кьуна, т1ок1аб гьединаб вах1шилъи лъидаго бихьзе хъван батунгут1и жиндир  мурад  бук1инги загьир гьабуна. Баркиялъулал к1алъаял  гьаруна  республикаялъул росдал маг1ишаталъул  министрасул заместитель Г1абдуразакъов  Сайгидг1алица, погранотрядалъул  командирасул заместитель подполковник  А. Мотовиловас, «Русгидро» цолъиялъул вакил  М.Х1амзатовас ва цогидазги. Жидер гьабураб адаб-х1урматалъухъ  баркалаги  кьун, рагъул кьог1лъиялъул бицун, насих1атал гьарун районалъул ветераназул ц1аралдасан  к1алъана  рагъул ва  зах1маталъул ветеран Хунзахъа Гьиматов Мух1амадрасул. Байрамалъулаб митингалдаса хадуб т1орит1ана спортивиял къецал. Гьезде байбихьана  бихьинал рекериялдасан. Старталде вач1ана 18  г1аги векерухъан. 1080 метралъул  сверут1а т1оцебесеб бак1 ккуна  Бакьагьеч1иса Абакаров  Муслимица. Гьесда бергьенлъиги баркун чемпионасул горги бана, г1арцулаб сайгъатги кьуна  районалъул  спорткомитеталъул председатель Х1айдарбеков Г1абдукъадирица.Дагьабго ригьалда вугев вук1аниги бергьенлъиялде бугеб х1асраталъухъ  райадминистраци ялъул бет1ерас хасаб приз кьуна  Т1елекьа  Патаг1алиев Гъазимух1амадиеги. 

Чуял ричай. Байрамалъулаб митингалдаса хадуб, гьит1инав-к1удияв  бат1алъи гьеч1о, кинавго чиясул к1вар буссуна гьелде 9 маялъ.  Ставкабиги  ч1ах1иял рук1ана  исана щибаб сверут1а. Кидаго г1адин   байбихьана анкьго сверут1а риччалел  чуяздасан.  Ункъго чу г1ахьаллъана гьениб. «Гьац1алухъ» колхозалъул  Гаперун,  Саг1идов Маликил Сувенир, Бакьагьеч1и росдал  администрациялъул Астор  ва гьебго бекьеч1дерил Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб  колхозалъул – Зверь  старталде рач1ана. Анкьго километралдасаги ц1ик1к1араб  манзилги нахъатун т1оцебе  ч1ч1алде бач1ана  Саг1идов Маликил Сувенир абулеб чу. Чемпионасул горгун, 50 азарго гъурущ г1арцулаб сайгъатгун чот1ахъан  Шамилида бергьенлъи баркана  райадминистрацилъул бет1ер Дарбишев  Х1ажияс. К1иабизе риччана Дайтбегов  Мух1амадил Байкал,  Г1ашилт1аса  Стелла, Хунздерил Финиш,  райадминистрациялъул Бархан ва  Шодродаса Шагьрулабазанов  Асх1абг1алил Калмык.  Гьел рекерана щуго сверут1а. Бергьенлъи  райадминистрациялъул Бархан абураб чуялъ  босана. Чот1ахъан Г1абдуразакъида горги бан, призалъул фондалъ бихьзабураб 40 азарго гъурущ гьесухъе кьуна  районалъул  нухмалъулес. Лъабабизе риччалел чуял рекерана лъабго сверут1а. Ибрагьимов Ч1анк1ал  Финиш, Г1умарх1ажиев Г1алил Абрек, Г1азизов Мух1амадил Орлик, Бакьагьеч1и росдал администрациялъул Беркут ва Аскор,  Мах1мудов Мух1амадил Тегеран, Саг1идов Мух1амадил Страйк г1ахьаллъана гьеб къецалда. Киназдасаго хехаб батана Хунзахъа Саг1идов Мух1амадил Страйк, гьеб бач1ана т1оцебе ч1ч1алде. 30 азарго гъурущалъул сайгъат, чемпионасул гор  чот1ахъанасухъе кьуна  Г1абдуразакъов  Сайгидг1алица.

Цересел соназ рук1инч1ел  Английская ва  Ахалтекинская породаялъул (г1иц1го рекеризе х1адурал) чуялги риччана цо-цо сверут1а. Ангиялъул  породаялъул чуязда  гъорлъа бергьана Къах1иса Сулейманов Мух1амадил  Рубин, Ахалтекиназда гьоркьоб Хунзахъа  Чункъовасул  Габарит. Гьел чуязт1а рек1аразе сайгъатал кьуна  райсобраниялъул председатель  Хваджаев Хваджацаги  Санкт-Петербургалда вугев  сахаватчи,  Харахьиса Г1исах1ажиев Г1исах1ажицаги.

Чуял рекериялдаса хадуб  г1емерисел  рикьа-рихула. Пограничниказин абуни, рагъул ветеранал солдатасул котелокалъусан  карщидалъун, наркомасул 100 граммалдалъун ва  ресалда рекъарал  сайгъатаздалъун к1одо  гьарула. Исанаги к1оченч1о гьезда рагъул г1ахьалчаг1и. Трибунаялдаса рик1к1ад гьеч1ого ч1вараб палаткаялъур  районалъул нухмалъулел, х1урматиял гьалбал берцинго г1уц1арал  кванил ниг1матазул столазда нахъа данделъула ветераналгун.

Гьенибги баркиял, рак1алдещвеял, ветераназе сайгъатал… Дагъистаналъул президентасул рахъалъан баркигун щивасе 20 азарго гъурущги кьуна гьес вакил гьавун вач1арав  республикаялъул  росдал маг1ишаталъул министрасул заместитель Г1абдуразакъов  Сайгидг1алица. Райадминистрациялъул рахъалдасан Х1, Дарбишевас кьуна  анц1аза-азар гъурущ щивав  ветеранасе. Рагъул г1ахьалчаг1азул, кьалул майданалдаса россал русинч1ел къоролзабазеги кьуна гьес г1арац.  Сулахъэнерго-Русгидро  г1уц1иялъги вит1ун вач1ана  жидерго вакил. Гьесги кьуна ветераназе 10 аза-азар гъурущ. К1очон гьеч1о  ветеранал жиде-жидер росабалъги, ресалда рекъон  г1арцулал сайгъатал кьун к1одо гьаруна гьенирги гьел. Масала Хунзахъ росдал администрациялъ жидерго анкьавго ветеранасе кьуна к1иаза-азарго гъурущ, росулъ хут1ара1 к1иго рагъул  г1ахьалчиясул къоролалъеги  кьуна к1иаза-азар гъурущ. Палаткаялъур  данделъарал киназго ветераназе лъик1абщинабги гьарун абуна  тостал,   баркалаялъул раг1аби.  Т1адеялъулги гьоркьоса чи камугегиян  гьара-рахьигун  рихана Г1алаг1арталдаса  г1адамал рукъ-рукъалде.

Р.Х1амзатов

 

Просмотров: 844 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz