16 декабралда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, депутатаз, администрациялъул хlалтlухъабаз, прокурор Рамазан Гlумаровас ва цо-цо бегавулзабаз.
Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана оайсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас. Сессиялъул повесткаялда букlана 10 суал. Гьездасан аслияллъун рукlана “Хунзахъ район” МРаллъул 2022 ва планалъулал 2023, 2024 соназул бюджетазул проекталъул хlакъалъулъ, 2021 сонил 9 моцlил бюджет тlубазабиялъул хlакъалъулъ, росдал магlишаталъул отделалъ 2021 соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ суалал. Жидецаго исана гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ бицана росдал магlишаталъул отделалъул начальник Мухlамад Гlалиевас. Гьесул рагlабазда рекъон районалда хlалтlулеб буго 7659 ЛПХ, 113 батlи-батlиял гlуцlиялъулгун правовоял къагlидабазул предприятие, гьездасан 80 юридикияб предприятие ва 33 КФХ. Кинабниги росдал магlишаталъул бутlаялда хlалтlулел руго районалъул 10000 чи, гьезул гlемерисел руго ЛПХязда. Гlаммаб къагlидаялъ исана соналда жаниб районалда хlадурун буго 2 млрд гъурщиде росдал магlишаталъул продукция. Гьелдасан аслияб къадар кколеб буго гlи-боцlухъанлъиялъул - 1 млрд 960 млн гъ. 2021 соналъ 890 гектаралдаса бакlарун буго 1700 т хаслихъе гьабураб рекьиялъул бачlин, гьоркьохъеб бачlин - гектаралдаса 19 центнер. Ихдал рекьи гьабун букlун буго 800 гектаралда, гьелдасан цlоросаролъ - 80 га, цо сонил хурдул - 150 га, гlемерсонилал - 65 га. Пиринчl бекьун букlун буго 540 гектаралда. Лъагlалил ахиралде киналго категориязул магlишатазда руго 24000 бетlер чlегlерхlайваназул, гьездасан 13900 гlака; гъутабазде гочинарулеб заманалда гlи-цlцlаназул къадар букlун буго гlага-шагарго 200000 бетlер. 2021 соналъ хlадурун буго 3500 т гьанал, 24-25 азарго т рахьдал, гьоркьохъеб къагlидаялъ цо гlакдадаса бечlчlун буго - 1700-1800 кг.
Тlасияб сонил бюджеталъул проекталъул хlакъалъулъ баян кьуна финотделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбеговас. Гьесул рагlабазда рекъон 2022 соналъ районалъул бюджет букlине рагlула 901, 680 млн гъурущ. Гьединго сессиялда рорхарал цогидал суалазухъги гlенеккун депутатаз хlукму гьабуна киналго къабул гьаризе. Депутатаз ва бегавулзабаз кьурал суалазе жавабал кьуна кlалъазе рахъараз. Кидагогlадин сессиялда жигараб гlахьаллъи гьабуна бекьечlдерил депутат Будун Бариновас. Ахиралда районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас баркала кьуна депутатазе исана гьабураб хlалтlухъ ва киналго ахlана цlияб соналъги цоцалъ рекъон район цебетlезабиялъул мурадалда хlалтlизе.
И. Мухlамадов.
|