Пятница, 19.04.2024, 21:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Август » 7 » «ПОЛИТИКАЯЛЪУЛЪГИ БУК1ИНЕ ККОЛА ЯХ1-НАМУС»
17:21
«ПОЛИТИКАЯЛЪУЛЪГИ БУК1ИНЕ ККОЛА ЯХ1-НАМУС»

Интервью Мух1у Г1алиевасул

-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялдаго гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?

-Дица гӀумру гьабуна ва дун хӀалтӀана Хрущевасул цӀияб гьогьеналъулги, Брежневасул чӀунхутӀиялъулги, Горбачевасул цӀигьабунгӀуцӀиялъулги, Ельцинил бихха-бичарабги, Путинилгун Медведевасул кӀирекъарабги заманабазда. Гьанже къагӀида хӀисабалда рехсолел, нилъ ругьунлъарал гьел рагӀабазда жаниб буго нилъер тарих, халкъалъул, жиде-жидер рохелгун ва къварилъабигун, бергьенлъабигун ва квекӀеналгун, битӀккеялгул ва квалквалалгун щивав чиясул гӀумру, нилъер жакъасеб гӀумруялъе кьучӀ лъурал, гьеб гӀуцӀарал гӀадамазул гӀасру.

-Гьанже гӀадатлъун лъугьун буго араб къарнуялъул, чӀунхутӀиялъулин абулел 60-70 сонал каки. Дицайин абуни рикӀкӀуна хӀакъикъаталдаги гьел соназда Дагъистаналда чӀунхутӀи букӀинчӀилан. Гьел соназда гӀемераб хӀалтӀи гьабуна: гӀуцӀана предприятиял, гьаруна нухал, рана школал, больницаби, электростанциял. Кинаб чӀунхутӀиха гьеб кколеб? ЧӀунхутӀиги цебетӀейги цого жолъун рикӀкӀине бегьуларо. БитӀараб буго, рукӀана гӀемерал захӀмалъаби ва гӀунгутӀаби экономикаялдаги, политикияб гӀумруялдаги, цоги цоги бутӀабаздаги. Амма гьеб кинабго чӀегӀерабги хъахӀабги кьералъ белъараблъун бихьизе кколаро.

-Гьединаб гӀумруялда чӀахӀиял хиса-басиял, тарихалда кӀвар цӀикӀкӀарал лъугьа-бахъинал кколеб заманалда, кидаго хал кквезе бегьула гӀадамазул хьвада-чӀвадиялда хадуб. Г1адамаз батӀа-батӀайиса рихьизарула жалго. Цо- цояз бихьизабула жидерго унго-унгояб тӀадегӀанлъи, тӀокӀлъи. Цогиязулъин абуни батула, цебеккун нилъеда бихьичӀеб, халлъичӀеб гӀодобегӀанлъи, загӀиплъи. Дида гӀемер бихьана гьебги гьебцоябги - цо-цоязул рухӀияб тӀадегӀанлъиги, цогиязул напсияб инжитлъиги. Гьебги цӀакъго дица жал гӀага гьаруразулгицин.

Нилъер тарих - гьеб буго нилъер тарих. Гьелдехун жавабчилъи гьечӀого рукӀине бегьуларо. Щибаб ишалъул, лъугьа-бахъиналъул кьучӀги, хӀакъикъатги, ахӀвал-хӀалги лъачӀого бегьуларо прокурораллъун яги судияллъун рукӀине, пачалихъиялги политикиялги хӀаракатчагӀазда гӀайибал чӀвазе, гьел какизе. Гьелдаго цадахъ бегьуларо тарихалда лъугьа-бахъарабщинаб цӀунулел адвокаталлъун рукӀинеги. Дида ракӀалде ккола щибаб жоялъе къимат кьелелде - гьелде гъорлъе раккун гъваридго цӀех-рех гьабизе кколин: кинал рукӀарал гӀиллаби, сунца тӀамурал гӀадамал цере рахъине, щиб ккараб, щиб ккезе букӀараб. Хадубккун лъугьинесеб кинабго нилъеда цебеккунго лъазе ресги букӀунаро.

БитӀахъе абуни, тарихалъеги хасгьабун диеги, дир хӀисабалда, бищунго ракӀалдаго букӀинчӀеб, божизе захӀматаб жолъун ккана Советияб Союз биххи. Гьанжесел гӀолилазда бичӀчӀизе рес гьечӀо кигӀан кӀудияб талихӀкъосараб лъугьа-бахъинлъун дир гӀелалъул гӀадамазе гьеб букӀарабали. Нижеца тӀолабго гӀумруялъ гӀуцӀана гьеб улка. РакӀбацӀцӀадго хӀалтӀана гьеб къуватаб, цебетӀураб букӀинабизелъун. Руго гӀадамал гьеб Союз биххи лъугьинчӀого pec гьечӀеб хӀакъикъат букӀанин абулелги. Амма кинабгӀаги лъугьинчӀого хутӀизе рес гьечӀолъи гьениб букӀинчӀо. Дица гьедин абуна ва хъвана кидаго. Гьеб букӀана пачалихъалъулги партиялъулги нухмалъулезул гъалатӀазулги бажари гьечӀолъиялъулги хӀасилалда ккараб цӀакъго талихӀ къосараб лъугьа-бахъин. Союз цӀуниялъул суал гьоркьоб лъураб референдумалда СССРалъул гӀемерисел гӀадамаз цогояб пачалихъ цӀунизе хӀажат букӀиналъул рахъ ккун букӀиндалха.

Кинабго байбихьана Горбачевасул цӀигьабун гӀуцӀиялдасан. Байбихьуда улкаялъул гӀемерисеб халкъалъ гьелъул рахъ ккуна. Халкъалъе цебего хӀажат рукӀана хиса-басиял. Дицаги кколеб букӀана цӀигьабун гӀуцӀиялъул рахъ. Хьулги букӀана жамгӀият цӀилъизабиялъе, ругьунал, щиб кканигийилан цебеккунго ургъарал къагӀидабаздаса рорчӀиялъе гьелъ квербакъилилан. Щакдарабиги рахӀатхвейги рижана жибго цӀигьабун гӀуцӀиялъул иналъухъ балагьидал. Рихьулел рукӀинчӀо гьабин абун цӀар лъезесел киналгӀаги хиса- басиял. Гьелъул хӀакъалъулъ дица абуна КПССалъул XXVIII съездалдаги, цоги цоги бакӀазда гьарурал дирго кӀалъаяздаги. Машгьурав гӀалимчи Алек­сандр Зиновьевас абухъе, цӀигьабун гӀуцӀи сверана балагьалде.

Улкаялда хиса-басиял гьаризе бегьулаан. РукӀана гӀемерал лъикӀал рахъалги. БукӀана гӀадлу-низам, социалияб ритӀухълъи, цадахъ рекъон хӀалтӀизе таваккал, гӀаданлъиялъул налъи тӀубазе жавабчилъи, рухӀияб цебетӀей. Жакъа гьезул гӀемерисел рилана.

Гьеб бичӀчӀизе кколаро Советияб пачалихъ биххаралдаса хадуб кинабгӀаги лъикӀаб жого ккечӀин абураб магӀнаялда. Балагьараб мехалъ, хасго 90 абилел соназул авалалда нилъер неолибералаз кьурал рагӀабазулги, гьезул хӀасилазулги хӀисаб гьабидал, халкъалда батаралдаса халкъалъул билараб гӀемерго цӀикӀкӀун ккана. Ахирал соназда, хасго Украиналда ккарал лъугьа- бахъиназдаса хадуб улкаялъул нухмалъулез, Россиялъул Федерациялъул Президент Владимир Путаница гӀемераб хӀалтӀи гьабулеб буго дол неолибералазул реформабазул магӀна гьечӀел хӀасилал лъугӀизариялъе ва социалиябгун экономикияб рахъалъ улка цебетӀезабиялъе.

Советияб заманалда букӀараб лъикӀалъеги квешалъеги къимат кьолаго, дида ракӀалде рачӀуна, доб заманалъул хӀакъалъулъ Расул ХӀамзатовасул рагӀаби: «Дора гӀунгутӀабиго гӀемер лъикӀал рукӀана гьанир ругел тӀокӀлъабаздаса».

- МухӀу Гьиматович, мун ккола Хунзахъ районалъул ТӀануси росулъа. Гьеб район буго гӀемер берцинал хаслъабиги лъикӀал хасияталги, гӀадаталги гӀасрабаз жанир куцараб магӀаруллъиялъул ракӀин абулеб бакӀ. Нилъер гӀемерал цӀар рагӀарал гӀадамалги рахъана гьенисан. Щиб дуца абулеб дурго гьитӀинаб ВатӀаналъул хӀакъалъулъ?

- ХӀакъикъаталдаги дун вуго тарих бечедаб некӀсияб росулъа. Жиндир заманалда нижер росулъ букӀун буго некӀсияб Дагъистаналъул Сарир пачалихалъул бетӀер Суракъат нуцалханасул чӀейги. Нижер росдал гӀадамаз киналго заманабазда унго-унгояб гӀахьаллъи гьабуна Дагъистаналда ккарал кӀварцӀикӀкӀарал лъугьа-бахъиназда ва жалго рихьизаруна кидаго лъик1аб рахъалъ. Нижер колхозалдацин, цогиязда релълъинчӀеб «Машгьурал гӀадамал» абураб цӀар букӀана.

Сонал анагӀан цӀикӀкӀун ракӀалъ ахӀана гӀагараб ТӀануси росулъе, эбел-инсухъе. Гьениб буго дир аслу, гьениб буго дир гъансито, гьениб щвана дие гӀумруялъул тӀоцересел дарсал, эбел-инсул малъа-хъваял, гьенив цӀалана дун школалда. Дида киданиги йихьичӀо гӀодой чӀун хӀухьбахъулей эбел. Гьей кидаго щиб букӀаниги гьабулей, хӀалтӀулей йикӀунаан. Хъизан кӀудияб букӀиндалха нижер. РакӀалдаса унаро, щибаб нухалъ рокъовеги щун дун тӀадвуссунаго, гьей чӀолаан, лъадал цӀураб парччиги босун, тӀохил рагӀал бацӀцӀадаб магӀарул лъадаца дие нух битӀизелъун. Дир инсуда цӀакъ лъик1 лъалаан бечедаб магӀарул мацӀги, халкъиял кӀалзул асаралги. Гьев кӀалъа-ралъалаан магӀарул кицабаздалъунги абияздалъунги. Эмен лъикӀ лъалев вукӀарав Расул ХӀамзатовцин хӀикмалъун вукӀунаан гьесул рахьдал мацӀалъул бечелъиялда.

Росулъ школа лъугӀун хадуб инсуца дун витӀана цӀализе Избербашалде магӀарул лъималазул школа-интернаталде. ЦӀалуде гъира букӀиналъ лъуна кьучӀ дир хадусеб къисматалъе. Дица лъугӀизабуна нилъерго университеталъул тарихалъулгун филологиялъул факультет. Хадуб цӀалана аспирантураялдаги. Гьелъиеги инсул баракат щун батилилан ккола, дир диссертация букӀана Дагъистаналъул халкъиял кӀалзул асаразда тӀасан. Гьеб бук1ана гӀагараб ракьалде, гьелъул гӀадат-гӀамалалде, хаслъабазде, маданияталде ва философиялде рокьи загьир гьабилъун. Дун щвана киналниги мугӀрузул районазде. Дир букӀана кӀудияб чемодан цӀураб гьениса бакӀарараб халкъияб творчество. БатӀи-батӀиял нухмалъиялъул хъулухъазда хӀалтӀулаго ракӀалде кколаан кида-къадги гӀелмуялде, дирго темаялде тӀадвуссинилан дицаго ракӀарарал материалазда тӀад хӀалтӀилилан. Амма гьелъие кинго рес рекъечӀо, заман гӀечӀо, къисмат букӀун батилароха. Хадуб дица гьеб чемодан кьуна нилъер машгьурав литературовед Сиражудин ХӀайбулаевасухъе.

- Мун вукӀана Верховный Совет хисун гӀуцӀараб цӀияб, захӀматаб заманалъул цӀияб парламенталъул - Халкъияб Собраниялъул нухмалъулевлъун анцӀгоялдасаги цӀикӀкӀарал соназ. Гьел соназда кӀвар цӀикӀкӀарал масъалаби кинал рукӀарал? Кинал законал рахъиялда тӀад гьабураб хӀалтӀи гьел соназул аслияблъун дуца рикӀкӀунеб?

- ХӀакъикъаталдаги дун вукӀана Дагъистаналъул Верховный Советалъул ахирисевги Халкъияб Собраниялъул тӀоцевесевги председатель.

ГӀаммаб куцалда босани, анцӀила щугогӀан соналъ вукӀана дун нилъер республикаялъул законал рахъиялъул власталъул нухмалъулевлъун. Амма дол соназдаги гьанжеги нилъер улкаялда аслияб къуватлъун букӀана ва хутӀулебги буго исполнительнияб власть. Лъица щиб бицаниги, я законал рахъиялъул, яги судалъул властал Россиялда жеги рукӀине кколеб куцалъ жалго жидедаго чӀараллъун лъугьун гьечӀо. СССР биххун хадуб халкъалда жаниб рагӀи дандеккунгутӀаби дагьал рукӀинчӀо. Цо-цо политикиял къуватазе къваригӀун букӀана Халкъияб Собрание кидаго исполнительнияб властьгун дагӀба-рагӀиялда букӀине. Цогияз абулеб букӀана парламент сундаго гьоркьобеги лъугьинчӀого, киналгӀаги масъалабиги тӀуразаричӀо, ххвел-кӀечги гьабун чӀезе кколилан. Дица рикӀкӀуна гьезул цонигияб лъугьинчӀилан. Нилъер парламенталъ гьабулеб букӀана гӀезегӀан мухӀканго жинда тӀадаб хӀалтӀи ва гьеб гӀезегӀанго лъикӀ бихьулеб букӀана Федералияб даражаялдацин. КӀодо гьабилъун букӀинаро, нилъер гӀемерал законал рахъиялъул хӀаракатчилъи доб заманалда революциялъун букӀанин абуниги. Цогиял регионазда данде ккун Дагъистаналъул парламент гӀемерал рахъаз цебетӀураблъун букӀана. Цо соналъ дун Россиялъул бищунго лъик1ав спикерлъунцин рагӀизавун вукӀана.

Парламенталъул хӀалтӀулъ халкъалда рихьулел, кӀвар цӀик1к1арал интересал лъугьа-бахъинал гӀемерал рукӀана. Бачинин мисал: Нижее бокьун букӀана, законалдаги Конституциялдаги мугъчӀвайги гьабун, Россиялдаго депутатазги тӀолабго халкъалъго гӀадин законалда цебе цого къагӀидаялъ жаваб кьолеб хӀукму къабул гьабизе. Лъиениги балъгояб жо гуро, гӀемерал къасдалги ишалги рацӀцӀадал гурел гӀадамаз унго-унгоял гьеб неприкосновенность абураб жоялъе гӀоло власталде рачӀине xlaракат бахъулеб букӀин. Депутатасул гӀаммаб законалда гьоркье ккунгут1и (иммунитет) гьезие хӀажат букӀуна жидер машинабазул, мал-мулкалъул, рукъ-бакӀалъул гьеб иш тӀадал идарабаз хал гьабичӀого тезелъун. Депутатал халкъалъул лагъзал гурелищ кколел? ХӀакъикъаталдаги щай гьезул хал гьабизе бегьулареб? Унго-унголъунги, бищунго цебе гьезул хал гьабизе ккола. Гьедин лъун букӀана нижецаги суал. Амма нижер хӀаракаталъул байбихьуда хӀасил ккечӀо, дандечӀеялъул хӀалтӀи букӀана гӀезегӀан кӀудияб. 1999 соналда Дагъистаналде хъачагъал кӀанцӀун хадуб гьеб х1укму гӀумруялде бахъинабизе кӀвана. Гьебго заманалда нижеца хӀалбихьана цоги кӀвар бугеб хӀукмуги къабул гьабизе - жидерго хасал мурадазда зах1матал такъсирал гьарун судалде ккарал гӀадамал депутатлъиялде риччангут1изе. ГӀезегӀан квал-квалалги дандчӀван, гӀакъубаги бихьун, кӀвана нижеда хӀукмуги гӀумруялде бахъинабизе.

Гьеле гьеб кӀиябго мисалалъги бицуна доб заманалда власталда кинаб ахӀвал-хӀал букӀарабали ва кигӀан захӀмат букӀараб пачалихъалъул низам щулалъизаби мурадалда дирго пикру цебе бачине.

Амма бакӀалъулал законал Федералиял законазда рекъон ккезаризе ккеялъул хӀакъалъулъ Москваялда хӀукму гьабун хадуб, нилъер прокуратураялъги хӀукму гьабуна гьел законал нахъчӀвазе. Ахирги гьедин гьабизеги ккана.

Щуго соналъ ниж къеркьана гӀисинал халкъазул хӀакъалъулъ закон къабул гьабизелъун. Байбихьуда гьеб закон букӀана Севералъул кьолболал гӀисинал халкъазул масъалаби хӀисабалде росун гӀуцӀараб. Гьелъ нилъер гӀезегӀанго халкъал къварид гьарулел рукӀана. Доб мехалда дун РФялъул Федерациялъул Советалъул член вукӀиндал, чанги нухалъ кӀалъазе вахъана гьеб законалъул бицун. Цогиязги дир рахъ ккуна ва закон хиса-басиял гьаризе чанго нухалъ Пачалихъалъул Думаялде тӀадбуссинабуна. Дагьистаналъул предложениялги хӀисабалде росизелъун. Щуго соналдасан къабул гьабуна гьеб закон Дагьистаналда нижеца бихьизабураб куцалъ.

Дица рехсолел руго доб заманалъул цо-цо мисалал.

Просмотров: 432 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz