Пятница, 29.03.2024, 12:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Август » 7 » «ПОЛИТИКАЯЛЪУЛЪГИ БУК1ИНЕ ККОЛА ЯХ1-НАМУС»
17:16
«ПОЛИТИКАЯЛЪУЛЪГИ БУК1ИНЕ ККОЛА ЯХ1-НАМУС»

Дица рехсолел руго доб заманалъул цо-цо мисалал. РакӀалде щвезабичӀого гӀоларо Скалистый шагьаралъе нилъер цӀар арав бахӀарчи-подводник МухӀамад ХӀажиевасул цӀар тӀадбуссинабиялъе нижеца бахъараб хӀаракатги. ГӀемераб дагӀба-рагӀи ккана гьеб шагьаралъе бахӀарчи - дагъистаниясул, кавказалъуласул цӀар кьезе цӀакъго цӀакъ дандечӀун вукӀарав Жириновскиясулгун. Гьес абулеб букӀана Кавказалда гӀурусазул солдатал чӀвалеб заманалда, дагъистаниясул цӀар гӀурусазул шагьаралъе кьезе кинго бегьуларилан. Гьеб мехалда дун ана Мурманск областалде ва гара-чӀвариял гьаруна гьеб регионалъул нухмалъулезулгун. Ахир-къадги нилъер мурад тӀубана. Гьеб ишалъулъ кӀудияб хӀаракатчилъи бихьизабуна Скалистый шагьаралъулги Мурманск областалъулги нухмалъулез.

- Халкъияб Собрание хӀалтӀана Дагьистаналъул тӀадегӀанаб пачалихъалъул идаралъун букӀараб Пачалихъалъул Советгун цадахъ республикаялъул цогоял масъалабиги мурадалги тӀуразарулаго, абухъего, цоцазда хьибил цун. Гьеб букӀана гӀемермиллатазулаб нилъер республикаялда коллективияб президент хӀисабалда. Щиб дуца абилеб гьеб цадахьаб хӀалтӀул хӀакъалъулъ ва кинаб кӀвар букӀараб Дагъистаналъул цӀияб тарихалда гьеб идараялъул ?

- 90 абилел соназул байбихьи букӀана Дагьистаналъул пачалихъалъул г1уцӀиялъеги республикаялъул власталъеги хӀалбихьиялъул заманлъун, гьелъул бажариги къвакӀиги борцунеб экзаменлъун. Доб политикияб рахъалъ захӀматаб заманалда Пачалихъалъул Совет гӀуцӀи букӀана битӀараб ишлъун. Дагъистаналъул киналго халкъазул интересал хӀисабалде росулеб пачалихъ­алъул нухмалъиялъул идара доб мехалда чара гьечӀеблъун букӀана.

СССР биххаралдаса хадусел 1991-1994 сонал нилъер тарихалда рукӀана цебеселдаса улка рикӀкӀалъараб, цӀиябги жеги гӀуцӀичӀеб, цо гӀуцӀиялдаса цогиялде рачӀиналъулаб, заманлъун.

Гьеб заманалда Дагьистаналда байбихьана миллиял багъа-бачариязул хӀаракатчилъи. «Тенглик», «Садвал», «Цадеш», «Бирлик» ва гӀемерал цогидалги гӀуцӀаби лъугьана хӀакъикъиял къуваталлъун. Щибаб миллаталъул рижана жиде-жидер багъа-бачариял. Гьезул цо-цоязе бетӀерлъи гьабулеб букӀана сабруги, бичӀчӀиги бугел, ахӀвал-хӀалалъе битӀараб къимат кьезеги лъалел гӀадамаз. Цоги гӀуцӀабазулин абуни рукӀана хӀакъикъияб ахӀвал-хӀалалъухъ балагьичӀого, кинабго жидеца абухъе букӀине кколин чӀарал бутӀрул. Гьез цо-цо мехалъ цере лъолел рукӀана тӀуразарунцин бажаруларел т1алабал. Камун рукӀинчӀо жидеего цӀар-реццалъе гӀологи цоги цоги тӀок1лъаби ралагьизелъунги лъугьунелги. Гьединаз халкъалда гьоркьоб багьа-бачари ккезабизе хӀаракат бахъиялъул хӀужабиги камун рукӀинчӀо.

ХӀажаталлъун кколел рукӀана, ахӀвал-хӀал хӀалуцунгутӀизе, щибаб суалги гӀакъилго борца-къотӀун гьел гӀадамазулгун кидаго гара-чӀвариял гьаризе. КӀудияб хӀинкъи букӀана республикаялда унго-унголъунги ax1вал-хӀал хӀалуциналъул. Верховный Советалда кӀвана батӀи-батӀиял рахъаздаздаса рачӀунел гьединал гьужумал нахъчӀвазе. Цо-цо гьалагал гӀадамаз цо нухалда гуро суал борхараб дун, МухӀамадгӀали МухӀамадов ва цогидалги советияб заманалъул нухмалъулел цӀияб власталда хӀалтӀизе бегьуларилан. Гьединал чагӀи доб мехалда нухмалъиялде ккун рукӀаралани, республикаялда кинаб хӀал букӀине букӀарабали хӀисаб гьабизе жакъа захӀматаб жо гуро. Кколаан доб заманалда гьезухъ гӀенеккизеги, гьезулгун берцинго гара-чӀвариял гьаризеги, гьебго заманалда ахӀвал-хӀал хӀалуцунгутӀиялъе тадбирал гьаризеги. Гьеб букӀана цӀакъ кӀудияб жавабчилъиялъул иш. Цадахъаб хӀалтӀуца хӀасилги кьуна. БатӀи-батӀиял къуватазул интересал ращадго цӀунулеб пачалихъияб нухмалъи доб заманалда киназего данде кколебги санагӀатабги букӀана.

- Советияб Дагъистаналъул нухмалъулев хӀисабалдаги, хадубккунги республикаялдаго цадахъ дудаги дандчӀвана Совет Союз биххиялъулги, социалияб хӀалуциналъулги, миллатазда гьоркьосеб рагӀидандеккунгутӀабазулги лъугьа-бахъинал. Кинаб къимат дуца кьолеб доб заманалъе жакъасеб къоялъул борхалъудасан балагьараб мехалъ? Щиб гьабизе кколеб букӀараб ва щиб гьабичӀого тезе кколеб букӀараб республикаялда ахӀвал-хӀал батӀайиса букӀинелъун?

- Доб букӀана кинабго гӀаксалдехун сверараб, хӀатӀал эхеде, бетӀер гӀодобе буссараб заман. Парламенталде ккун рукӀана щибго жо бичӀчӀуларелги гӀадамал. Масала, вукӀана цо депутат дица сессия рагьилалде трибунаялда эхетулев. Дуе щиб абизе бокьун бугебин гьикъидал, гьес абулаан дие халкъалда цеве вахъун кӀалъазе бокьун бугилан. Гьединаб суал жакъа нилъеца гьоркьоб лъолеб гьечӀин дица абидал, гьев чӀолаан: те гьел партиялъул къагӀидабиян. Гьедин кколаан кидаго. Жакъа гьеб махсаро хӀисабалда ракӀалде щвезабизе бегьула. Амма доб заманалда гьеб букӀана цӀакъ хӀинкъи цӀикӀкӀараб иш. Парламенталда ккараб бокьараб дагӀба-рагӀиялъул хӀасил ки­наб ккелебали лъалароан. Майданалде ракӀарулаан гӀемерал гӀадамал. ЗахӀматаб социалиябгун экономикияб хӀал жидерго мурадазда хӀалтӀизабизе хӀаракат бахъулелги чагӀи рукӀиндалха. Митингалги ахӀи-хӀурги гӀемерал рукӀана. УргъичӀого абун борчӀараб цо рагӀиялъги республикаялда цӀа бакизе рес букӀана.

Нилъер тарихалда цӀакъ хӀалуцараблъун букӀана Дагъистан Россиялда гьоркьоб гьелъул субъектлъун букӀине ккеялъул тарихияб хӀукму гьабулеб заман. Гьеб суал хӀабургъинабулеб букӀана Чачан Республикаялда ккарал лъугьа-бахъиназги, Жовгьар Дудаевас гьениб ккураб нухалъги. Гьеб низамалъ Дагъистанги рагъулъе цӀазе хӀаракат бахъулеб букӀана. Нилъер г1орхъуда гьарулел рукӀана яргъид гӀуцӀарал гӀадамаз гъалмагъирал, Дудаевасул хъачагъал кӀанцӀана Гъизляралде, лъала нилъеда Первомайскиялда ккарал талихӀ къарал ишал.

Республикаялда жанибги цебетӀолеб букӀана диниябгун политикияб экстремизм, социалиябгун динияб хӀалуцин. Гьарулел рукӀана террактал, рикъулел рукӀана гӀадамал, рижизарулел рукӀана Россиялда данде чӀарал пикраби гӀадамазулъ. Гьелъул хӀасиллъун ккана 1998 соналъул маялда яргъид гӀуцӀарал гӀадамаз Дагъистаналъул ХӀукуматалъул мина бахъи, Карамахи ва Чабанмахи росабалъ лъиего мутӀигӀлъуларел исламиял бакӀал лъугьин, ахирги 1999 соналда Дагъистаналде халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къукъаби Чачан Республикаялдасан кӀанцӀи.

Дагъистаналъул парламенталъ гӀемераб хӀалтӀи гьабуна гьел республикаялда рагъ-кьал ккунгутӀиялъе, иш гьединаб хӀалалде сверунгутӀиялъе. Гьеб бичӀчӀила Халкъияб Собраниялъул данделъабазда гьарурал дир кӀалъаял цӀаларазда. Амма пашманаб жо, кӀвечӀо гьеб гъалмагъир нахъчӀвазе.

Дагъистаналъул парламенталъги гӀемераб хӀалтӀи гьабуна 1999 хъачагъазул къукъаби рачахъиялъе. Лъугьун бугеб ахӀвал-хӀалалъул бицун дун гӀемер кӀалъазе ккана Москваялда гуревги, Брюсселалдаги Берлиналдаги халкъазда гьоркьосел батӀи-батӀиял данделъабазда.

Рес букӀанищ Дагъистаналда гьел талихӀкъосарал лъугьа-бахъинал ккечӀого хутӀизе? БукӀана. Нух къазе кколаан криминалиялги криминалазде гӀагаралги гӀадамазе ва батӀи-батӀиял кланазе нухмалъиялъул ишазде рачӀине. Гьединго кколаан, кинаб нух батунги власталда хутӀизелъун гуреб, дагъистаниязул гӀаммал мурадазда рекъон иш гьабизе. Гьеб букӀана дол соназда гьарурал дир киналго кӀалъаязул магӀнаги.

- Халатаб ва бигьаяб гуреб нух букӀана дур политикаялда. Щал дуца рикӀкӀунел дурго аслиял мугӀалимзабилъун, щал дуе кколел политика­ялда хиси гьечӀел къадруял гӀадамаллъун? Дурго политикиял оппонен-таздехун кинаб бербалагьи букӀараб ва гьабсагӀатги хутӀараб дур? Щал дуца рикӀкӀунел дурго политикиял гьалмагъзабилъун?

- Дие битӀккана. Дие кӀалъа-бацазе рес щвана ГӀабдурахӀман Данияловгун. 12 соналъ хӀалтӀана райкомалъул секретарлъун МухӀамадсалам ГӀума-хановас Дагъобкомалъе нухмалъи гьабулеб заманалда. Хадуб щуго соналъ вукӀана МухӀамад Юсуповгун цадахъ. Гьел ккола тӀадегӀанаб даражаялъул дагъистаниял. ЦӀакъ кӀудияб асар гьабуна дие Данияловас. Гьес цӀакъ гӀадатияб къагӀидаялъ абуна дида политикаялда бищунго аслияб жоялъул хӀакъалъулъ. ГӀабдурахӀман Данияловичас абуна политикияб хъулухъалда, хасго гьеб кӀудияб бугони, къосине рес бугел гӀемерал лахӀзатал рукӀунин. ХӀакимлъиялъул хӀалтӀи бокьа-бокьарав чиясда хӀехьезе кӀолеб хӀалбихьи гурин. Гьес абуна нухмалъиялъул хӀалтӀуда цӀакъ гӀемерал, квалквалал дандчӀвазе рес бугин. Гьелъ чиясда тӀадаблъун гьабулин жиндирго цӀарги, чилъиги, къадруги цӀунизе. Жеги гӀолохъанго вукӀиналъ, дос бицаралъул гӀемераб жо жеги дида бичӀчӀулеб букӀинчӀо. Дос абуна, нухмалъиялъул хъ­улухъалда хӀалтӀулев чиясе жиндирго гӀагарлъицин унго-унгояб хӀалбихьилъун букӀунин. ЦӀакъго къиматал рукӀана гьесул пикраби нухмалъулесул намус-яхӀалъул хӀакъалъулъги. ГӀабдурахӀман Данияловасул пикраби хӀажатал рукӀана советияб заманалдаги, кӀвар цӀикӀкӀарал руго жакъа къоялдаги.

Дица цӀакъ хӀурмат гьабулаан Евгений Примаковасулги. Гьев вачӀун вукӀана Дагъистаналдеги, гьудуллъи букӀана Расул ХӀамзатовасулгунги. Гьединлъидал ниж мех-мехалда дандчӀвалаан. Гьесие бокьулаан Дагъистан ва дагъистаниялгун дандчӀвалаго, нилъер къагӀидаялъ «Ассаламу гӀалайкум!» - илан абулаан.

- Дуца президентлъи гьабулеб цӀияб къарнуялъул авалги расги бигьаяб букӀинчӀо. Экстремизмалъул жигарчилъи цӀикӀкӀараб, террактал гӀемераб, машгьурал гӀадамал чӀвалеб, гьелде тӀадеги экономикияб рахъалъ цӀакьго нахъе республика ккараб заман букӀана гьеб. Социалиябгун экономикияб ахӀвал-хӀал рукӀалиде бачиналъе щиб гьабун бажарараб дол соназда? Кинаб букӀараб аслияб цебетӀей ва гьабичӀого щиб хутӀараб гьеб заманалда?

Дагъистаналъул президентлъун дун вищана 2006 соналъул авалалда. Гьеб заманалде щуго сон ун букӀана хъачагъазул къукъаби щущахъ риххизаруралдаса. РакӀалде кколаан республикаялъул гӀумруялъул цӀияб тӀамач рагьанин ва Дагъистан кинабго рахъалъ цебетӀезабизе байбихьизе бегьилин. Амма гьеб лъугьинчӀо. Дагьабго заман гьоркьоб индал цӀидасан байбихьана террактал, гӀадамал рикъи, республикаялдаса гӀадамал къватӀире ин. Дун президентлъун вачӀинегӀан кӀиго соналъ (2004-2005с.с.) гьарун рукӀана бищунго гӀемер террактал. 1999 соналда рагъ бугеб заманалдасаги чӀван ва лъукъун рукӀана гьел соназда халкъалъул парахалъи цӀунулел идарабазул ва цогидалги гӀадамал. Экономикаялдаги букӀинчӀо расниги лъик1аб хӀал. 50 проценталдасаги цӀикӀкӀун гӀадамал хӀалтӀулел рукӀана жидеего щолеб хайирги балъго гьабун. Даран-базаралъул ва рукӀа-рахъиналъул хъулухъазулги бащадалги рукӀана балъгояб къагӀидаялъ хӀалтӀулел. Гьел ва цогидалги нилъер республикаялда ругел гӀунгутӀаби рихьизарун рук1ана Россиялъул президентасул ЮФОялда вугев вакиласул аппараталъ х1адурараб «Дагьистан Республикаялда бугеб ахӀвал-хӀал ва гьеб рукӀалиде ккезабиялъе гьаризесел хӀалтӀаби» абураб справкаялда. Нилъер республикаялъул цо-цо газеталгун журналазда бахъунги букӀана гьеб.

Дир масъала букӀана республика гьел киналго гӀунгутӀабазул хьуц1илъа къватӀибе бахъи. Нижеца байбихьана гьеб хӀалтӀи модернизациялъул нухаздалъун. Ресалин абуни цӀакъго мукъсанал гурони рук1инч1о. Квал-квалал гӀемерал рукӀана: тухумчилъи, политикаялдаги экономикаялдаги хъизамчилъи, гражданлъиялъул обществоялъул институтал загӀипал гурони рукӀинчӀелъул хӀалтӀи бажарулел гӀадамал гьечӀолъи ва цоги цогидалги рахъал.

Амма хадубккун иш лъикӀлъизе букӀиналде хьул бихьизабулел хӀужабиги рукӀана (идеологиял, экономикиял ва социалиял). Жеги цӀунун хут1араб промышленнияб ва гӀелмиябгун техникияб инфраструктура, захӀматалъул сурсатал, гӀелмиял, маданиял ва лъай кьеялъул ишазе гӀадамал рукӀин. Гьоркьохъеб классалдаги дагь-дагьккун рухӀ речӀчӀулеб букӀана.

Политикияб хӀалтӀи цебе бачунеб букӀана нухмалъиялъул идарабазде халкъалъул божи бижиялде, гражданлъиялъул обществоялъул ва правовияб пачалихъалъул кьучӀал гӀуцӀиялде, нухмалъиялъул къагӀида демократияблъун лъугьинабиялде, экономикиябги социалиябги цебетӀеялъе шарт1ал гӀуцӀиялде ишанги босун. Гьелъие квербакъана административияб, пачалихъалъул хъулухъазул ва бакӀалъулаб самоуправлениялъул, бюджеталъулгун налогазул бутӀаялъул реформабаз. ГӀуцӀана пачалихъалъул хъулухъазде конкурсалъулаб нухалдалъун гӀадамал росиялъул къагӀидаги.

Нижеца кидаго кӀвар кьолеб букӀана инфраструктура цӀигьабиялъул ва цебетӀезабиялъул, энергетикаялъул, телекоммуникациялъул, хасго мугӀрузул районазде нухал гьариялъул ва газ бачиналъул суалазде. Цо гара-чӀвариялда киналъулго бицине рес рекъеларо. АбичӀого гӀоларо, исполнительнияб власталъул Федералиял идарабаз, хасго Россиялъул Федерациялъул президент Владимир Путиница унго-унголъунги рахъ кколеб букӀана киналго нижеца байбихьарал ишазул. Хасго ракӀалде щвезабизе бокьун буго Дагъистаналъе кӀвар цӀикӀкӀараб лъугьа-бахъинлъун букӀараб 2008 соналъул февралалда гьес Болъихъе гьабураб сапар. Президентасда цадахъ рукӀана лъай кьеялъул, сахлъи цӀуниялъул, транспорталъул, жанисел ишазул, оборонаялъул министрал, ФСБялъул директор, ГазпромОАОялъул правлениялъул предсе­датель, цогидалги жавабиял гӀадамал. Гьениб хӀукму гьабуна гендерил тон­нель цӀигьабун къачӀазе, Дагъистаналъул мугӀрузул районазде газ бачине, республикаялъул энергетика цебетӀезабизе, нухал гьаризе.

ЛъикӀлъана Дагъистаналда диниябгун политикияб экстремизмалда данде гьабулеб къеркьей. Рихьулел хӀасилал рукӀана гӀадамазе рукӀа-рахъиналъе шартӀал лъикӀлъизариялъул рахъалъги.

Пашманлъизе ккараб хӀужа, Владимир Путин Россиялъул президентасул хъулухъалдаса ун хадуб ахӀвал-хӀал хисана. Медведевасул заманалда, жиндирго гуреб гӀайибалдалъун захӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккараб регион хӀисабалда Дагъистаналдехун гьабулеб бербалагьи хисана, дандбан хӀалтӀи гьаби лъугӀана. Гьеб киналъулгоги цогидал масъалабазулги хӀакъалъулъ дица хъван буго кватӀичӀого Москваялда къватӀире рачӀине ругел дирго тӀахьазда.

- Мун политикияв хӀаракатчи гуревги, жамгӀияб ва миллатазул гьоркьосеб разилъиялъул суалазда тӀад хӀалтӀулев гӀалимчиги вуго. Гьел масъалабазул теориялда тӀад хӀалтӀизе гуребги, республикаялъул нухмалъулев хӀисабалда дурго гӀелмиял концепциял хӀакъикъияб гӀумруялде рахъинаризеги ккана дуца. ГьабсагӀат сунда тӀад мун хӀалтӀулев вугев?

- РАНалъул Философиялъул институталда гьабсагӀатги дун хӀалтӀулев вуго разилъиялъул хӀакъалъулъ теория хӀадур гьабиялда тӀад.

Гьеб институталъул сборникалда бахъана дир «Социализм: философская истина и аксиологические правдоподобие» абураб макъала. Цогияб макъалаялда цӀар буго «Глобализация и международный терроризм» абун.

Дир лъикӀаланго макъалаби руго территориалияб цебетӀеялъул социалиялгун философиял масъалабазул бицарал. Гьеб темаялъе сайгъат гьарурал руго дагьаб цебегӀан Москваялда къватӀире речӀарал дир «Выбор курса» ва «Неожиданный поворот» абурал тӀахьал.

- ТӀадегӀанал хъулухъазда ругел нухмалъулел гьарулел ишазул гӀемерлъиялъ къасиги къадги хутӀула хӀалтӀуда, гӀемер ине ккола командировкабазде. Гьединлъидал, хьизан-лъималазда, г1ага-божаразда гӀемер рихьизе щоларо. Щиб дуца абилеб дурго хъизан-лъималазул хӀакъалъулъ. Кинаб асар гьезие гьабураб дур гӀемер соназулаб малъиялъул хӀалтӀуца?

- Дун вуго, хъулухъалъул ишалъе тӀири хутӀичӀого жиндирго заманги тӀолабго жигар-жанги кьурал гӀадамазул цояв. Гьединлъидал, дун рег1ич1о хъизаналде, лъималазде, гӀагарлъиялде. Дир тӀолабго заман хӀалтӀуда унаан. Хъизан-лъималазе кьезе гьеб цӀакъго дагь гурони хутӀулароан. Гьанже х1аракат бахъулеб буго гьеб кинабго хисизабизе, битӀизабизе. Доб заманалда жидедасаго рикӀкӀалъаралъухъ гьанже дидаса хъизан-лъималаз рец1ел босула (велъула).

Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMAДОВАС.

Просмотров: 477 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz