Пятница, 03.05.2024, 17:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Декабрь » 11 » ПАЧАЛИХЪИЯВ ХlАРАКАТЧИГИ ГlЕЛМУ КАМИЛАВ МУЪМИНЧИГИ
15:49
ПАЧАЛИХЪИЯВ ХlАРАКАТЧИГИ ГlЕЛМУ КАМИЛАВ МУЪМИНЧИГИ

Нилъер цересел умумузул г1умру буго къадру-ях1алъулги иман буголъиялъулги унго-унгояб мисал. Гьел киналг1аги г1умруялъул зах1малъабаз къуркьизарич1о, кинаб бук1аниги х1укуматалъул низамалъ свинабич1о гьезулъ исламияб бич1ч1и. Гьединаздасан цояв вуго гъоркьехун макъалаялда жиндир бицунев Х1ариколоса Сулейманов Набиги.
Гьесул жигаралдалъун чанго маг1арул росулъ рагьун руго школал, анц1-анц1 г1олилазе щун буго исламиябги светиябги лъай. Х1ал алжаналда батаги жиндир.

Чанго соналъ цебе Набил вас Мух1амадкамилица Хъах1аб росулъе  хъвараб кагъаталдаса.
Хириял школалъул нухмалъулел, школлъимал ва Хъах1аб Росдал жамаг1ат!
Дун вуго Х1ариколоса Сулейманов Набил вас Мух1амадкамиль.
Дун Хъах1аб Росулъе жеги щварав чи гуро, амма инсул бицадалъун дида лъала Хъах1аб Росдал г1адамал аваданал, разиял, сахаватал, гьобол-гьудул хириял чаг1и рук1ин. Гьединал гьел рук1инч1елани жакъа дица гьаб кагъатги хъвач1ого бук1ине рес бук1ана.
Т1оцебе инсул х1акъалъулъ хъванги дида интернеталда батана. Гьебги бугоан "История села Кахаб-Росо" абураб сайталда. Дир к1удияб, рак1-рак1алъулаб баркала буго гьеб сайт г1уц1аразе ва дир эмен рак1алде щварал Хъах1аб Росдал г1адамазе!

Кьуч1дасан босун бицани, хириял вацал, дир инсул биография байбихьараб ккола, киназулго г1адин, гьев гьавураб къоялдсан байбихьун. Досул паспорталда хъвараб къаг1идаялда гьавураб сонлъун бихьизабун 1901 сон бук1ана. Амма, х1акъикъаталда гьев гьавун вуго - 1904 соналъул 27 маялда. Совет х1укуматалъ жиндир заманаялда, киналго диниял т1ахьалали щай гурин, г1араб ва г1ажам алфавиталъ хъварал кверзул хъвай-хъваг1аялцин лъуг1изаризе, к1удияб жигар бахъанин бицунаан мунагьал чурадица. Гьелъул х1асилалдайин квералъ Къуръаназул раг1алда щиб, г1ажам т1ахьазул раг1алда щиб, рак1алде щвеялъе хъварал хъвай-хъваг1аялги т1аг1арал. Цебе заманаялда гьарураб къо-моц1 гьедин хъван толеб бук1ун буго. Дир х1исабалда, чурараб лъеда цадахъ лъимерги къват1ибе реххараб г1адаб жо гьабун буго ц1ияб власталъ. Паспортал кьолеб замана т1аде щварабго - г1емерисезул гьарураб заманаялъулъги г1емерал гъалат1ал риччан руго. Инсуца бицунаан, эбелалъ абухъе, жив гьавун вугила 12 абилеб рабиг1ул аввалалъ, мих1и баккулъ (нужеца г1ин т1аме гьеб ц1акъ къиматаб баяналде: мих1и баккулъ 12 рабиг1ул аввал, моц1рол гьижра-календаралда, г1ага-шагарго лъеберго соналда жаниб цо нухалъ гурони бук1унарелъул). Цо гьеб сордоялъ нижер Х1ариколо росулъ гьавун вуго к1иго вас. К1иясего, росдал машгьурав г1алимчияс, Мух1аммад авараг (с.т.г1.с.) гьавураб сордоялъ гьарурал рук1инги х1исабалде босун, Мух1аммад-Наби абурал ц1аралги кьун руго. 

Эмен, бицанихъе, гьит1инаб къоялдасаго ц1акъ пагьму бугев, кинабго г1елмуялде г1ищкъу бугев чи вук1ун вуго. Гьединлъидалин гьев живго лъик1ав лъугьун, г1араб мадрасаги лъуг1арав чияс, латин-алфавит ва элдаги хадуб кириллицаги лъазабураб. Гъов вук1ана жиндирго лъайги, бажариги цебе ц1ут1изабизе бокьуларев, гъваридго ургъун гурони раг1иги абуларев, кутакалда жигарав, к1вах1 гьеч1ев чи.

1931 абилеб соналъин бицунаан, мунагьал чураяс, Буйнакскиялда рагьарал педагогикиял курсазде ц1ализе рит1арал Х1ариколоса гьавги ва Гьоц1алъа гьалмагъги рогьалил хъах1лъи лъарабго рахъун руго росулъа ва лъелго ун руго Буйнакскиялде. Буйнакскиялде жанире лъугьунеб заманаялъ жидеда къаде как ах1улеб раг1анилан бицунаан дос. Нужецаго сурат цебе ч1езабеха киг1ан нух тун бугеб к1иявго г1олохъанчиясали.
Жигарчилъиялъе цоги мисал бачинин. Жиндирго эмен зах1матаб унтиги ч1ван бусада вегун ккараб мехалъ гьесде ваккизе ва гьесие жиндаса бач1араб кумек гьабизе гьев щибаб къойил, дарсал кьун лъуг1арабго Харач1иса Х1ариколовеги вач1унев вук1ун вуго ва нахъисеб къоялъ радалалде т1ад вуссун дарсаздеги щолев вук1ун вуго. Доб заманаялъин абуни, рагъул заманги бук1ун, цо минуталъ дарсде кват1унин абун цо учитель лъабго сонги кьун жанив т1амизе судалъул х1укму бук1анила.

Цох1о Хъах1аб Росулъ гуребги, инсул жигаралдалъун школал рагьун руго, ва директорлъун х1алт1ун вуго нижерго росу рик1к1инч1ого, Г1урк1ач1и, Г1ашилт1а, Зирани, Мокъсохъ, Игьали, Харач1и росабалъги.
Дида лъай лъаралдаса эмен ватана муъминчилъун. Дида лъаларо гьес как тараб заман. Амма гьедин бугониги, цо нухалъ досул кагътазулъ хъирщадилаго дида батана цо членский билет. Гьебги бук1ана "Союз воинствующих безбожников" - абураб г1уц1иялъул билет. "Мун лъазего лъач1ого безбожник вук1ун вугогури" - ян дица махсаро гьабураб мехалъ дос бицана гьаб хабар.
Х1оццоса Нажмудинил рукъзал рахъулеб къоялъ гьеб рагъулъе, дора рагъулел большевиказе къай-къоноги босун, нижер Х1ариколо росуги баг1арал партизаназул росу бук1иналъ, эменги цоги асдаго г1ел бащадав цо гьалмагъги рит1ун руго, х1амузт1а лъун къайигун, Х1оццоре. Доре ал щвелалде Х1оцоб росуги бахъун, Нажмудинил рокъор большевикал ратун руго. Ц1а гъезе х1адурун азбаралда бак1арун Нажмудинил рукъалъул къайи-къоно ва т1ахьалги ратун руго. "Азбаралда рак1арарал т1ахьал гурелги, цо к1удияб х1уржа рукъ г1одоса т1араде щун ц1ураб библиотекаги бук1анила"- ян бицунаан дос. Гьениса, ц1а гъун рух1изехъин рук1арал т1ахьазда гьоркьоса хъирщун ункъго х1ама ц1урал г1араб т1ахьал инсуцаги нахъе росун руго. Гьел т1ахьал сабаблъун, мац1ихъабазул г1арзаз жаниве ккезе вахъун, т1ахьал мажгиталде кьун щиб, цо-цоязухъе кьун щиб, т1аг1инаризе ккун руго.
Нухмалъиялъул, бет1ераб х1алт1уда вугев чиясе гьеб организациялде лъугьинч1ого рес бук1инч1ила, гурони, мун партиялдеги, х1укуматалдеги данде ч1арав рух1анияв вугин абун, араб бак1 лъач1ого т1аг1инавизе ресги бук1анила. "Херал эбел-эменги, анлъго лъималги, хъизамги тун т1аг1ине рес жиндирги бук1инч1ила" - ян гьимулаан дов.
Цояб бер беццаб бук1иналдалъун, жиндицаго доброволецлъун рагъде ине хъвазавун вук1арав чи - эмен, Мах1ачхъалаялдаса комиссиялъ нахъги ч1ван, ц1идасан цебего бук1араб х1алт1уде, учительлъиялде, вит1ун вуго.
Х1алт1улъ бихьизабураб бажариялъе ва жигарчилъиялъе г1оло кьураб бук1ана инсуе "Орден Трудового Красного Знамени", "Орден Знак Почета" ва медаль "За доблестный труд в Великой Отечественной Войне".
1971 соналъ пенсиялде инег1ан рахьдал мац1алъул учительлъун Х1ариколо гьоркьохъеб школалда, пенсиялде ун хадуб воспитательлъун школалда цебе рагьараб интернаталдаги х1алт1ана гьев.
85 соналъул г1умруялде вахарав инсуца хвелалде цебе дида абуна г1адатияб гамач1 лъун гурони жиндир зани хабал агьлуялдаса бат1ияб, т1ок1 борч1араб гьабугеян. Гьел ахирисел раг1абазги бицунеб гьеч1ищха досул хасияталъул аслияб цо рахъ.
Хвана 1989 соналъул 15 абилеб июналда. Вукъана жиндирго эбел-инсуда аск1ов Х1ариколо росулъ. Аллагьас мунагьал чурун ратаги нилъер къадруял умумузул, гьезул лъик1абщинаб босизе тавфикъги сабруги кьеги щивасе.

Сулейманов Мух1амадкамиль, Х1ариколо росу.

Просмотров: 113 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz