Россиялъул тарих бечедаб буго кирго ц1ар раг1арал лъугьа-бахъиназдалъун, рагъаздалъун, гьезда бихьизабураб бах1арчилъиялдалъун, къо х1ехьеялдалъун, бихьинчилъиялдалъун. Кинаб заман босун хал гьабуниги, Россиялъул гуч, гьелъул ярагъ ва яргъилал къуватал рук1ана нилъер пачалихъалъул к1удияб ч1ух1илъун ва т1ей гьеч1еб бут1алъун.
Руго лъугьа-бахъинал, жидеца Россиялъул тарихалда мустах1икъаб бут1а лъурал. Гьел халкъалъул рек1елъ даималлъун гьариялъе, Ват1ан ц1унулаго хваразул ц1арал мустах1икъаб къаг1идаялда к1одо гьариялъул мурадалда 1995 соналдаса нахъе Россиялда к1одо гьарулел руго рагъулаб реццалъул къоял.
Гьединал рагъазулъ г1ахьаллъана нилъер районалдаса г1олохъабиги. Гьезул цояв ккола Хунзахъа Къебедов Х1амидги.
Нилъер Ват1аналде т1аде фашистияб Германия к1анц1араб 1941 соналъул июнь моц1алдаса нахъего, жиндиего бокьун г1арзаги кьун г1агараб Ват1ан ц1унулезул кьеразулъе ана Хунзахъ росулъа Къебедов Х1амид. Г1умруялъул 18 сон гурого гьеч1ев Х1амид, т1оцебе ккана НКВДялъул полкалде. Хадуб 1942 соналъул декабралда байбихьун вагъана 18 армиялъул кьвагьдохъабазул полкалда. Х1амид гьениве ккун г1емер заманго иналде, т1ад ругел командирзабазда бич1ч1ана гьесул г1амал-хасият: лебаллъи, х1инкъи гьеч1олъи, гьесда божизе бегьулеблъи. Гьединлъидал Къебедовасда т1ад къана ротаялъе старшиналъи гьабизе.
Гьес жиндего гьабураб божилъи кидаго рит1ухъ гьабуна. Кинаб т1адкъай кьун цевехун унев вугониги, гьеб т1ок1борч1унги т1убач1ого Х1амид т1ад вуссунароан. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьаб лъугьа-бахъиналъги.
1943 соналъул сентябралда Новороссийск шагьар эркен гьаби мурадалда, 18-леб армиялъ гьенибе десант рехула. Гьелда гъорлъ гьужумалъ унезул цебесеб кьерда вук1ана старшина Къебедовги. Амма иш нилъеразда рак1алда бук1араб къаг1идаялъ ккеч1ого, гьел тушманас сверун ккола ва ункъго сордо-къоялъ рагъулел рук1ана тушмангун. Гьеб бак1алда Къебедов Х1амидица бихьизабуна кутакаб бах1арчилъи ва х1инкъи-къай гьеч1олъи.
Гьев бищун цебе ворч1ана автоматчиказул группагун цадахъ ралъдал раг1алде ва жидеда цебе лъураб масъалаги т1убазабун тушманасул сверун кквеялдаса рорч1ана. Гьеб бак1алда цогидазул бицинч1ониги, живго Къебедовас т1аг1инаруна 15 немцазул солдатниги офицерниги. Танкалде данде рехулеб гранатаялъул кумекалдалъун гьес кьвагьизабуна тушманасул автомашина. Цогидал автоматчикал-десантниказги гьеб бак1алда бихьизабула к1удияб бах1арчилъи ва къох1ехьей. Автоматчиказул ротаялъул командир лейтенант Соколовас хъвалеб буго, Х1. Къебедовасул гьунар мустах1икъаб бугин Ват1анияб рагъул II даражаялъул орденалъе. Новороссийск шагьар эркен гьабиялъулъ десантникал-автоматчиказ бихьизабураб бах1арчилъи командованиялъ рик1к1уна ц1акъго пайда ц1ик1к1араблъун ва гьеб гьужумалда г1ахьаллъаразе кьола т1оцебе гьезие кьезе бихьизабун бук1араб шапакъаталдаса к1иго даражаялъ къиматаб «Баг1араб Ц1ва» орден.
Десантникал-автоматчикал кидаго плацдарм кквезе бищун цере рехулаан ва тушманасул кьабиги т1оцебе гьезда щолаан. Т1аде кумек щвезег1ан гьел, т1ад къараб буюрухъ т1убазабизелъун, бах1арчиго рагъулаан. Гьедин, 1944 соналъул 1 январалда Крымалда Севастополалде аск1обе рехараб десант тушманас сверун ккола ва гьениб унеб бук1араб вах1шияб рагъда зах1матго лъукъарав Х1амид асирлъуде ккола ва вит1ула Франциялъул Лиль шагьаралде. Гьениб гьесул гъеж къот1изе ккола. Америкаялъул армия т1аде щвезег1ан хут1ула гьеб шагьаралда. 1944 соналъул 2 сентябралда уна Франциялъул партизаназда цадахъ вагъизе ва 1945 соналъул август моц1алде щвезег1ан гьенивги вук1ун, фильтрациялъулаб комиссиялъул хал-шал гьабиялдаса хадуб эркенлъиги щун, т1ад вуссуна г1агараб Хунзахъ росулъе.
Росулъе щун хадуб гьев х1алт1ула Г1арани школа-интернаталда рагъулаб ишалъул ва физкультураялъул учительлъун. Цояб гъеж гьеч1ев вук1аниги, гьев гамач1 рехун бергьунаан, г1ебедеги эхедеги к1анц1улаан, волейбол х1алаан.
Росулъ бицунаан Франциялъул орден-медалалги рук1анин гьесул, г1емерго лъик1 лъач1ониги франг мац1ги лъалин гьесдаян. 1948 соналъ, цебе кьеч1ого хут1ун бук1араб «За оборону Кавказа» медальги бач1уна гьесие бит1ун.
Х1амид Къебедов нилъедаса ват1алъана 1965 соналда. Аллагьас ахират лъик1аб кьун батаги гьесие.
Н. Гlалиева.
|