Къалам кодоб ккунан керен бух1ич1ес
Рак1 асир гьабулеб сарин хъваларо,
Г1адамал рихарас, ват1ан бокьич1ес
Рокьул ц1урал куч1дул кодой кьеларо.
17 апрелалда Хунзахъ культураялъул рокъоб т1обит1ана нилъер ракьцояв,
Мущулиса пагьму бергьарав шаг1ир Х1усенов Мух1амадил творческияб вечер.
Жиндирго 60-сонилаб г1умрудул юбилеялде
поэтас къват1ибе биччан бугоан «Хунзахъ
т1алъиялда т1егьараб сарин» абураб т1ехьги. Гьеб къват1ибе
биччаялъулъ гьабураб финансовияб квербакъиялъухъ юбилярас рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Х1.Дарбишевасе.
Жиндирго иргаялда
вечералда г1ахьаллъарав районалъул нухмалъулесги баркиялъулаб
к1алъаялда бихьизабуна Х1усенов Мух1амадил заманалъул т1алабазда
рекъарал, г1адамазул рек1елъе рортулел асараз
жамг1ият лъик1лъиялде, Аллагьасул нух кквеялде ах1улел рук1ин, гьарана
юбилярасе хадурккунисел творческиял
бергьенлъаби, халатаб ва сахаб г1умру, къалмие бег1ерлъи-гьунар.
Дагъистаналъул хъвадарухъабазул ва композиторазул союзазул
рахъалдасан вечералда к1алъазе рахъана
нилъер машгьурав шаг1ир Мах1муд-Апанди ва композитор Каримула
Г1абдулаев. Гьединго баркиялъулал раг1абигун, рак1алде щвеялъулал сайгъаталгун
цере рахъана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев З.Г1умаров, райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев,
Хунзахъ росдал администрациялъул бет1ер Х.Т1алх1атов, районалъул газеталъул ва телевидениялъул коллективазул ц1аралдасан
к1алъарав Гъ.Къурамух1амадов, мадугьалихъ ругел районазул вакилзаби ва гь.ц..
Залалда г1одор ч1аразул рак1ал сагьвил гьаруледухъ куч1дул
ах1ана маг1арулазе вокьулев коч1охъан
Мух1амадт1амир Синдикъовас, Шамсият Патах1овалъ, Хунзахъ РДНТялъул коч1ол
устарзабаз, пасих1го жиндирго куч1дул
рик1к1ана живго вечералъул
«г1айибиясги». Байбихьудаса бахъараб ахиралде
щвезег1ан берцинал раг1аби
абун, гьари-рахьиял гьарун мажлис
нухда бачана районалъул культураялъул
управлениялъул нухмалъулев Мах1ач
Х1асановас ва ДРялъул халкъияй артистка
Г1айшат Тажудиновалъ. Нилъецаги гьаризинха пасих1ав шаг1ир, лъик1ав муъминчи, х1ал-рак1 жубарав
инсан-Мущулиса Х1осенил Мух1амадие: щулияб сахлъигун, рек1елъ парахалъигун раралг1ан т1аде
г1умрудул соналги, талих1-рохелги. Хадусеб данделъиялда дуе халкъиявилан ц1ар кьезе данде
гьареги Бет1ергьанас нилъ. Амин.
П.Мух1амадова
|