9 февралалда райадминистрациялда тlобитlана налогал ракlариязул бицараб данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, РОВДялъул начальник Мухlамадхlажи Сайбулаевас, районазда гьоркьосеб налоговияб инспекциялъул вакилзабаз, райадминистрациялъул хlалтlухъабаз ва цогидалги иш тlаде кколел хlалтlухъабаз.
Районалда араб соналъ налогал ракlариялъул хlакъалъулъ бицана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас. Гьес абуна налогал ракlариялъул комиссиялъул председательлъун живго вукlаниги, араб соналъ комиссиялъ гьабураб хlалтlудаса жив рази гьечlилан. Мисалалъе, 2021 соналъ районалда бакlаризе кколеб букlараб 63 млн гъурщил транспорталъул налогалъул бакlарун буго гlицlго 15 млн. Гьединго районалда ругел гlемерисел даран-базаралъул точкаби росун рагlуларо налоговияб учеталде. Районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевги рази гьечlоан налогал ракlариялда хурхун гьабулеб бугеб хlалтlудаса. “Нилъеца цlакъ хашго гlуцlун буго налогал ракlариялъул хlалтlи. Киназего бокьула гурищ жидерго росулъ нухалги къачlазе, лъиналги рачине ва цогидал хlалтlабиги гьаризе. Амма лъицаниги цlехоларо гьеб кинаб гlарцуде гьабизе бугебан. Мисалалъе, районалда буго 19 “Гостевой домик”, амма гьезул 4 гурони налоговияб инспекциялда хъвай-хъвагlай гьабун гьечlо. Гьезулги киналго хlалтlухъаби лъун гьечlо учеталда. Гьединго налоговияб инспекциялда хъвай-хъвагlай гьабун гьечlо гlемерисел тукабазул ва гьенир ругел хlалтlухъабазул, лъун гьечlо кассовиял аппаратал. Киназулго гlайиб букlунаан жидее хlажатал шартlал гlуцlулел гьечlилан. Жакъа районаллда бизнесалъе къваригlанщинал шартlал гlуцlун руго ва гlуцlулелги руго. Къачlалел руго нухал, рачунел руго цlиял лъел мухъал, ралел руго цlи-цlиял хlохьбахъиялъул бакlал, чlей гьечlого рачlунел руго туристал. Амма законалда рекъон кьезе кколел налогал кьезе лъиениги бокьулеб гьечlо. Жеги шиб гlоларого бугеб бизнесменазе? ”- ян абуна гьес.
Данделъиялда гlахьаллъарав районалъул бизнесменазул ихтиярал цlуниялъул рахъалъ уполномоченный Гьимат Гlаммаевас бицана районалда налогал ракlариялда хурхун щай гьединаб ахlвал-хlал бугебали. “Гьеб буго киналго предпринимателазул бугеб гlузру. Гьадингоги гlезегlан захlматго гурони щоларо районалъул предпринимателазе хlалтlухъаби. Хlалтlухъабазул дагьабго къадар гурони учеталда лъун гьечlолъиялъе гlилла буго предпринимателаз гьезие гlоло налогал жидецаго кьезе кколел рукlин. Гьедин, киналго хlалтlухъабазе гlоло налогал кьун бизнесменазул хlал кlоларо, хlалтlухъабазул жидерго харжидаса тlаса налогал кколел ругони, гьел хlалтlудаги чlоларо. Гьединлъидал, киналго рахъазе дандеги кколеб цо гьоркьохъеб нух балагьизе ккола,” - ян жиндирго пикру загьир гьабуна гьес. Ахиралда районалъул администрациялда цебе гlуцlана Дагъистан Республикаялъул бюджеталъул тlаде бачlунеб бутlаялъул къадар цlикlкlинабиялъул рахъалъ комиссияги. Гьелъул членаз районалъул ихтиярал цlунулел, цlа ккеялдаса цlуниялъул ва цогидалги идарабазуд вакилзабиги гlахьал гьарун зама-заманаладсан тlоритlизе руго рейдал ва щибаб моцlрол ахиралда тlобитlизе буго гьабураб хlалтlул хlасилал гьарураб данделъиги. Гьединго хlукму ккана хадусеб анкьалъ районалъул киналго предпринимателалги данде ракlарун райадминистрациялда гlатlидаб данделъи тlобитlизеги.
И. Мухlамадов.
|