Дагьал церег1ан къояз республикаялъул тахшагьаралдаги нилъер районалъул Макьасда бак1алдаги рагьана имам Шамилил бах1арчияв наиб Х1ажимурадиеги
г1урусазул к1удияв хъвадарухъан Л. Н.
Толстоясеги памятникал. Гьал къоязда
Хунзахъ централияб библиотекаялъул х1алт1ухъабаз рак1алде щвезаруна росуцоял –
имам Шамилил наибзаби.
Бах1арчилъиялъулги къвак1иялъулги рахъалъ т1олабго
Имаматалдаго ц1ар арал Ахъбердил Мух1амадги, Х1ажимурадги, Хириясул Г1алибегги
рак1алде щвезаризеги, гьанжесеб г1елалда Кавказалъул рагъул бах1арзал лъик1
лъазеги мурадалда г1уц1араб дандеруссиналде, гьай-гьай, рач1ун рук1ана гьезул
ирсилал, Зах1маталъул ветеран Махулов Мух1амад, тарихчи Хъазанбиев Г1алибег ва
цогидалги. Бищун ц1акъ гьенире рач1ине кколелги х1ажалъиги бук1арал ва ц1алдохъабиги
учительзабиги гьенире рач1инч1о (гьезухъ балагьун г1емераб заманаялъ ч1ана
тадбир байбихьич1ого). Шамилил наибзабазул бицунаго тадбир бачана
библиотекаялъул х1алт1ухъан С. Х1асанбеговалъ. Библиотекаялъул х1алт1ухъабаз
г1езег1ан материал жанибе буссараб
лъик1го биццатаб альбомги гьабун бугоан наибзабазул г1умруялъул х1акъалъулъ.
Кавказалъул рагъ байбихьиялъе ккарал г1иллабазул, лъабавго
имам вахъиналъул, къокъго гьеб рагъул бицана тарихчи Хъазанбиев Г1алибегица. Гьес
рек1ехъе ц1алана рагъда хурхун умумуз гьарурал куч1дулги.
Ахъбердил Мух1амадил х1акъалъулъ бицине дандеруссиналде яч1ун йик1ана гьесул
наслуялъул ч1ужу Ахъбердиева Умужат.
Гьелъ бицана Ахъбердиласе имам Шамилил бах1арчилъиялъухъ кьолел рук1арал киналго г1аламаталги, мудир (генерал) абураб ц1арги щун бук1анилан.
Гьесул Чачаналда бук1араб яшавалъул наслабазда
лъалеб жо гьеч1о. Гьаний Х1ава абулей яс йик1ун йиго Мух1амадил.
Гьелдаса хадуб бищунго ц1ар
раг1арав наиб Х1ажимурадил х1акъалъулъ г1одорч1аразе бицана гьесул
наслуялъул руччаби Рапиг1атица, Бахуца ва
Гульжагьаница. Х1ажимурад ч1ван хадуб ц1акъ мискинаб яшавалда рук1ун
руго гьесул хъизан-лъимал.
Х1ажимурадил хоб буго Нухаялда. Гьесул къот1араб бет1ер
къаркъалаялда аск1об букъизе бокьун буго наслабазеги.
Ахъбердиласул хоб буго Гуршкурт абулеб бак1алда,
гьенибе зияраталъ ине рак1алда буго
гьесул наслабазда.
Тадбиралъул ахиралда к1алъазе вахъарав Махулов Мух1амадица
гьединал ц1ар раг1арал росуцоязул
х1акъалъулъ г1олел г1елазда лъазеги ккелин, гьеб лъазе гьез х1аракат бахъизеги
ккелилан абуна, жакъа гьадинаб пайдаяб дандеруссиналде лъимал
рач1инч1олъиялдаса жив пашман вугилан т1адеги жубана гьес.
П. Гунашева
|