Пятница, 29.03.2024, 10:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Март » 26 » НАИБАСУЛ Х1АКЪИКЪИЯБ СИПАТ ЦЕБЕЧ1ЕЗАБИЗЕЛЪУН.
21:11
НАИБАСУЛ Х1АКЪИКЪИЯБ СИПАТ ЦЕБЕЧ1ЕЗАБИЗЕЛЪУН.

Наибасул х1акъикъияб сипат цебеч1езабизелъун

Жидерго ракь, чияда бач1олъи, эркенлъи, дин ва хаслъи ц1унун Кавказалъул халкъаз бащдаб г1асруг1ан заманалъ Россиялъул империялде данде гьабураб рагъулъ бихьулеб бак1 ккола Шамил имамасул кваранаб кверлъун вук1арав, жиндир бах1арчиялъ ц1ар арав, машгьурав наиб Хунзахъа Х1ажимурадица. Амма наиб хваралдаса 150 ц1ик1к1ун сонал аниги жеги бахъун бук1инч1о раг1а-ракьанде щун, мух1канго гьесул г1умрудул х1акъалъулъ бицунеб т1ехь. Араб соналъул ахиралда басмаялде бахъана востоковедениялъул институталъул г1елмияй х1алт1ухъан, тарихиял г1елмабазул кандидат Пат1имат Тах1наевалъул «Хунзахъа Х1ажимурад» абураб т1ехь. Гьеб ккола наибасул х1акъалъулъ хъвараб т1оцебесеб г1елмияб бицен. Анлънусгоялдаса ц1ик1к1араб гьумералъул хъвай-хъваг1аялда бицунеб буго ХIХ г1асруялъул авалалда аваразул ханлъиялда бук1араб ах1вал-х1алалдасан байбихьун, 1852 соналъ Х1ажимурад ч1вазег1ан, ай 50 ц1ик1к1ун соназул Кавказалъул рагъул тарих. Гьеб т1охьоца рикьа-риххизаруна бах1арчияв наибасул х1акъалъулъ ругел кьуч1 гьеч1ел, х1атта, гьесул мунапикъ вахъинавиялде г1унт1унгицин харбал. Ункъо соналъ т1ехьалда т1ад халт1улаго тарихч1ужуялъ гьабун буго г1елмияб ц1ех-рех, жийго щун йиго тарихиял бак1азде, кьоч1ое босун буго к1удияб къадар тарихиял документазул, гьезда гьоркьор руго т1оцебе басмаялда рахъаралги.

4 марталда ц1ияб т1охьол презентация гьабизе Пат1имат Тах1наева яч1ун йик1ана наибасул Ват1ан – Хунзахъ районалде. Тадбир т1обит1ана Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда. Гьеб г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул, росдал советалъул ва «Х1ажимурад» тарихиябгун патриотикияб клубалъул цадахъаб х1аракаталдалъун. Маданияталъул к1алг1аялъул жанах1алъуб бат1и-бат1иял росабазул культураялъул х1алт1ухъабазул х1аракаталдалъун г1уц1ун бук1ана умумузул квен-т1ехалъул, рет1ел-куналъул ва т1аг1ел-алаталъул цебелъейги. Презентация байбихьилелде г1одор ч1аразда бихьизабуна ДРялъул Мустах1икъав артист ах1мад Закариевас ах1улеб «Кавказалъул гъалбац1» абураб наибасул х1акъалъулъ бахъараб видеоклип. Хадуб киназего саламги кьун жиндирго к1алъаялдалъун данделъи рагьана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас. «Байбихьизе ккела Хунзахъ районаладсан. Нилъер буго кутакалда бечедаб ва жеги раг1а-ракьанде щун бахъинч1еб тарих. Гьединлъидал, къват1иса вач1арав чиясе зах1матго бук1ина нилъер тарих бич1ч1изе. Амма гьеб бажарун буго Пат1имат Тах1наевалъухъа. Дол Кавказалъул рагъул соназда киналго рагъулел рук1ана жидерго Ват1ан, росу-ракь, къадру ва хъизан ц1унун. Х1ажимурад вук1ана имам Шамилил бищунго къуватал ва бах1арчиял наибзабазул цоявлъун. Гьесул гьунаралги рук1ана бат1и-бат1иял, цояздаса цоял бах1арчиял. Гьезул х1акъалъулъ хъвана Лев Толстоясги ва цогидал машгьурал тарихчаг1азгун хъвадарухъабазги. Дие т1олабго районцоязул рахъалъан рак1-рак1алъулаб баркала кьезе бокьун буго Пат1имат Ибрагьимовалъе нилъер бах1арчиясул х1акъалъулъ нижер районцояз хъвач1еб т1ехь хъваралъухъ», - ян абуна гьес. Тарихч1ужуялъе кьуна районалъул нухмалъулесул ц1арулаб саг1атги.

Пат1имат Тах1наевалъул г1умрудул, г1елмияб х1алт1ул ва риччарал т1ахьазул х1акъалъулъ бицана нилъер ракьцояв, ДГУялъул доцент, юридическиял г1елмабазул кандидат Мух1амад Аминовас. Гьес абуна библиотекабаздаги архиваздаги х1алт1улаго г1емераб заман баниги Пат1имат кабинеталъул х1алт1ухъан гурин, гьелъие кинабго жиндирго бераздалъун бихьизелъун киса-киего щвезе бокьулилан. Рак1алде щвезабуна т1ехьалда т1ад х1алт1улаго тарихч1ужугун цадахъ Ц1елмесибе гьабун бук1араб сапарги. Т1ехьалъул х1акъалъулъ чанго раг1и абуна жийго авторалъги. «Дица х1аракат бахъана гьаб т1охьода Х1ажимурадил ва Кавказалъул рагъул х1акъалъулъ бищунго к1вар бугел суалазе жаваб кьезе ва наибасул х1акъикъияб сипат-сурат цебе ч1езабизе. Киг1ан дихъа гьеб бажарун бугебали къимат кьезе биччан те ц1алдолес. Дица гьениб щивго т1амулев гьеч1о дир балагьиялда т1ад рекъезе. Дица ц1алдохъанасе рес кьолеб буго жинцаго пикраби гьаризе. Узухъда, бигьа бук1инч1о т1ехь хъвазе. Дун х1алт1ана 10 архивалда, халгьабуна азаргог1ан делоялъухъ, т1обит1ана к1удияб г1елмияб ц1ех-рех» - ян абуна гьелъ. Баркалаялъулаб к1алъай гьабуна росдал бегавул Хизри Т1алх1атовасги. Росдал рахъалдасан гьес гьелъие сайгъат гьабуна умумузулго бук1араб г1арцулаб рачел ва кьуна Хунзахъ росдал мустах1икъай гражданин абураб ц1арги. Гьединго к1алъазе рахъаразда гьоркьор рук1ана тарихчи Г1алибег Хъазанбиев, районалъул харабазул советалъул председатель Зубаир Гъайирбегов, Халилбег Ах1мадов, активист Г1арцул Шамил ва цогидалги. Гьел киназго баркала загьир гьабуна ва т1адег1анаб къимат кьуна Пат1имат Тах1наевалъул х1алт1уе. Байрамалъулаб бут1аялдаса хадуб республикаялъул Халкъияв артист Мух1амадт1амир Синдикъовас, Мустах1икъай артистка Г1айшат Тажудиновалъ, «Г1акаро» кьурдул ансамблялъ ва цогидазги балагьаразе кьуна гьит1инабго концертги.

И. Мух1амадов.    

Просмотров: 260 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz