Гьал къоязда гIумруялъул 80 сон тIубалеб буго Хунзахъ росдал жамгIияй хIаракатчIужу, гIун бачIунеб гIелалъе лъайгин-тарбия кьеялъе тIубараб гIумруго кьурай Ахъбердиева Умужат Иманшапиевнаялъ. Умужат ккола рагъул соназул лъимер. Лъабго сон барав васги, жеги эбелалъул ургьийго йигей ясги тун уна гьелъул эмен Ахъбердиев Иманшапи КIудияб ВатIанияб рагъде ва гьениса тIокIав тIадги вуссунаро. Бищунго захIматал рагъул соназ гIагараб ВатIан цIунизе арав бетIергьанчиги тIад вуссинчIого, бесдал лъималазул тIалаб-агъаз тIаде ккола гьелъул эбел Ахъбердиева ПатIиматиде. Гьелъ лъимал гIезарула намус бацIцIадаллъун, захIмат хирияллъун, магIарул гIадатги, гIаданлъи нухги цIунараллъун. Кьуна гьезие тIадегIанаб лъайги. ТIалхIат Иманшапиевич ккола тIадегIанаб категориялъул терапевт, Дагъистаналъул мустахIикъав врач, Умужат Шапиевна махщел камилай педагог. Умужатица 1964 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул педагогикияб институталъул филологиялъул факультет ва хIалтIизе ячIана гIагараб районалде. 1971 соналде щвезегIан хIалтIула ГIараниб гьоркьохъеб школалда гIурус мацIалъул ва литератураялъул учительницалъун. Хадуб гьей тIамула КПССалъул Хунзахъ райкомалъул гIаммаб отделалъул заведующаялъун. 1991 соналде щвезегIан, ай Хунзахъ райком биххизегIан гьенийги хIалтIун, 10-ялдасаги цIикIкIун сонал уна гьелъул Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда гIурус ва магIарул мацIазул учительницалъун хIалтIулей. Гьений хIалтIулелъул Умужатица гIун бачIунеб гIел куцана гIагараб ВатIаналде, рижараб ракьалде рокьи бугеллъун, малъана гьезда кIудияв Пушкинил, Лермонтовасул, Достоевскиясул гIурус мацI гуребги, нилъер магIарул ЦIадаса ХIамзатил, МахIмудил, ЧIанкIал, нилъер устарзабазул нилъее хирияб магIарул мацIги. Эбелалъулго гIадаб къисмат ккана ясалъулги. Жегиги гIисинал лъимал ругеб заманалдаго, гьелдасаги ватIалъана бетIергьанчи, лъикIав математик Къадиев Музапир. Умужатица лъидасаго лъикI къвал къана. Лъазе течIо ясазда эмен гьечIолъи. Доб эбелалъул заманалдагIадаб ракъиги, къечги, ратIликълъиги гьелъул лъималазда бихьичIо, щайгурелъул замана дагьаб цебетIураб букIиндал, букIаниги, 3 ясалъе тIадегIанаб лъай щвезабизеги, хъизан-рукъалде гьел руссинаризеги гIемер бигьа букIинчIолъи лъала цого-цо йигей чIужугIаданалъе. Ясалги Умужат Шапиевнаялъ куцана кIудиясул адабхъатир бугел, гьитIиналгун рекъон хIалтIулел, махщел камилал, хъизан-рукъ цIунарал лъикIал улбуллъун. КIудияй яс Наидаца лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул математикаялъул факультет, Фатимаца гьебго университеталъул экономикияб факультет, Байзатица Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталъул агрономиялъул факультет. Умужат йохун йикIуна гIадамазе пайдаяб ишалде, битIараб нухдасан ине ясал куцазе жиндихъаго бажариялдаса. ЧIухIула Умужат жинда цере цIалулел рукIарал цIалдохъаби лъикIал хъулухъ-ишазда рихьидал. Гьез жиндир гьабулеб адаб-хIурматалдаса, къотIной ятаниги, рекIинаюн машинаялдагун рокъое щвезаюлей йикIиналдаса. Пенсиялде ун йигилан Умужат гIодой чIечIо. Гьелъ гьабуна Хунзахъ росдал «Муслимат» обществалъе цебехъанлъи. ТIоритIулаан гьелъ диниял церехъабигун цадахъ батIибатIиял мажлисал ва конкурсал. Жигар бахъулаан гIун бачIунеб гIелалъул дин-исламалдеги рокьи бижизабизе. Умужат Шапиевна ккола газеталъул божарай гьудуллъунги. Гьелъие цIакъ бокьула магIарул маданиятгунадабият. Хъвала районалъул газета ва районцоялги ахIула районалъул матIу, рохалил чапар-газета хъвазе. Бокьун буго Умужатида баркизе гьаюраб къо, тIаде щвараб улбузул къо! Гьарула, Умужат Шапиевна, Дуе чорхое щулияб сахлъи, рекIее рохел, диналъе къуват. Камугеги мун лъималаздасаги гьезул лъималаздаги аскIоса дуего рокьаралгIан соназ.
Н. ГIАЛИЕВА
|