Макьасда балеб бугеб туризмалъулгун хӀухьбахъиялъул базаялда бук1ине буго г1урус адабияталъул классик Лев Николаевич Толстоясеги гьесул къисаялъул герой, Шамил имамасул наиб Х1ажимурадиеги памятник.Гьелъие кьуч1 т1амиялъул х1алт1абазде байбихьана араб анкьалда Макьасда. Кьоч1окье бетон т1елалде гьенибе Лев Николаевичасул хабатӀаса босараб ракь базе вачӀун вукӀана Толстоясул мина-мулк Ясная полянаялда бугеб музеялъул Пироговоялъул филиалалъул директор Геннадий Опарин. Гьединго гьеб тадбиралда гӀахьаллъана районалъул жавабиял хъулухъазда ругел ва памятник баялъулъ жигараб гӀахьаллъи гьабулел гӀадамал, МахӀачхъалаялдаса вачӀун вукӀана академик, ТӀанусиса ГӀалиев Шамил.
|