Воскресенье, 05.05.2024, 14:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 2 » ЛЪИК1АБ ТАДБИР-МЕСЕДИЛ БЕРТИН.
19:05
ЛЪИК1АБ ТАДБИР-МЕСЕДИЛ БЕРТИН.

Гьал  къоязда районалъул г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул нухмалъулев Дибирчуев Х1ажил ва гьесул коллективалъул жигарчилъиялдалъун районалъул К1ультураялъул к1алг1аялда т1обит1ана цогидал байрамазде дандеккунги меседилаб-50 соналъ цадахъаб берцинаб г1умруги гьабурал, лъик1ал г1адамалъе рахъарал лъималги г1езарурал, жидер г1умру, хьвада-ч1вади цогидал росуцоязе мисаллъунги кколел цо-цо  хъизаназул меседилаб бертин. Байрамалде ах1аразда гьоркьор рук1ана Хунзахъа Ленинил орденалъул кавалер, г1емерал соназ Хунзахъ, Хьаргаби, Гъуниб, Казбек районазда КПССалъул райкомалъул 1-сев секретарьлъун х1алт1арав Махулов Мух1амад ва Саг1адат, Хунзахъ КПССалъул райкомалъул 2-лев секретарьлъун х1алт1арав Гьиматов Гъазимух1амад ва т1олабго г1умру г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялда арай Рапиг1ат, К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран Г1алибегов Г1усман ва г1олилазул насих1атч1ужу, киназего кумек к1удияй Пат1имат, г1емерал соназ ветеринариябгин бактериологиялъулаб лабораториялъе нухмалъи гьабурав зах1маталъул ветеран Мух1амадов Дах1адада 50-ялдасаги ц1ик1к1ун соназ муг1алимасул х1алт1и рак1 бац1ц1адго т1убазабурай Къебедова Загьидат, зах1маталъул ветеранал, рагъул соназул лъимал, г1умру колхозалъул машинаялда арав Зубайир ва щвелелъдерил цеехъан, лъийго кумек к1удияй Умужат, т1олабго г1умру г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия-лъай кьеялда арал Цахаев Батал ва анкьго гьунар бугей муг1алим, богогьан, лъик1ай хурухъан, динияй Х1аракатч1ужу Жавгьарат, КПССалъул Хунзахъ райкомалда х1алт1арав, райисполкомалъе нухмалъи гьабурав Мух1амадинов Г1алиасх1аб ва г1умру культураялъе кьурай Дагъистаналъул мустах1икъай артистка Загьидат Г1арабова, 50 ялде г1агарун соназ росдал лъималазе гъваридаб лъайгин лъик1аб тарбия кьеялда х1алт1арал Мух1амадов Т1инч1ав ва гьесул  хъизан Умалфазлу, районалъул, росдал маг1ишат ва колхоз цебет1езабиялъе т1олго г1умру бичарал Гъонохъа Насрудинов Мух1амад ва Изах1ат, г1абадерил удаман,  сундулго цевехъан Гъазимух1амадил Мух1амад ва цеет1урай доярка Пат1имат.

Данделъаразда меседилаб байрам баркизе рач1ун рук1ана райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель С. Батиров, районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиева, г1адамал социалияб рахъалъ ц1униялъул  управлениялъул начальник М. Г1умаров, ЗАГСалъул отделалъул заведующая А. Г1умарова, районалъул ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиев, «Экспресс» банкалъул нухмалъулев Ш. Х1усенов ва гьел гурел г1емерал цогидалги.

Г1емерал рук1ана 50 ва жеги ц1ик1к1унги соназ рохелги, пашманлъиги, къварилъабиги, зах1малъабиги г1ахьал гьарун цадахъ унел меседил бертадул бах1аразе рохелги, сахлъиги, халатаб г1умруги гьарарал баркиял.

Г1умру берцинал, дандч1варал зах1малъабазе къуркьич1ел, бащадаб г1асруялъ цоцазде адабги рокьиги ц1унарал хъизаназул х1урматалда районалъул культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабаз ах1ана куч1дул, гьаруна кьурдаби. Районалъул централияб библиотекаялъ гьарун рук1ана гьезул жив-живасе сайгъат гьарурал куч1дулги.

Балагьаразул рак1азе к1удияб асар гьабураллъун лъугьана районалъул ЗАГСалъул отделалъул заведующая А, Г1умаровалъ юбиляразе рак1алде щвеялъе меседил медалал, лентаби ва хъизан гьабиялъул х1акъалъулъ свидетельстваби кьеялъул бах1аразул х1урматалда гьабураб торт къот1иялъул лах1заталги.

Кеп-ихтилат, махсаро-хоч1. Унго гьал жакъасел бах1аразул берцинлъи! Бадибе ралагьидал гьезул гьурмада бугеб гьимиги, рохелги бихьараб мехалда рак1алде кколеб бук1ана гьел бащадаб г1асруялъ цебего г1адин, додиналго г1олохъанал, додиналго гьайбатал ругин, гьел щибниги хисун гьеч1ин абун.

Рохалилаб тепсиялда нахъа г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул нухмалъулев Дибирчуев Х1ажица юбиляразда гьоркьоб г1уц1араб кьурдул  конкурсалда 1-себ бак1 ккурав Цахаев Баталие, 2-леб бак1 щварав Мух1амадинов Г1алиасх1абие, 3-леб бак1алде  вач1арав Насрудинов Мух1амадие ва киналго меседил бертадул бах1аразе кьуна жидерго рахъалдасан сайгъатал, гьединго сайгъатал бах1аразе гьаруна «Экспресс» банкалъул нухмалъулев Ш. Х1усеновас, ЗАГСалъул отделалъул заведующая А. Г1умаровалъги.

Маг1наял, г1одорч1аразул рак1азе лъик1аб асар гьабулел к1алъаял рук1ана жалго  юбиляразулги.  Гьез рак1алде щвезабуна жидерго араб г1умру, талих1ал къоял, к1очонарел лах1затал. Данделъиялъул ахиралда гьаз рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна жидер адаб-х1урмат гьабун байрам г1уц1арал киналго г1уц1абазул х1алт1ухъабазе.

Районалда  т1оцебесеб нухалда  г1уц1араб меседил  бертин  ана жалго бах1аралги,  балагьизе рач1аралги разияб  ах1вал-х1алалда.

Н. Г1алиева

Просмотров: 877 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz