Четверг, 02.05.2024, 05:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Ноябрь » 14 » ЛЪАБКЪОГОГlАН СОНАЛЪ КЪАДРУЯЛДА
14:52
ЛЪАБКЪОГОГlАН СОНАЛЪ КЪАДРУЯЛДА

Учитель… КигIан къадруяб рагIи гьеб кколеб. Цо-цо мехалда нилъеца пикруцин гьабуларо кигIан кIудияб бутIа учителас нилъер гIумруялда жаниб лъолебали. ХIисаб гьабураб мехалда, киналго лъимал руго школалъ куцарал, тIоцебесеб иргаялда - педагогас. КигIан гIемер учитель хIалтIизе кколев, нилъер щибаб лъимер цебетIураблъун, лъайгин тарбия щвараблъун лъугьинабиялъе гIоло, кигIанасеб къуват, сабру, рекIел хинлъи гьес кьезе кколеб гьеб талихIаблъун, нилъер улкаялъе пайда-хайир цIикIкIараблъункуцаялъе гIоло. Бокьун буго гьаб гьумералда жидер гIумру лъималазе тарбия-лъай кьеялда бухьинабурал цо-цо хIурмат гьабизе мустахIикъал гIадамазул хIакъалъулъ бицине...  


Гьаниб дие рехсей гьабизе бокьун буго жидеца т1олабго г1умру учителасул зах1матаб, к1вар ц1ик1к1араб ва къадруяб ишалъе - г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун лъай кьеялъе кьурал унго-унгоял учительзаби - Ниг1матулаевазул хъизаналъул х1акъалъулъ.

Ниг1матулаев Мух1амад ккола хъизаналъул к1удияв эмен.  Гьев х1алт1улев вук1уна районалъул бат1и-бат1иял росабалъ: Т1ануси, Гьамущи, Бакьагьеч1и, Хунзахъ математикаялъул учительлъун. Чанго соналъ нухмалъи гьабула районалъул халкъияб лъай кьеялъул методикияб кабинеталъеги. Гьев вук1уна рак1 бац1ц1адав, бицараб раг1уе рит1ухъав, г1адан хирияв, бокьараб мехалъ чиясе кумекалъе ине х1адурав, г1амал-хасияталъул рахъалъ мисал босизе мустах1икъав чи. Амма х1алт1уда гьев вук1уна кьварарав, х1алт1улесдаса жавабчилъи т1алаб гьабулев инсан. Мух1амадил х1акъалъулъ бицунелъул росуцояз абула, гьев гьудул-гьалмагъзабазда гьоркьов аваданав, г1емераб г1акъиллъи жиндилъ бессарав чи вук1анилан. Гьелъ гьев аск1ор х1алт1улезеги ц1акъ вокьулев вук1анилан.

Районалъул Т1ануси, Мущули, Бакьагьеч1и, Коло-Хьиндахъ росабалъе х1алт1изе гьев хьвадулев вук1ун вуго чодаги рек1ун. Цо-цо мехалда живго х1алт1улел росабалъго сардал ран ч1олевги вук1ун вуго. Цо росулъ гьесда гьикъун буго, аск1ой ч1ужу-хъизан гьеч1ев чияс дуца кванда щибулебан. Гьес жаваб кьун буго квен кваналилан. Мух1амадил бук1ун буго раг1уе бег1ерлъиги, х1алт1улъ мух1канлъиги.
Инсул нухдасан арав вас Ниг1матулаев Х1амзат лъаларев чи районалда къанаг1атги ватиларо. 58 соналъ х1алт1ун вуго Х1амзат математикаялъул учительлъун. Лъик1ал къиматазда Г1арани гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Ниг1матулаев Х1амзат ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физикаялъулгин математикаялъул факультеталде. Лъик1ал х1асилаздалъун институтги лъуг1изабун г1агараб росулъе т1ад вуссарав Х1амзат, х1алт1изе лъугьуна жиндиего бокьулеб Хунзахъ гьоркьохъеб школалде. Гьенив х1алт1улаго, цадахъго гьев вит1ула Хьини анкьго сонил школалде расписаниеги данде ккезабун дарсал кьезе. Гьеб заманалда Хьини росдал школалъул директорлъун х1алт1улев вук1уна Хунзахъ росулъа Дибиров Г1убайдат. Ц1акъ лъик1аб коллектив бук1анилан бицуна Х1амзатица, чанго г1урус учительги вук1анила цадахъ х1алт1улев. Ц1алиялдеги ц1ик1к1араб к1вар кьолаанила, эркенаб заманалда лъималазулгун рек1ел гъеялъе бат1и-бат1иял бах1сал, диспутал т1орит1улаанила. Школа лъуг1ун унезе къват1ире риччаялъул вечерал т1орит1ич1огоги толароанилан. 
Хадуб Х1амзат Мух1амадович вит1улев вук1уна Советияб Армиялде. Запасалда вугев  офицерасул хъулухъалде лъугьине экзамен кьун бук1уна, амма кадраби г1олел рук1инч1олъиялда бан т1ад вуссинавула. Т1адвуссун хадуб х1алт1ула Лъаг1илухъ росдал школалда, Г1арани гьоркьохъеб школалда воспитательлъун, завучлъун. Ц1идасанги рак1 ц1ала г1агараб Хунзахъ росдал школалде. Гьенив х1алт1ула математикаялъул учительлъун гуревги, завучлъун, директорлъунги.

Баянаб жо буго нилъее, Хунзахъ г1адаб к1удияб школалда директорасул ва цогидалги г1уц1арухъанлъиялъул ишал рачин бигьаяб пиша гуреблъи. Амма Х1амзат Ниг1матулаевас гьеб х1алт1иги намус бац1ц1адго т1убазабуна. Гьелъие кумек гьабуна педагогикияб коллективалъул х1алт1ул план гьабиялъ, гьелъул х1асил ккезабиялъ, х1алт1улъ дандч1валел зах1малъабазде ва г1унгут1абазде к1вар кьеялъ, х1алт1и дурусго бачиналъе бугеб махщелалъ.

Школалъул т1олабго коллектив, бет1ералда директоргун, лъугьуна ц1и-ц1иял къаг1идаби ралагьулаго, цоцазе методикияб кумек гьабун, хасго г1олохъанал учительзабазе малъа-хъваял гьарулаго х1алт1изе.
Х1амзат Ниг1матулаевас бицана х1алт1и цебехун бачиналъе г1оло, лъаг1алида жанив 214 дарсиде ун ватун вук1анила жив ва щибалъе мустах1икъаб къиматги кьун бук1анилан.

Жинцаго гьабулеб х1алт1улъ жавабчилъи бук1иналъ, т1аса бищараб махщалил лъай ва бажари бук1иналъ, къадру ц1ик1к1ана Х1амзатил, педагогикияб коллективалда ва лъималазда гьоркьоб. Г1адада гуро гьесда лъун бук1араб «математикаялъул генералилан» абураб т1ок1ц1арги.
Х1амзат Ниг1матулаевасул педагоглъиялъул къадруяб зах1мат бихьич1ого хут1ич1о т1адехунисел идарабазда. Гьев мустах1икълъана «Россиялъул лъай кьеялъул отличник» абураб каранда балеб г1аламаталъе, «Дагъистаналъул мустах1икъав учитель» абураб ц1аралъе, республикаялъул лъай кьеялъул министерствоялъул, районалъул лъай кьеялъул отделалъул грамотабазе, баркалабазе.

Педагогикияб махщалил ветеран Х1амзат Ниг1матулаев гьабсаг1аталда мустах1икъаб х1алхьиялда вуго. Вук1аниги, гьев вихьизе бегьула г1олохъанаб г1елалъе малъа-хъваял гьарулев, лъик1ав насих1атчи х1исабалда, гьезулгун гара-ч1вариял т1орит1улев, гьезулгун накъиталда.
Мух1амадил яс Савдат Мух1амадовнаги кколаан районалдаго ц1ар бугел математиказдасан цояйлъун. Хунзахъ 8-сонил школалда х1алт1улаго, ц1алдохъабазе лъайгин тарбия кьеялъулъ гьелъ рихьизарурал т1адег1анал х1асилазе г1оло, х1алт1уда бугеб  махщелги бажариги бихьун, гьей т1амуна районазда гьоркьосеб Г1арани руччабазул школа-интернаталде директорлъун. Гьенибги лъай бат1и-бат1иял муг1рузул районаздаса рач1арал ясазе кьеялда цадахъго гьелъ гьабуна эбеллъиги, эменлъиги. Сабурай, недегьай, г1акълу камилай Савдат Мух1амадовнаялъухъе гьел унаан кьварарай директоралъухъе г1адин гурел, х1алимай, йокьулей эбелалъухъе г1адин. Гьелъ кидаго берцинаб, х1еренаб раг1иги бицун къвариг1елги т1убан разиго нахъе рит1улаан гьел.

Х1амзат Мух1амадовасул хъизан Къадиева Багьжат Мухтаровнаги кколаан г1урус мац1алъул ва литератураялъул учительница. Гьейги х1алт1улаан районазда гьоркьосеб ясазул школа-интернаталда. Багьжат Мух1амадовнаги йик1ана ц1алдохъабазе лъайгин тарбия  кьеялда щибго к1вах1, свак лъач1ого х1алт1улей г1адан. Эбел-эмен аск1ор гьеч1ого, г1иц1го жидер гурх1ел-ц1обалда божун интернаталда ц1ализе рач1арал лъимал гьелда рихьулаан жиндиралголъун. Ц1али цебет1езабиялъе гурелги, г1умруялда жаниб дандч1валел зах1малъаби къезариялъеги, рук1а-рахъиналъеги, г1адлу-низамалъеги Багьжат Мухтаровнаялъ гьарулел рук1арал малъа-хъваял гьезие хут1ана, г1иц1го школалда гурелги, хадубккунисеб г1умруялдаги г1емер ратулел пайдаял малъияллъун.
Гьабсаг1аталда гьеб хъизаналдаса нилъгун хут1ун вуго Х1амзат Мух1амадович. Бокьун буго учителасул къоги баркун, газеталъул божарав гьудул, г1олилазул лъик1ав насих1атчи, Х1амзат Мух1амадовичасе гьаризе чорхое щулияб сахлъи, гьесул рак1алда ругел мурадал т1урай.
Биччанте кидаго цебесеб г1елалъул зах1мат, рак1 бац1ц1алъи, х1албихьи хадусеб г1елалъе мисаллъун бук1ине.
Н. Г1алиева

Просмотров: 72 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz