Пятница, 03.05.2024, 09:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Ноябрь » 14 » "КИН ДУН ВАЛАГЬИЛЕВ ГЬУДУЛЗАБАЗУХЪ"?
16:11
"КИН ДУН ВАЛАГЬИЛЕВ ГЬУДУЛЗАБАЗУХЪ"?

2022 соналъул февралалда нилъер улкаялъул Президент Владимир Путиница т1олабго дунялалдаго раг1изабуна нилъер Ват1аналъул х1инкъи гьеч1еб бук1инеселъе г1оло Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьанилан. Гьелда г1ахьаллъи гьабизе рит1ана Россиялъул цо-цо регионаздаса васазда цадахъго Дагъистаналдасан унеб къокъаялда гьоркьоб нилъер районалдаса 500-г1ан г1олохъанчиги. Узухъда, тунка-г1усиял ккараб бак1алда, камиял ккеч1огоги хут1уларо. Рач1ана нилъер районалдеги ц1а г1адал г1олохъаби нилъедаса рат1алъиялъул бицарал ч1ег1ерал баянал, ругьалаби. Районалдаса гьанжелъаг1ан 15 ялде г1агарарав г1олохъанчияс жидерго къиматаб г1умру кьуна гьеб операциялда. Нилъеда гьел васал киданиги рек1елъа инаро. Г1ун бач1унеб г1елалъе гьел г1олохъабиги, гьезул бах1арчиял гьунаралги мисалалъе рук1иналъе, гьел даималлъун гьариялъе гьезул бицинч1ого г1оларо нилъеца.


Жакъа нижее бицине бокьун буго хун хадуб Бихьинчилъиялъул орденалъе мустах1икълъарав Байикь росулъа Къурамух1амадов Исмаг1ил Къадих1ажиевичасул х1акъалъулъ.

Гьев бах1арчияв вас вукъизе унелъул районго, росуго угьдилеб бук1ана. Хунзахъа Байикье унел г1адамазул ва машинабазул къокъабаз гьеб росулъ ва нухда ч1езе бак1цин хут1ун бук1инч1о.

Лъида лъалеб жидерго васазул х1акъалъулъ эбелалда г1адин бицине? Рух1арал маг1ил гаралги т1олаго, гьелъ гьадин бицана:

Цониги эбелалъ абиларо, жиндир васасул х1акъалъулъ квешаб раг1и. Дир вас вук1ана эбелалъ гуребги, гьев вихьарав, к1алъаравщинав чияс къимат кьолев, рек1елъ къвак1и ц1ик1к1арав лебалав вас.

Гьавун вук1ана бит1ун т1абиг1ат ц1илъулеб, гьава-бакъ хинлъулеб, рек1елъе рохел лъугьунеб т1оцебесеб ихдалил март моц1алда. Анлъго сон барав гьит1ич вит1ун вук1ана Байикь байбихьул школалде ц1ализе. Ункъго соналъ гьенивги ц1алун 2010 соналдаса 2015 соналде щвезег1ан ц1алана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалда. Гьенисан гьев ц1ализе лъугьана Каспийск шагьаралъул Энергетикияб колледжалде. Гьеб лъуг1ун хадуб ана армиялде. Гьев ккун вук1ана Оренбургалъул 33860 рагъулаб часталде. Хадубги рагъулаб хъулухъалда ч1езе х1укмуги гьабун, 2019 соналда контрактги хъван х1алт1изе лъугьана Буйнакскиялъул 63354 рагъулаб часталде мотострелковияб батальоналъул минометазулаб взводалъул водительлъун.

Украинаялда гьадаб багъа-башари лъугьараб мехалда, дир гьит1инав сержант вит1ана нилъер улкаялъул х1инкъи гьеч1еб бук1инеселъе г1оло гьабулеб хасаб операциялда г1ахьаллъизе.
Кинавха вук1арав дир Исмаг1ил?
Исмаг1ил вук1ана дунял ц1урав чи. Гьудул-гьалмагъзаби г1емерав, г1адан хирияв, к1удиясулги, гьит1инасулги адаб-хъатир ц1унарав, гурх1ел бугев вас. Гьесие бокьулароан цадахъ ц1алулел рук1а, росуцояв вук1а г1айиб гьеч1ев чи къварид гьавизе. Гъосул къадру ц1унун гъосие х1алае вахъине кколилан абулаан гьес. 

Украинаялда Исмаг1ил ккун вук1ана Запорожская областалде. Г1ахьаллъулев вук1ана Мариуполалда гъоркь унел операциязда. Эсулго к1удияв вацги гьеб операциялда г1ахьаллъулаго, г1езег1ан лъик1 лъукъун вук1ун, х1алица г1адин хвалил квач1икьа ворч1ун вук1индал, к1иабилев васги гьениве виччаларилан т1ирун ч1ун йик1ана дун. Амма дихъ г1енеккич1о дир вас. Жиндир кьерилал арал бак1алде инч1ого жив кидаго ч1оларила, инч1они хадубккун кинал бераз жив гьезухъ валагьилеван т1ирун ч1ун ана. Исмаг1илие ц1акъ рек1ее г1олаан Шамил имамасул «Кто думает о последствиях, тот не герой» абурал раг1аби. Гьес гьел жиндирго футболкаялда нахъацин хъван рук1ана.

Исмаг1илие ц1акъ бокьун бук1ана г1умру. Гьесда цо бак1алда ч1езе к1олароан. Доба хъулухъ гьабулевги вук1ун рокъове щвезе  вач1араб мехалъги Исмаг1ил к1иабизе гьениве инеги ц1акъ г1едег1ун вук1ана. 

Гьеб нилъеда бич1ч1ула Каспийскиялда студентлъун вугеб мехалда гьесул йик1арай кураторалъул раг1абаздасанги: «Дида киданиги к1очон теларо гьеб гьими, гьединаб рагьараб, гвангъараб, бохараб г1умру. Гьале гьеб талих1 къосараб лах1заталдаса хадуб дида рак1алде щвана гьев. Гьев ц1акъ г1едег1ун вук1ана рокъовеги вач1ун т1ад вуссун ине, гьесда г1одове виччан ч1езе к1олеб бук1инч1о. Гьев вач1ун вук1ана колледжалде. Дица гьесда гьарана т1оцебесеб курсалъул студенталгун дандч1вазе вач1аян ва гьениб бугеб ах1вал-х1алалъул гьезие бицеян. Гьев сверун ккун вук1ана т1оцебесеб курсалъул студентаз. 

Бицунаго, гьев чанго секундалдасан вуц1ц1ун ч1ана, бихьулеб бук1ана гьесие гьеб рак1алде щвезабизе кутакалда зах1мат бук1ин. Амма гьес ях1 бахъулеб бук1ана бихьинаб къаг1идаялда, г1одове виччараб ах1вал- х1алалда бич1ч1изабизе. Дида рак1алда руго гьал раг1аби… «васал, нилъ гьезда т1аде ун рук1инч1елани, дол нилъеда т1аде рач1унаан»,- илан абурал.

Гьев Украинаялде к1иабилеб нухалда ун къоял рахъилалде гьесул гьудулас гьалмагъзабазухъе  бит1араб лъазабиялда хъвалеб буго: «Дир хириял, вацал! Сон нилъедаса  ват1алъана дир гьит1инав вац, дир божарав гьудул, дир рек1елав – Исмаг1ил. Гьев вук1ана т1убараб жан-жигаралда вугев, к1удияб рокьи г1умруялде бугев, гьабизесеб ишалъе, к1удиял планал г1уц1арав г1олохъанчи. Киналго, цодагьаб-макъаб гьев вихьун лъалелцин, пашманлъун ругин абураб раг1иялъ гьеб  бич1ч1иларо, г1одулел руго дида цадахъ. Дица т1адег1анав Аллагьасда гьарулеб буго гьев дир вацасда т1аса лъугьаян, гьесул ратани мунагьаздаса, Гьев Алжан кьун вохизавеян, гьесие  дунял к1очон тараб ахират кьегиян. Гьабе, дир хириял, дир вацасе дуг1а, гьаре Бет1ергьанасда гьесда т1аса  лъугьаян. Гьединго дица гьарула гьесул эбелалъе, вацасе, яцалъе къуват кьегиян гьеб бак1аб гьир баччизе, абухъего, унго-унгояв бах1арчиясдаса рат1алъарал. Гьединав васасул хвел нилъер рак1азулъа кидаго нахъе инаро. Нилъеда бихьулеб буго бокьарав чиясе къо т1аг1ине бегьулеб бук1ин».

К1удияв вацас Исмаг1ил статусалда лъун вук1ун вуго «Моя гордость» - абун. Гьес хъвалеб бук1ана, гьеб бук1анила жиндир г1умруялда жаниб бищун жив вохараб къо.

Исмаг1илица дихъе хъвалеб бук1ана: «Баба, бихьулищ дир к1удияв вац дидаса  ч1ух1ун вугев куц? Мунги ч1ух1е, амма г1одуге» - ян.
Хвелалде цебе яцалъухъе хъван бач1ун бук1ун буго «Спасибо тебе, яцако, просто зато, что ты есть у меня»- абун.
Гьединан цоцада гъорлъ лъик1ал гьоркьорлъаби рук1унаан гьезул.

Рак1алъ, гьаналъ бицунин абула, бицунг1аги бук1ун батила, росулъе щвезе вач1араб мехалда гьениб цоясда абун бук1ун буго нагагьлъун жиндие къадар щвани, жив инсуда аск1ов вукъейилан.

Исмаг1ил хун хадубги гьев ц1алулев вук1араб колледжалдасан дихъе бач1ана: «Дуе къуват кьеги бихьараб къо х1ехьезе Исмаг1ил нилъедаса ват1алъун вук1ин гурого, гьев  хун гьеч1о. Гьев даимго хут1ила гьев лъалелщиназул рак1азулъ. Дун ч1ух1улаан дирго группаялда вук1индал гьединав тарбия щварав х1инкъи-къай лъаларев дирго васасдаса г1адин. Виччанте гьев Алжаналде ккун ватизе. Гьенибги бакъулаб гьимигун, махсаро-хоч1гун, велъулев, кьурдулев, киназулго рахъ ккун гьел ц1унулев ватизе.

Дуе ва лъималазе сахлъи, рак1алда ругел мурадал т1урай. Гьабулебщиналъулъ икъбал».

Нилъер рахъалдасанги баркала буго гьединал бах1арчиял васал г1езарурал улбузе. Риччанте гьел васазул гьунараздаса ч1ух1изе ва рохизе.

Н. Гlалиева.
             

Просмотров: 82 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz