|  Нолъ тохлъукьего ч1вараб унтиялъ Х1ажимурад хванилан абураб
хабар 11 маялъ радалго ц1адулаб хехлъиялда 
т1обит1ана районалдаго. Гьеб кьог1аб хабаралъ асар  гьабич1ев чиги хут1ун ватиларо. Щивха
божилевги, сонги щибго гьеч1ого  велъа-вохун
х1алт1удаги вук1ун, гьудул-гьалмагъзабазе 
махсаро-хоч1ги гьабун 
ват1алъарав  чи  т1ок1ав гьеч1илан абиялда. Гьединаб тохаб,
Т1адег1анасул хъвай кинаб бугебали нилъедаго лъалареб жо  буго г1адамасул г1умру.
 Хъайтмазов Х1ажимурад гьавуна  1961 соналъ  Хунзахъ росулъ хъулухъчиясул  хъизамалда. 1981 соналъ Хъайтмазов 
ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул 
медицинаялъул  институталде. 1987
соналъ  институт лъуг1арав  г1олохъанав специалист х1алт1изе вит1ула
Буйнакскиялъул  больницаялъул  терапевтлъун, гьенибго лъуг1изабула  терапиялъул 
интернатураги. 1988-90 соназ гьев х1алт1ана  Болъихъ 
райбольницаялда 
участкаялъулав  терапевтлъун.  Гьенибги Х1ажимурадица  тохтурлъиялъул махщел камил гьабула.  Анестезиолог-реаниматологлъун х1алт1ула  гьев Болъихъ 
1994 соналде щвезег1ан. Районалда лъай бугел тохтурзаби х1ажат  рук1иналъ Хъайтмазов райбольницаялде вачуна  гьеб соналъ анестезиолог-реаниматологлъун. Ва
гьелдаса нахъе Х1ажимурадица жиндирго лъайги 
бажариги, х1аракатчилъиги бухьинабуна 
районцоязул сахлъиц1униялда.  2001  соналъ гьев
т1амуна больницаялъул  бет1ерав
тохтурасул заместительлъун, хадубго т1адкъала бет1ерав тохтурасул
хъулухъги.  Араб соналъул  сентябралдаса г1умруялъул  ахирисеб къоялде щвезег1ан Х1.Хъайтмазовас
нухмалъи гьабуна Хунзахъ районазда 
гьоркьосеб ВТЭКалъе. Хъайтмазов кколаан Дагъистан 
республикаялъул сахлъиц1униялъул отличник, т1адег1анаб
категориялъул  тохтур. Лъайги бажариги бугев тохтур ва  нухмалъулев, хъизан-лъималазе  х1еренав эмен, лъале-хъвалезе  рак1рагьарав, аваданав гьудул, лъик1ав инсан
– гьединавлъун хут1ила  Х1ажимурад  хъизан-лъималазеги г1агарлъиялъеги, гьесул
гьудул – гьалмагълъиялъеги.   Районалъул администрация Райсобрание   ЦРБялъул х1алт1ухъабазул ва гьудул- гьалмагъзабазул 
къокъа Росдал жамаг1ат    |