Гьал къоязда районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевасул кабинеталда т1обит1ана
райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалистазул х1исаб кьеялъулаб данделъи. Гьелъул аслияб мурадлъун бук1ана районалъул росдал маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1ал лъазаби, гьеб бут1а цебет1езабиялъе росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазда цере ч1арал масъалабазул бицин.
Данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевас, гьесул заместитель ва зоотехник Х1усен Г1умаровас, агроном Шамиль Гванзилаевас, специалистал: Мух1амадх1ажияв Дибирдадаевас, Шагьидав Мух1амадг1алиевас, Ах1мад Ибрагьимовас, Г1убайдула Мут1алибовас, бет1ерай бухгалтер Паврузат Мусаевалъ, секретарь Гулайпат Гъазиевалъ.
Рак1 рагьараб гара-ч1вариялда специалистаз бицана жакъа къоялда жаниб росдал маг1ишаталда данд ч1валел ругел зах1малъабазул. Специалистаз зама-заманалдасан ун хал гьабулеб буго кинаб ах1вал-х1алалда нилъер маг1ишатал ругелали. Жакъа къоялда жаниб цебе ч1араб бищунго аслияб масъалалъун гьез рик1к1унеб бугоан хасалил культураби рекьи, ракьазул лъалъ гьаби. Амма гьел рекьизе ккани, киса-кибго гуро г1ураб техника бугеб. Руго маг1ишатал лизингалдалъун гьеб босаралги, руго гьеб босизе ресги гьеч1ого ч1ун хут1аралги.
Рекьулел ракьазул гьабун гьеч1о инвентаризация, гьелъул х1асилалда ЦСУялдаги, цоги-цогидалги гьелъул х1исаб гьабулел г1уц1абаздаги кколел руго бат1и-бат1иял тарихал.
Цо-цо маг1ишатазул бет1ерлъуда ругел нухмалъулезул ургъел ва жавабчилъи гьеч1олъиялъ ахил, хурул х1алт1аби нахъе ккей гуребги, дагьлъун буго г1и-боц1ул къадар, г1одобе ккезе тун буго гьелдаса бахъулеб продукция. Х1ажат буго гьенибги рак1 ч1араб х1исаб-суал гьабизе.
Ахихъанлъиялъул иш т1убанго хвезе тун буго.
Рехсараб отделалъул бухгалтеразул рах1ат хвезабун бугоан маг1ишатазда кварталалъул, лъаг1алил отчетал гьаризе лъалел специалистал гьеч1олъиялъул, гьез заманалда отчетал кьолел гьеч1олъиялда бан, грантал щвеялъе росдал маг1ишаталъул Министерствоялде рит1улел отчетал жидерги кват1улел ругилан лъазабуна гьез.
Жиндирго иргаялда к1алъарав Нурмух1амад Задиевас г1одорч1аразул к1вар буссинабуна щибаб маг1ишаталда х1исаб кьеялъулал собраниял т1орит1изе ккеялде. Гьелде СПКязул, райадминистрациялъул вакилзабиги ах1ун х1алт1и г1уц1адго иналъе квербакъи гьабизе т1адаб бук1иналде. Нилъ киналго цадахъ рекъон х1алт1ани,-ян абуна гьес,-х1алт1и цебехун унила, нилъер умумуца кьуч1 лъураб росдал маг1ишат цебехун бачинч1ого нилъер кинго рес гьеч1ила.
Х1ажат бугила росдал маг1ишаталъул к1вар, АПКязде пачалихъалъ гьабулеб бугеб бербалагьи, гьел ц1униялъе г1оло къват1ире риччалел ругел ц1и-ц1иял пачалихъиял программаби г1адамазда рич1ч1изаризе, законалда рекъон гьарурал ц1илъаби г1адамазда лъазаризе. Моц1ида жаниб цо нухалъг1аги гьабураб х1алт1ул х1исаб кьезе.
|