Автор.Н.Г1алиева.Март 2019 сон.
Гьал къоязда районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевасул кабинеталда т1обит1ана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалистазул х1исаб кьеялъулаб данделъи. Гьелъул аслияб мурадлъун бук1ана районалъул росдал маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1ал лъазаби, гьеб бут1а цебет1езабиялъе росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазда цере ч1арал масъалабазул бицин.