К1удияб Ват1анияб рагъда нилъер халкъалъ гурх1ел-ц1об
гьеч1еб гитлерилаб фашизмаялда т1ад Бергьенлъи босиялъул х1урматалда 10 маялъ
Г1арани гьоркьохъеб школалда т1обит1ана рагъулабгун спортивияб х1ай «Бергьенлъи»
(«Победа»). Х1ай т1обит1иялъе аслияб тадбирал гьаруна районалъул
методцентралъул специалист Иманшапи Г1алимчуевас.
Х1аялда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана Г1арани
рагъулабгун спортивияб лицеялъул, Г1обода, Г1ахьалч1и, Харахьи гьоркьохъел
школазул 7-9 классазул ц1алдохъабаздасан г1уц1арал командаби (командаялда
рук1ана 7 васги, 2 ясги).
Бищун цебе киналго командаби кьералъ ч1ана жал къецазде
х1адурун рук1ин бихьизабизе. Цинги Иманшапи Х1ажиевичас командабазе кьуна
цебеккунго х1адурараб программаялда рекъон т1адкъаял: строевой смотр гьабизе,
пневматикияб тунк1ица кьвагьдезе, васазе перекладинаялда ц1азе, ясазе отжимание
гьабизе (силовая подготовка), палатка лъезе, противогазалги хун рекеризе,
автомат биххизе ва дандбазе, къварилъиялде ккарасе т1оцебесеб медицинаялъулаб
кумек гьабизе (кумек гьаби гуребги рук1ана медицинаялда хурхарал суалалги).
Гьел къецазе гуребги къимат кьолеб бук1ана командабазул экипировкаялъеги (т1ад рет1араб
формаялъе): бук1ине кколаан спортивияб яги рагъулаб форма. Киналго г1ахьалчаг1азда
бач1инахъего релълъараб рагъулаб формаги рет1ун, противогазалги ран х1адурун
бач1ана рагъулабгун спортивияб лицеялъул команда, хут1араз къецал байбихьидал
рет1ана спортивияб рет1ел.
Х1аялда хадуб халкквезе г1уц1ун бук1ана жюриги. Киналго къецазул
х1асилал данде росидал т1оцебесеб бак1алде
бач1ана Г1ахьалч1и гьоркьохъеб
школалъул команда, к1абилеб бак1
щвана Г1арани рагъулабгун спортивияб
лицеялъе, лъабабилеб бак1 бикьана Харахьи ва Г1обода гьоркьохъел школазул
командабазе. Х1аялда бергьараб командаялъ гьал къоязда г1ахьаллъи гьабизе буго
Х1ебда т1орит1изе ругел зоналиял къецазда. Бергьенлъиги босун нух бит1ун
руссаги гьел гьениса.
П. Гунашева.
|