Вторник, 07.05.2024, 04:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 14 » КЪЕБЕД Х1АСАНБЕГОВАСУЛ 80 СОН Т1УБАЯЛДЕ.
12:48
КЪЕБЕД Х1АСАНБЕГОВАСУЛ 80 СОН Т1УБАЯЛДЕ.

2002 соналъул 20 августалда Къебед Х1асанбеговасул 70 сон  т1убаялде Дагъистаналъул художниказул союзалъул выставкабазул  залалда Къебедил юбилейный выставка г1уц1ун бук1ана.

Гьеб вернисажалда рак1арун рук1арал Къебед Х1асанбеговичасул гьудулзабаз бицунеб бук1ана жакъа жиндир бергьун к1удияб пагьму-гьунар бугев ва метериса жив дунялалда ц1ар раг1аравлъун рик1к1ине вугев Дагьистаналда т1оцевесев чекан кьабун портретал гьарулев Къебед Х1асанбеговасул х1акъалъулъ. Г1емерал лъик1ал раг1аби абуна гьесул гьалмагъзабаз, ц1алдохъабаз ц1ияб гьумер Дагъистаналъул изобразительный искусствоялъул тарихалда рагьарав Къебедил х1акъалъулъ.

Гьесул гьунар - хвел гьеч1ел куч1дузда релълъинабуна данделъараз. Цо кьерда гьенир рук1ана Дагъистаналъул меседил г1асруялъул вакилзабазул суратал Джамалутдин Кази Кумухскиясул, ва Гъазимух1амадил, Мух1амад Ярагъскиясул, Шамилил, Омарла Батырайил, Етим Эминил. Цогияб кьералда Дагъистаналъул г1арцул г1асруялъул вакилзаби Ц1адаса Х1амзатил, Расул Х1амзатовасул, Фазу Г1алиевалъул, кинабниги нусго г1анасеб, Къебед Х1амзатбеговичас 30 соналъ гьабураб творческий х1алт1и.

Х1асанбегов Къебед - гьавуна 1932 сонал Гьоц1алъ росулъ Къебедасул Х1асанбегил хъизамалда. Х1асанбег вук1ана г1арцул устар ва пагьму бугев коч1охъан. Х1асанбегил гьалбал рук1ун руго Хъах1аб росулъа Мах1муд, Игьалиса Г1арашил Г1умар ва Карим - Х1ажияв.

Къебедасул Х1асанбегил г1агарлъи бук1ун буго Ч1иркъат1аги, цояв вацг1ал Муртаза вук1ун вуго пахьул устар, Х1ажимурад -г1арцул устар. Гьезда цадахъ х1алт1улев вук1ун вуго цо заманаялъ Х1асабегги. Жинс - рахъ бугев, махщел камилав, т1амур хъван кеч1 ах1улев Гьоц1алъесухъ рокьи ккун буго цо Ч1иркъат1аса г1аданалъул. Х1асанбегица гьелда абун буго жиндир росулъ ч1ужуги йигин васги вугин, амма жиндир ч1ужугун оц баялъул байрамалда реч1ч1ун лъугьун бергьани мунги ячинилан. Оц балеб къоялъ к1удияб сух1мат — кеп бук1ун буго Ч1иркъат1а, пулеб зурма, кьабулеб къали, ккун бач1ун буго бац1, т1аде т1амун рук1ун руго гьаби, рехулеб гьец1о, гугарилел г1олохъаби. Цере рахъинарун руго Х1асанбегил Пат1иматги Ч1иркъат1исейги, Пат1иматица к1иго нухалъ г1одой т1амун йиго гьей г1адан. Хадур г1ебеде росулъе унаго Г1ешдерил гох1илъе рахаралго Х1асанбегица ч1ужуялда абун буго гьанже цо бакъанги т1амеян Ч1иркъат1еги балагьун. Коч1ол бакъан росулъ т1ибит1ун буго. Годек1анив вук1арав Ч1иркъат1исес абун буго, нилъ реч1ч1ун гурелги кеч1 ах1унги къезарунин Х1асабегил ч1ужуялъан.

Т1оцеве Гьоц1алъе вач1унев Хъах1аб росулъа Мах1мудица къаси нахъа къулг1адухъ кодоб т1амургун ватун вуго Х1асанбег, лъай-хъвайги гьабун, гьоболлъиги раг1изабун гьел Х1асабегил рокъоре рилълъуна ва гьениб чанго сордоялъ росуго бак1арараб сух1мат-кеп бук1уна. Мах1муд т1овит1улаго Х1асанбегица гьесие сайигъаталъе г1арцул ханжар кьола. Мах1муд вихьизе т1ох-т1охалде рахун рук1уна г1адамал. Рукъалдаса рик1к1ад гьеч1еб бак1алда т1охда йихьула азда цо берцинай яс, Х1асанбегица абула цо кеч1 гьабе Мах1муд лъой г1аданалдеян ц1ар щиб лъолда? (Г1унайзат буго).

Рии гьаланиги гьогьен бук1ина Г1унайзат яхараб борхатаб т1охда. Хасел ц1оронаг1ан, ц1ик1к1ина хинлъи ц1ар берцин т1ад ч1олеб т1охил раг1алда.

Цо коч1олъ рехсун буго Мах1мудица Къебедасул Х1асанбегиде гьарурал раг1абиги.

Зудил т1айпусалъул росдал раг1алда

Г1ищкъуялъ вакъварав къайие ватана

Къаси рогьинег1ан гьевгун к1алъалев

К1иялго хут1ана харбида гьенир

Х1асабегица г1арцул т1аг1алаби гурелги, пахьул т1аг1алабиги гьарулел рук1ун руго. Жиндирго т1аг1алаби ричизе гьев хьвадулев вук1ун вуго Гьидалъе, Къах1иве ва цогидал росабалъеги. Гьединго гьалбал рук1ун руго Къах1иса Х1асан ва Лъахъа Х1амзат устарзабиги, Х1амзатги вук1ун вуго г1арцул устарлъиги гьабулев чи. Х1асабегида лъалаан г1араб г1елмуги. Гьанже ч1аго йигей Къебедил яц Х1асанбегил Шамсигатица бицана, жидер эмен Х1асанбег хванила 1942 соналъ, 10 сон барав чи, чанц1улго хабалахъеги ун инсулги гьесда хадувго хварав вацасулги хабат1аги вегун г1одилев ватулаанила Къебед, чанго сордо банила гьес хабалахъги. Цо къоялъ радал вахъаравго гьес абунила жинда, нолъ макьилъ эмен вихьанин ва гьес жинда устарлъи гьабе дир вас, дир къебелъул рокъоса кварт1ил к1ут1и къот1изе тогеян абунилан гьелдаса нахъе Къебедица къебелъухъа кварт1ил сас т1аг1ине теч1о. Къебедица жиндего гьабураб коч1олъ абулеб буго;

Дирго умумуца тараб ирсалъе

Дун дирго борчалъе хисизе гьеч1о

Хвезе теч1о дица гьезул анищги

Дида боржун тарал гьезул хьулалги

Бесдаллъизе теч1о гьезул кварт1а-гъец1

Дунго гьел гьеч1ого бесдаллъаниги

Кварт1ил гьаракь къот1ун къебелъи теч1о

Гьезул х1алае гьеб зах1малъилилан

1959 соналъ Гьоц1алъ рагьараб «народное искусство» абураб артелалде 5-6 соналъ комбинаталдаги х1алт1ун, 1966 соналъ Къебед Х1асанбегович ц1ализе лъугьуна Тбилисиялъул художественный академиялде ва 1971 соналъ академия лъуг1игун х1алт1ана гьанжего-гьанже рагьараб пединституталъул художественно-графический факультеталъул преподовательлъун. Хадув т1ад вуссана г1агараб росулъе, х1алт1ана комбинаталда ва Гьоц1алъ гъоркьохъеб школалда. Къебед Х1асанбеговичасда жиндирго бергьун к1удияб махщел батана г1умруялъул нурлъун, нухда рек1араб чирахълъун. Къебед 30 ялдаса ц1ик1к1ун х1алт1аби руго республикаялъул музеязда. Къебедица жиндирго гравюраби гьарулаан цинкалъул, пахьул, тудиядул. Гьесул х1алт1абазда гьоркьор руго Дагъистаналъул ц1ар раг1арал имамзабузул, наибзабазул, устарзабазул, г1алимзабазул, хъварадарухъабазул чекан кьабун гьарурал суратал линогравюраби ва Дагъистаналъул т1абиг1ат бихьизабулел графический х1алт1аби. Кинабниги 200 ялдаса ц1ик1к1ун х1алт1и. Къебед Х1асанбеговичас бекьанщинаб махщалил хьон лъелехь бан гьелчелеб буго Дагьистаналда, гъесул махщалица асар г1еме-г1емерал гьабила г1адамазул рак1азе. Къебед Х1асабеговичасул гьудуллъи-хурхен бук1ана Дагъистаналъул махщел т1ок1ал художникал: Гейбатовасулгун, Шахмардановасулгун, Юнусовасулгун, Камбулатовасулгун, Мушаиловасулгун ва гь. цогидазулгонги. Махщел бук1ана Къебед Х1асабеговичасул куч1дул гьаризеги, ах1изеги, музыкалиял алатал хъвазеги, кьурдизеги.

Хъвалаан Къебедица куч1дулги. Лъабц1ол, хъизан гьабуниги, хъизан рукъалъул бит1 ккеч1о Къебедие. Гьаб «Рак1алде щвеял» абураб коч1олъ Къебедица жинцаго нахъа тараб г1умруялъул нухалъул х1асил гьабулеб буго.

 

РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛ

Дир арал къоязул, къиматаб гугьар

Къваридаб дир рек1елъ, щайзе ц1илъулеб

Дир г1инкъал анищал, рак1алде щвеял

Лъица нуж нахъойги, рорч1изарурал

Рак1 щайзе, мун ц1алеб цойги рахъалде

Рук1арал, лъуг1арал къоязда хадуб

Къисмат гьиманиги, гьелдаса вохун

Гьанже кеп босулеб, куцалда гьеч1ин

Дун добго х1алалда, пикрабалъ вуго

Паракъалъиялъул къасдаз к1век1улев

Амма пикрабазул квешал ч1ораца

Ч1агояб дир рек1елъ ругъун лъун буго

Дица хъвараб коч1ол, мухъазде къулун

Къваридаб лах1заталъ нуж пашманлъуге

Лъидаго к1оларо, дол рек1ел хьулал

Лъукъараб дир рек1елъ ц1илъизаризе 

Рохалил канлъидул, кепал харбазул

Хинал макьабазул, заман ун буго

Тирхараб рак1алъул къоги рук1к1ун ун

Дир г1ищкъул къоязул бакъ т1ерхьун буго

К1иц1ул бесдаллъарав, лъабц1ул лъукъарав

Къварилъи, зах1малъи жинца баччарав

Заг1ипав, х1алт1уца к1век1арав гъарин

Гъапуллъун ватилин те паракъатго

Къварилъи, зах1малъи гьаб дунялалда

Дида г1умруялда г1емер бихьана

Гьеб кинабго дида к1оченабураб

Баркала, инсуца кьураб ирсалъе!

Просмотров: 1053 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 1.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz