Учителасул махщел ккола дунялалдаго бищунго х1урматияблъун
ва бищунго адаб гьабулеблъун. Г1иц1го учителасе налъулаллъун ккола лъимал
жидерго церет1еяздалъунги, г1умруялда
бергьенлъабаздалъунги. Учителасул профессионалияб махщалида бараб бук1уна
лъималазе лъай кьеялда цадахъго, гьезие тарбия щвей, гьел улкаялъул унго-унгоял гражданаллъун рахъин.
5 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана
Т1олгодунялалъул учителасул къоялъул х1урматалда районалъулго церет1урал учительзабиги г1ахьаллъун
рохалилаб данделъи.
Гьеб х1урматияб данделъиялде вач1ун вук1ана
райадминистрациялъул нухмалъулесул
заместитель С. Батиров, районалъул лъай
кьеялъул управлениялъул методикияб
централъул х1алт1ухъаби.
Жидерго рокьулел учительзабазда байрам баркизе рач1ун рук1ана районалъулго
школаздаса ц1алдохъабиги.
Учителасул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал, г1акъилал
раг1абиги абун байрам берцинго нухда
бачана Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Х1ажиева Расиятица.
Т1оцебе байрамги рагьун учительзабазда баркиялъулаб к1алъай
гьабизе балагьаразда цеве вахъана райадминистрациялъул нухмалъулесул
заместитель С. Батиров. Гьес къадруяв, къимат т1ок1ав учителасул махщалие
къиматги кьолаго, райадминистрациялъул рахъалдасан районалъулго учительзабазда
баркана гьезул профессионалияб байрам. Баркала кьуна бихьулеб къоялде
рач1инч1ого х1алт1и цебехун бачунел педагогазе. Гьарана гьезие х1алт1улъ
ч1ах1иял бергьенлъаби, рохел, халатал соназул ракълилаб г1умруги, гьабулеб
ишалъулъ бит1ккейги.
Лъай кьеялъул управлениялъул рахъалдасан баркиялъулаб
к1алъай гьабизе яхъарай Пат1имат Маликовалъ бицана районалъул учительзабаз жидеда бихьулеб
къоялде рач1инч1ого нилъер бук1инесеб – лъимал куцаялде ва гьезие лъай кьеялде ц1ик1к1араб
к1вар кьолеб бук1иналъул. Школал х1алт1улел руго ц1иял стандартазда рекъон.
Учителасул х1алт1уде, школалде, т1олабго лъай
кьеялъул системаялде гьабулеб
жавабчилъи ва т1алаб
борхулеб бук1иналъул. Гьелъ рак1-рак1алъулаб баркала кьуна педагогазе
гьезул зах1маталъухъ, сабруялъухъ, гьабулеб ишалдехун ва лъималаздехун бугеб
рокьиялъухъ. Хадуб ц1алдохъабазда
гьоркьоб т1обит1ана куч1дузул конкурсги. Ц1алдохъабазул т1олабго церерахъин
буссараб бук1ана г1акъилав, къиматав, лъай ц1ик1к1арав педагогасул х1алт1уе
къимат кьеялде.
Конкурс г1уц1ун бук1ана 1-4, 5-8 ва 9-11 классазул
ц1алдохъабазда гьоркьоб. Х1исабалде босулеб бук1ана лъималазул кеч1 ах1изе бугеб
гьунар, конкурсалъул тема, бакъан, форма
ва гьеб гуребги цогидабги. Жюриялъ
киналго х1асилалги данде росун 1-4 классазда
гьоркьоб т1оцебесеб бак1 гьоркьоб бикьана Г1обода гьоркьохъеб школалъул
ц1алдохъан Саг1адулаевасдаги, Г1арани
гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Л. Шариповалдаги гьоркьоб.
К1иабилеб бак1 кьуна Харахьи гьоркьохъеб школалъул
ц1алдохъан Хайрулаевалъе, лъабабилеб бак1алде яч1ана Т1ануси гьоркьохъеб
школалъул ц1алдохъан Нурмух1амадова.
5-8 классазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 гьоркьоб бикьана ращадал баллал щварал Шотот1а аслияб школалъул ц1алдохъан П. Мух1идиновалдаги,
Т1ануси гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан М. Мух1умаевасда ва Г1арани
гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан С. Мух1амадиновалдаги
гьоркьоб. К1иабилеб бак1 гьоркьоб бикьана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалдаса
Шагьидовалда, К1ахъ аслияб школалдаса П.
Къебедовалда ва Г1обода гьоркьохъеб школалдаса Мух1амадбековалда гьоркьоб. Лъабабилеб бак1 кьуна Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалдаса Мух1амадова Г1айшатие.
Ич1абилел - анц1ила цоабилел классазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 гьоркьоб бикьана Шотот1а аслияб
школалъул ц1алдохъан З. Мух1идиновалда
ва Т1ануси гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан З. Сираевалда гьоркьоб. К1иабилеб
бак1 щвана Хунзахъ рагъулабгин
спортивияб лицеялдаса П. Ах1мадовалъе, лъабабилеб бак1 щвана Х1ариколо гьоркьохъеб школалдаса Л.
Г1алиевалъе.
Учительзабазул байрам берцин гьабун бук1ана жалго
учительзабаз ах1арал куч1дузги. Балагьараз лъик1го къабул гьаруна К1ахъ
аслияб школалъул учитель
Нурмух1амад Гъазиев, Шотот1а аслияб школалъул завуч Аминат Мух1идинова
ва Т1ануси гьоркьохъеб школалъул учительница
Х1айбулаева Ах1сарат.
Лъик1ал церерахъинал
рук1ана киналго г1адин школазул
ц1алдохъабазул.
Учителасул къоялъул
х1урматалда т1обит1араб мажлис ана г1уц1адго ва рохалилаб ах1вал-х1алалда.
Н. Г1алиева.
|