Четверг, 18.04.2024, 21:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Март » 8 » ИХДАЛИЛ БАЙРАМГУН, Х1УРМАТИЯЛ РУЧЧАБИ.
21:50
ИХДАЛИЛ БАЙРАМГУН, Х1УРМАТИЯЛ РУЧЧАБИ.

Т1абиг1ат ч1аголъулеб, сверухълъи г1урччинлъулеб, г1адамазул рак1ал рохулеб март моц1алда к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб руччабазул байрам-8 март.

Ч1ужуг1адан-эбелалде данде гьабулеб къуват нилъер дунялалда щибго гьеч1о. Гьей гьеч1еб дунялги нилъеда цебе ч1езабизецин к1оларо.

Нилъер районалдаги руго г1емерал г1емерал къадру-къиматалъеги, реццалъеги мустах1икъал руччаби. Гьез х1укуматалъул х1алт1иялда цадахъ бачунеб буго рукъалъул маг1ишатги, тарбия-лъайкьун г1езарулел руго лъималги. Гьелъ ц1унулеб буго хъизаналъулаб паракъалъи, бихьизабулеб буго жамг1иял ишазулъ цебехъанлъиги. Т1аде щолеб бугеб руччабазул байрамги баркун нижеца гара-ч1вари гьабуна районалдаса цо-цо руччабигун, гьарана гьезда цо чанго суалалъе жаваб кьеян:

. нужерго х1алт1ул х1акъалъулъ бице;

. руччабазулъ щиб берцин бихьулеб;

. руччабазе гьара-рахьиял. Гьале гьел:

 

Маламух1амадова Ирайсат Маламух1амадовна, Гьамущи

-57 сон бана дица г1урус мац1алъул ва литератураялъул учительницалъун г1агараб Гьамущи росдал школалда х1алт1улей йигелдаса. Росулъ 7 класги лъуг1изабун, дун ц1ализе лъугьана районазда гьоркьосеб руччабазул школа-интернаталде. Гьенисан дун ана Мах1ачхъалаялде руччабазул пединституталде ц1ализе. Ясал рукъ тун къват1ире ц1ализе риччалароан. Дир эмен живго учитель, эбел росдал советалъул председатель йик1иналъ, ц1ализе йит1ана дун шагьаралде. Дун ккола Гьамущи росдал г1адамазда гьоркьой т1оцебе т1адег1анаб лъай щварай г1адан. Дида хадуб дагь-дагь ккун цойгидал ясалги риччазаруна дица ц1ализе. Доб бук1ана кутакалда зах1матаб заман. Бакъвараб чедги чайги гьекъон, сардал рорч1ун экзаменазде х1адурулаан ниж. Т1оцебе х1алт1изе яч1араб мехалда зах1мат бук1ана лъималазда г1урус мац1 малъизе, гьезда гьеб бич1ч1изабизе. Гьанжейин абуни, байбихьул классаздасанго бицуна лъималаз г1урус мац1.

Дир руго 7 лъимал: 4 ясги 2 васги. 2-ял г1олохъанго хвана. Киналго лъималазул буго т1адег1анаб ва гьоркьохъеб лъай

 

-Гераева Аминат Мирзалмух1амадовна, Уздалросу

-Цебе гьоц1дерил художествалъулаб комбинат бугеб мехалда росдал г1емерисел г1адамал х1алт1удалъун хьезарун рук1ана гьелъ. Дунги гьений х1алт1улаго ана пенсиялде. Г1емераб берцинлъиялъ хьезаруна нижеца нилъер муг1рул руччаби, бихьинал гурелги, Россиялъулго г1адамал. Килщида ралел баргъичалги, г1инда ралел к1илк1алги, рукьалда ралел курхьабиги, иццухъе росизе гулгуналги, г1ерт1алги, бихьиназе лълъурдулги г1емераб цогидабги нижер кверзукьан инч1еб жого хут1ич1о.

Дица г1езаруна 5 дирго лъимал, 4 эбел-эмен хун хьихьизе рачарал лъимал ва цо васасул васасе эменлъиги ч1езабун буго.

Киналго лъимал, рат1алъи гьеч1ого, дида дирголъун рихьула. Гьез дун эбеллъунги рик1к1уна, дица малъаралдасаги кьуруларо. Гьел дица цо-цо ккун г1умруялъул бит1араб зах1маталъул нухде т1орит1улел руго.

Районалъул руччабазе гьарула бищун цебе сахлъи, талих1аб г1умру, рак1алда гьеч1ел балагьал т1аде рач1унгеги гьезде, нилъерго лъимал бесдаллъунги хут1угеги, бесдалал т1адеги ккогеги.

 

-Мух1амадова Сулайсат, районалъул культураялъул рукъалъул методист.

-1980 соналда культ-просвет училищеги лъуг1изабун яч1ана дун г1агараб районалде х1алт1изе. Гьелдаса хадуб араб 38 соналда жаниб дица жигар бахъана районалъул г1адамазул культурияб х1ухьбахъи г1уц1адго, гьезул г1умруялъе ва рук1а-рахъиналъе пайда-хайир кьоледухъ инабиялда т1ад. Х1алт1ана театралдаги, г1ахьаллъана художественнияб самодеятельносталдаги. Гьабсаг1аталда дун ккола фольклоралъул рахъалъ методист. Х1алт1ула дихъа бажарарабщинаб х1алт1и гьабун. Руччабазулъ дида берцин бихьула намус-ях1, маг1арул г1адаталда рекъараб рет1а-къай, зах1матаб бокьи.

Руччабазе гьарула ихдалила ч1аголъи, Афродитал г1адаб берцинлъи, кавказалъулаб г1умру халалъи, талих1 ва рохел. Биччанте, щияй ч1ужуг1аданалъул рокъоб бук1ине рокьигун хинлъи, цоцазе адаб ва хъатир.

Дайитбегова Суайбат Мух1амадовна, Г1орк1ач1и

-Дун ккола т1убараб г1умруго колхозалда арай, зах1мат бихьун х1алт1арай г1адан. Колхозалда х1алт1улелъул дица гьабич1еб ч1ег1ераб, хъах1аб х1алт1иго хут1ич1о. фермаялда дояркаги дун, хурий, хариний ецарухъанги дун, корма-цехалъул х1алт1ухъанги дун, гьакал ц1ун гьеб г1ачиязе кьезе унейги дун.

Кинаб бугониги х1алт1и бокьула дие. Гьеб гьеч1ого х1алхьиялда ч1езеги к1оларо дида.

Амма дица гьабураб х1алт1иялда рекъараб пенсия бахъич1о дие. Алх1амдулиллагь, бугеб т1аса ун хут1угеги. Дир руго 3 яс ва 2 вас. Гьел дица жиде-жидер рукъалде руссинаруна.

Ч1ужуг1аданалъулъ берцин бихьула рак1 бац1ц1алъи, х1илла-рек1к1, макру гьеч1олъи.

Районалъул киналго руччабазе гьарула г1емерал соназул халатаб г1умру, эркенлъи ва рохел.

 

-Х1амзатова Пат1имат Х1амзатовна, Гьоц1алъ

-Исана 45 сон т1убала дица ДГУялъул филологияб факультетгилъуг1изабун х1алт1изе яч1аралда.

Ахираб заманалда учителасул х1алт1ул къимат хваниги, гьеб махщел дицаго т1аса бищиялдаса дун йохун гурого пашманлъич1о. дие г1ола лъималаз ва гьезул улбул дие кьолел баркалабиги, гьез дир гьабулеб къиматги. Киг1анго зах1матаб ва жавабияб х1алт1и учителасул бук1аниги, дица гьеб гьабула рак1 бац1ц1адго, дир рак1алда бугеб иш, бажарулеб иш гьадинал, додинал далилал рачун т1убазабич1ого дун ч1оларо.

Руччабазулъ берцин бихьула иманалда, сабруялда хьвади.

Гьарула руччабазе сахлъи, свак лъалареб зах1мат. Нилъер миллатго ч1ух1арай, киназего мисалияй маг1арулайлъун йик1ин, рукъалъе баракат, рокъоб гьуинлъи.

 

Просмотров: 615 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz