Четверг, 18.04.2024, 09:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Март » 08

 Гьале т1аде щвана ихдалил т1оцебесеб байрам - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо –-8 март. Гьеб къоялъ нилъеца к1одо гьарула нилъ гьарурал, кодоре рачун реэдарал, нилъер хириял, х1еренал, кинабго рахъалъан рек1ел хинлъиялъги, т1алаб-агъазалъги нилъ сверун ккурал улбул, нилъер къадруял, къиматал, х1ажаталъур нилъер хьолбохъ ратулел лъудби, яцал ва ясал. Ч1ужуг1адан - гьей ккола инсанасул талих1, рохел, рокьи, лъик1аб щиналде анищ-хьул. Гьединлъидалин т1олабго халкъалъего хирияб бугеб гьеб ихдалил гьайбатаб байрам. Ч1ужуг1адан -эбел кидаго йик1ана ва йиго к1удияб къуват. Гьелъул х1асратаб рак1алъ къезабула киг1ан к1удиябги зах1мат-г1акъуба, къварилъи. Мекъи бук1инаро ч1ужуг1адан гьеч1они ракьалда г1умру бук1инарин абуниги. Ч1ужуг1адан гьеч1еб рукъ -гьеб буго ц1а свараб гъансито. Ч1ужуг1аданалъул кверазги, г1акълуялъги, махщалицаги г1уц1ула дунял, данде бачуна хъизан -рукъ, гьелъ жавабчилъи ц1ик1к1араб бак1 ккола жамг1ияб г1умру цебет1езабиялда. Руччабаз х1аракатаб г1ахьаллъи гьабулеб буго г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун тарбия кьеялдаги, халкъалъе медицинаялъул хъулухъ гьабиялдаги ва гь. ц. бут1абаздаги. Заманаялъул зах1малъабазухъ балагьич1ого гьез х1аракат бахъулеб буго хъизамалда рекъелги, рокъоб талих1ги, гъасда ц1аги, г1агарлъиялъулгун гьуинлъиги, мадугьалихъ гьудуллъиги бук1инабизе. Улкаялъул т1олалго руччабазда цадахъ лъугьун нилъер районалъул руччабазги жигараб г1ахьаллъи гьабулеб буго районалъул экономика борхизабиялъулъ, лъималазе лъай, тарбия кьеялда, сахлъи ц1униялда, росдал маг1ишат цебет1езабиялда. Дагьал гьеч1о Ват1ан т1егьазабиялъе г1оло к1вах1- свак лъач1ого х1алт1улел руччаби. Гьел мустах1икъал руго кидагосеб реццалъеги адабалъеги. Хириял руччаби! Рак1-рак1алъ баркула нужеда 8 март! Гьарула киназего г1умруялда талих1, рохел, сахлъи, хъизан -рукъалъе аваданлъи, кибго ва сундулъго сабру, г1акълу, гьабулеб ишалъулъ икъбал. Барка, магIарулай, 8 март!

«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер Н.Задиев

Районалъул Собраниялъул председатель Х.Хваджаев.

 

Просмотров: 931 | Добавил: NiGMaT | Дата: 08.03.2019 | Комментарии (0)

 Т1абиг1ат ч1аголъулеб, сверухълъи г1урччинлъулеб, г1адамазул рак1ал рохулеб март моц1алда к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб руччабазул байрам-8 март.Ч1ужуг1адан-эбелалде данде гьабулеб къуват нилъер дунялалда щибго гьеч1о. Гьей гьеч1еб дунялги нилъеда цебе ч1езабизецин к1оларо.Нилъер районалдаги руго г1емерал г1емерал къадру-къиматалъеги, реццалъеги мустах1икъал руччаби. Гьез х1укуматалъул х1алт1иялда цадахъ бачунеб буго рукъалъул маг1ишатги, тарбия-лъайкьун г1езарулел руго лъималги. Гьелъ ц1унулеб буго хъизаналъулаб паракъалъи, бихьизабулеб буго жамг1иял ишазулъ цебехъанлъиги. Т1аде щолеб бугеб руччабазул байрамги баркун нижеца гара-ч1вари гьабуна районалдаса цо-цо руччабигун, гьарана гьезда цо чанго суалалъе жаваб кьеян:

 

Просмотров: 614 | Добавил: NiGMaT | Дата: 08.03.2019 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz