Воскресенье, 05.05.2024, 21:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Апрель » 27 » ГЬАНИБ ГЬУДУЛЛЪИ БЕРГЬАНА.
23:02
ГЬАНИБ ГЬУДУЛЛЪИ БЕРГЬАНА.

Ц1адаса Х1амзатги, Х1амзатил Расулгиг1адал шиг1руялъул устарзаби, дунялалдаго ц1ар раг1арал поэтазул Ват1ан Ц1ада машгьураб буго цогидал раг1и билъарал, районцоязулги жал лъалезулги щибаб къойилаб адаб-х1урматалъе мутах1икъал  г1адамаздалъунги. Гьелъие мисаллъун рехсела,  милициялъул анлъго  начальник  вахъана гьит1инабго гьеб маг1арул росулъ. Гьезул аслияв, «дадаян»  абуниги мекъи ккеларо,  НКВДялъул  заманалдасаго районалъул  милициялъе  нухмалъи гьабурав полковник Х1амзатов Мах1сут1 рак1алдещвезавиялъул волейболалъул турнир т1обит1ана  Ц1ада  Къурамух1амадовасул ц1аралда  бугеб спортзалалда гьал г1агарал къояз. Турнир  т1обит1иялъул  х1аракатчи,  аслияб куцалъ гьелъие унел  харжал т1адеросарав чи  ккола Махсут1ил яцалъул вас  Кизилюрталъул  ВТЭКалъул председатель, т1адег1анаб категориялъул  тохтур Г1алибегов Г1амир.

Цебегоялдаса анищ  бук1анила жиндир районалдаги республикаялдаги  адаб-х1урматалда вук1арав, Хунзахъги мадугьалихъ районаздаги жанисел ишазул отделазе  бажарун нухмалъи  гьабурав, унго-унголъунги  милициялъул х1алт1уе вижарав  имг1ал  рак1алде щвезавиялъул  кинаб бук1аниги тадбир т1обит1изе.  Дирго вац, отставкаялда вугев милициялъул полковник Г1алибегов  Г1арипидехун ургъел бикьанила,  г1езег1анго волейболги  х1арал,  гьабсаг1атги гьелъ «унтарал» чаг1и нижгоги рук1иналъ,  районалъул росабазул  командабазда гьоркьоб волейболалъул турнир т1обит1изе  пикруялде рач1анила  жал. Райадминисрациялъул  бет1ерасда,  спорткомитеталда дандбайдал,  х1укму кканила апрель моц1алъ 45 соналдаса т1аде араб ригьалъул волейболалъул ветераназда гьоркьоб турнир т1обит1изе,- ян  бицана Г1амирица.

Т1аде щвана тадбир т1обит1изе  х1исабалде росарал апрелалъул  20-21 къоялги байбихьана турнирги. Амма,  цебеккун  росабалъ пуланал къояз Ц1ада турнир бук1ине бугилан  лъазабун бук1аниги киназго гуро  гьениб г1ахьаллъи гьабураб. Волейболалъухъ   валагьизе ч1арав,  хъулухъалъулаб ишалъ районалде  вахарав  Гьамущи  школалъул директор Шагьрудинги, жиндирго х1алт1уда вук1арав Дибировги,  цо чамго хьиндалавги гурони,  Харахьи ва Гьоц1алъ участкабаздаса  командаби турниралде рач1инч1о. Г1иллаги  ихдалил ах-хуралъул х1алт1аби  т1адрарал  завал бук1ин батилин тана. Къоабилеб  апрелалъ рузманалдаса хадуб  байбихьана х1аязде.  Т1анусиги Гъонохъги командаби  дандч1вана т1оцебе. 2:0 х1исабгун гъанхъал  къуна гьениб байбихьуда. Гьец1елдерие  бит1гьеч1еблъун бук1ана  хунздерилгун гьезул бук1араб дандч1вай. 2:0 х1исабгун бергьана  хунз гьездаса .

К1иябго х1аялдаса хадуб т1обит1ана  турнир  рагьи. Залалда къеда бараб Махсут1 Х1амзатовасул портрет. Гьелда гъоркь трибунаялда нахъа ч1араб судьябазул коллегия, т1аде рач1арал гьалбал,  ункъабго бок1он ц1ун скамейкабазда г1одорч1ун болельщикал,  площадкаялда кьералъ ч1арал командаби... Спорткомитеталъул председателасул заместитель Ш. Малачиевас турниралъул бет1ерав судья  М.Х1асановасе рапорт кьуна байбихьялде кинабго х1адур бугилан. Щибаб команда чемпионлъун  бахъин жиндир мурад кколила, амма  спорталда къуватал,  тириял гурони  бергьунарила. Бергьине ккани зах1мат – г1акъубаялде  рач1инч1ого х1азеги кколилан, баркиялъулаб к1алъай гьабуна  райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс. Махсут1ил г1умруялъул, зах1маталъул нухалъул бицун к1алъана  гьесул ишги кодобе босун  РОВДялъул  начальниклъиялде вахинег1ан милицялда х1алт1арав росуцояв  Г1абдулаев  Х1асан.  Районалъул  волейболалъул  ветераназул рахъалдасан баркиялъулаб к1алъай гьабуна  Т1анусиса Мух1амадов Г1убайдулагьица.  Г1агарлъиялъул рахъалдасан  жидер имг1ал к1одогьавун  данделъаразе баркала кьун  к1алъана  районалъул жанисел ишазул  отделалъе нухмалъи  гьабурав милициялъул полковник Г1алибегов Г1арип. Хадубги байбихьана  х1аязде. Турниралъул «круговая  системаялда»  г1уц1арал х1аязда цоцазда дандч1вач1еб цониги команда хут1ич1о. Хадусеб къоялъ финалалда 3-4  бак1алъе г1оло дандч1вазе кколаан  Т1ануси ва Гьац1алухъ росабазул командаби.  Гьец1ел х1азе рач1инч1олъиялда бан  судьябазул коллегиялъ лъабабилеб  бак1 Т1анусдерие кьуна . Бищунго  х1алуцарабги  берцинабги бук1ана финалалда  т1оцебесеб ва к1иабилеб бак1азе г1оло Ц1игьулдеридаги  Хунздеридаги гьоркьоб бук1араб  х1ай. Площадкаялъул бет1ергьабиги жалила,  Махсут1ги росуцоявила,  кубок къват1ибе бичаларилан т1ирун ч1ун Ц1игьулги, Ц1адаса кколев ватаниги районалъего г1ахьалав аргъут вук1анила Махсут1ги,  площадка нужер батани, х1азе махщелги х1албихьиги  жидер ц1ик1к1арабилан,  дагьабги кьварун Хунзги, гьединаб, г1иц1го спортивияб бах1салда байбихьана финал. Х1алуцун ана т1оцебесеб подачаялдаса байбихьун  ахиралде щвезег1ан к1иябго  партия. Т1оцебесеб партиялда  Хунздерил очкабазул къадар  къоломикьгоялде бахана, к1иабилеб партиялдаги цин цояз  бахъун, цин цогияз бахъун,  цого къадаралъул рук1ана к1иязулго очкаби. Ахирги бергьана х1албихьи, 25:24 х1исабгун бергьана хунз ц1игьулдеридаса ва турниралъул чемпионаллъун рахъана гьел.

Лъуг1ана турнир . Судьябазул коллегиялъ,  г1уц1иялъул коллегиялъ х1асилал данде росана. Байбихьана турниралъул  чемпионал, призерал  ва цогидалги мустах1икъал  г1ахьалчаг1и к1одо гьариялде. Къецазул бет1ерав судья Х1асанов Мух1амадица цевеги ах1ун,  турниралъул кубок,  т1оцебесеб даражаялъул диплом,  чемпионазул медалал ва г1арцулаб сайигъат  хунздерил командаялъул  капитан левша Мух1амадихъе кьуна  райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс. Медалал, дипломал, г1арцулал сайигъатал  кьуна  турниралъул к1иабилеб, лъабабилеб бак1ал  ккурал   Ц1ада ва Т1ануси  росабазул командабазеги. Гьоркьор теч1о турниралда г1ахьаллъарал  цогидал командабиги. Призалъулал  бак1ал кквеч1ониги  гьезиеги кьуна  г1арцулал сайигъатал. Г1арцулал  сайгъатаздалъун к1одо  гьаруна  къецазул  ункъавго судья – М.Х1асанов, М.Ах1мадов, Р.Татарханов ва М.Г1абдулхаликъов. Турниралъул бищунго лъик1ав  игроклъун  рик1к1ана Хунзахъ командаялъул капитан Мух1амадов Мух1амад, бищунго лъик1ав нападающий - Ц1адаса Патах1ов Мух1уч, бищунго лъик1ав  пассал кьолев - Г1алибегов Г1амир, бищунго лъик1ав защитник - Т1анусиса  Хат1ипов Ах1мад. Гьезиеги щвана г1арцулал сайгъатал «Приз  зрительских симпатий» кьуна Хунзахъа  М.Саг1идовасе. Бергьенлъиялде  х1асрагун х1арав Ц1адаса Зайрбегов Асх1абг1алиги мустах1икълъана сайгъаталъе.  Районалъул волейболалъул ветеранал  Ц1адаса Шахшаев Абакар, Ах1мадов Мух1амад, Хъайтмазов Мух1амад,  К1ахъа «хвалчен» Мух1амад, Хунзахъа Х1асанов Мух1амадги к1одо гьаруна  сайгъатаздалъун. Турнир т1обитулеб къо данде ккана  Г1арани гьоркьохъеб школалъул   директор Мусаев Сулейман гьавураб къоялда.  Росуцоязул, турниралда г1ахьаллъаразул  баркигун гьесиеги кьуна сайгъат.

Турнир къалаго бергьаразда баркигун, цогидазе хадусел къецазда икъбалги бит1ккейги жиндир  мурад бук1ин загьир гьабун к1алъана  районалъул нухмалъулев. Гьединалго к1алъаялгун цере рахъана цо-цо  г1ахьалчаг1иги. Турниралда г1ахьаллъарал спортменазе,  гьеб г1уц1адго т1обит1иялъе х1аракат  бахъарал киназего, призалъул фонд г1уц1изе квербакъанщиназе баркала кьун к1алъана г1уц1иялъул комитеталъул  председатель  Г1алибегов Г1амир, «Возрождение» банкалъул вакил  Ах1мадов Патах1. Къецазул  байрахъ г1одобе бичазе изну кьуна  Хунзахъа Мух1амадов Мух1амадие (левша). Лъуг1ана турнир. Гьелъул  «к1иабилеб отделение»  квана-гьекъеялда г1одор ч1араз Х1амзатов Махсут1ил  рахъалъ г1емерал лъик1ал  раг1аби абуна, рук1ана рак1алде щвеял. Гьанибги  турнир лъик1 анин,  цебегоялдаса рук1инч1ила  гьадинал интересал,  балагьизе бокьулел х1аялан, гьеб г1уц1арав  Г1амирие,  гьобол хириял ц1игьулдерие баркала кьун к1алъана г1емерисел. Г1одорч1ей г1уц1адго бачине «ишалъулаб ах1вал-х1алалда», аваданго гьеб иналъе тадбирал гьаризе т1адкъан  бук1ана  Ц1адаса цоги  милицаначальник, Кизилюрталда  вугев  Зайрбегов Асх1абг1алида. Гьелъие гьес х1аракатги  бахъана.

Ахиралдаги, жиндаго эмен гьеч1еб  бесдаллъи лъазе теч1ого Махсут1ица аск1ове  вачун хьихьарав  васасул вас  Мухтарица гьарана дах1адада к1одо гьавун турнир т1обит1арал  дадал вацг1алзаби Г1амир ва Г1арип  Г1алибеговазе  баркала кьеян.

Просмотров: 810 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz