Вацал Райтазул рорженалдасан байбихьун рагьана инсанияталъе г1ажаибаб, квег1енаб ва цебеккун бук1ине бегьулеблъунцин бихьулеб бук1инч1еб транспорт.
Гьелдаса нахъе ана г1асруялдасаги ц1ик1к1ун заман. Г1умруялъе х1инкъи ц1ик1к1араб рек1елгъеялдаса самолетазда роржин сверана т1убарал континентазда, улкабазде гьоркьоб манзил къокъ гьабулеб, хехаб ва рак1ч1араб зодосан хьвадиялде. Умумуз жеги-жеги бицуна гьит1инаб авиациялъул маг1аруллъиялъе бук1араб баракаталъул. К1икъого минуталде рах1аталда щвезарулел рук1ун руго Хунзахъа Мах1ачхъалаялде зобалазул зузудираби-«кукурузниказ». Ц1ан къойиде щущазабуна ц1игьабун г1уц1иялъул карачелабаз аэропорталъул х1алт1иги, гьелдасан г1адатаб халкъалъе бук1араб квег1енлъиги. Г1иц1го машина бачине ругьун гьабулезул «фигуры высшего пилотажа» рихьула гьанже цебе самолетал-вертолетазул зурт1и бук1араб г1ат1идаб роржунеб полосаялдаги.
Амма рохизе ва ч1ух1изе ккараб х1ужа буго ц1ияб-лъик1алде гъираги бугел, цониги жо ургъизе лъайги бугел г1олохъаби миллаталда гьоркьор лъуг1ун гьеч1олъи. Гьединал къанаг1атазул цояв ккола Хунзахъ росулъа Мух1амад Сулейманов. Гьев бажарарав г1олилав дида лъалаан студентлъиялъул заманалдаго рик1к1адал ва зах1матал 1996-2000 соназ ДГПУялъул 3 ва 4 общежитиязда г1умру гьабун ругелщинал районцоязул электротехника: магнитофонал, итаби, фенал, чайникал-щиб бокьаниги рух1ун къач1алаан физикаялъулгун математикаялъул факультеталъул студент Мух1амадханасул Мух1амадица. Нижеца гьеб толаан г1умруялъ токил мухъазда х1алт1ун лъик1ав махщалилавин ц1ар щварав инсул ирслъун. Амма г1олиласулъ жиндилъго бук1ана бокьараб жо ургъун бахъизе лъайги инженерлъиялъул таваккалги.
Сверана сонал… Федералиял каналазул бищун к1удиялдасан радалг1ужалъ вихьизавулев вугоан Мух1амад, жиндицаго данде гьабураб самолетгун. Москваялъул журналистал тамашалъун ругоан г1алхулаб дозие Дагъистаналда гьадинаб лъаялъул г1адамал, конструкторал рати. Лъидаха рак1алде ккелеб, Хунзахъ г1урав, г1адатав маг1аруласда ц1идасан самолет данде гьабизе гьунарги махщелги г1елилан?! Амма Сулеймановас ц1ияб г1умру кьуна МАИ-890У самолеталъе. Лъабго бат1ияб аппараталдасан данде гьабун, винтазулаб система хисизабун, щибаб гайка-болт жиндицаго кьурун, «Хонда-сит» автомобилалъул двигатель лъун, зодобе бахъана к1иго чи рек1инавизе рес бугеб, 4 азарго метр борхалъуда боржунеб маг1аруласул кверзул «ц1ум». Мух1амадида цадахъ роржараз бицуна стаж бугев шоферас машинацин бачунарин гьес самолетг1ан бигьагоян. Гьелдаго цадахъ пилотас гьарулел «Мертвая петлябазулги» ц1ар ун буго. (Аллагьас хъван батани, щвела диеги рес авиаконструкторасда цадахъ йоржун бихьараб-таралъул нужее бицинеJ). Дагъистаналъул гьава-бакъалде данде ккезабун 6 М\с гьорол гуч х1ехьоледухъ гьабураб буго «МАИ». Ютюб интернет-каналалде раккулезда рихьун ратила Мух1амадица квадрокоптералъ зодосан рахъун гьарурал гьайбатал, рак1ал сагьвил гьарулел видеофильмалги. Унго-унгояв ват1аналъухъ рокьи ккарасул х1алт1и. Анкьгьунарчилъи! (Нагагьлъун лъик1аб, маг1наяб аэросъемка гьабизе нужее х1ажалъани, Мух1амад Сулейманов ватизе бегьула air-semka05 аккаунталда Инстаграмалда ялъуни 89883035272 телефоналъул номералде ах1ун. Рекламаялъул ва студентлъиялъул гьудуллъиялъул ихтияразда (Махсара)-авт.)
Гьабсаг1ат Мух1амад Сулейманов х1алт1илев вуго пилотажалъулаб самолет бак1ариялда т1ад.
Гьаризинха ракьцояв летчик-конструкторасе жеги к1удиял ц1ирагьиял гьарун районги республикаги ч1ух1изаризе щулияб сахлъиги икъбалги!
|