Автор.Ф.Мух1амадова.Февраль 2019сон.
Вацал Райтазул рорженалдасан байбихьун рагьана инсанияталъе г1ажаибаб, квег1енаб ва цебеккун бук1ине бегьулеблъунцин бихьулеб бук1инч1еб транспорт. Гьелдаса нахъе ана г1асруялдасаги ц1ик1к1ун заман. Г1умруялъе х1инкъи ц1ик1к1араб рек1елгъеялдаса самолетазда роржин сверана т1убарал континентазда, улкабазде гьоркьоб манзил къокъ гьабулеб, хехаб ва рак1ч1араб зодосан хьвадиялде. Умумуз жеги-жеги бицуна гьит1инаб авиациялъул маг1аруллъиялъе бук1араб баракаталъул. К1икъого минуталде рах1аталда щвезарулел рук1ун руго Хунзахъа Мах1ачхъалаялде зобалазул зузудираби-«кукурузниказ». Ц1ан къойиде щущазабуна ц1игьабун г1уц1иялъул карачелабаз аэропорталъул х1алт1иги, гьелдасан г1адатаб халкъалъе бук1араб квег1енлъиги. Г1иц1го машина бачине ругьун гьабулезул «фигуры высшего пилотажа» рихьула гьанже цебе самолетал-вертолетазул зурт1и бук1араб г1ат1идаб роржунеб полосаялдаги.