Воскресенье, 05.05.2024, 23:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 19 » Г1АДУДАДАЛ ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ ЛЪАЛК1.
12:08
Г1АДУДАДАЛ ХВЕЛ ГЬЕЧ1ЕБ ЛЪАЛК1.

Щивав инсанасул  бук1уна дунялалда толеб жиндирго хассаб нух, жиндирго хат1, махщел, гьунар, ц1ар, гьабураб лъик1аб г1амалалъ г1адамазул рек1елъа унареб, к1очонареб  хасият-г1амал.

Хвел гьеч1еб лъалк1 тана росуцоязулги, г1ага-божаразулги рек1елъ Ч1ондокь росулъа Гьит1инамух1амадил Г1абдулат1ипицаги.

Г1абдулат1ип вук1ана граждан рагъул г1ахьалчи, гьев вагъана Муслим  Атаевасул  нухмалъиялда гъоркь бугеб отрядалда. Г1ахьаллъана Аксаялда, Ц1унт1а хъачагъазда данде  гьарулел рагъазулъ. Бицунаан Ц1унт1а  хъачагъазда хадув  вортулаго гьороса гъоркье к1анц1ун жиндирго чехь бихъиялъул,  ракъул х1ал  бергьиндал цадахъ рук1арал гьалмагъзабазда цадахъ къишни-къулги хъирщун, картошкоялдаса бахъараб хъал кванаялъулги.  Г1абдулат1ипица абулаан  долдаса нахъе жинца картошка хъалгун  цадахъ  квананилан.

Дида лъай бижаралдаса нахъеги гьес картошка хъалгун цадахъ  кваналаан. Г1абдулат1ип  дида  цеве ч1ола щибаб Бергьенлъиялъул къо к1одо  гьабулеб Г1алаг1арт майданалда рет1ун медаль-килас бараб кительгун, галифе-т1ажугун, рет1ун ц1вакарал чакмабигун, лъун бухари  т1агъургун чодаги рек1ун парадалда цеве-вач1унев вук1араб куц. Г1абдулат1ипил кумек-квербакъиялъул бицен  лъуг1уларо  гьесул  росуцоязулги, лъалел-хъвалезулги жакъа къоялдаги. Гьев х1алимав инсанас бажарараб кумек гьабиялъул бицуна Ват1анияб рагъул заманаялъги, рагъ лъуг1ун хадуб рагъалъ бесдал гьаруразги, эбел-эмен гьеч1ого хут1ун хьихьаразги дол раг\къул соназ.

Г1абдулат1ипилги гьесул лъади  Г1ашатилги бук1ана гьобол-гьудул г1емераб к1иго ясги ки1го васги  ругеб аваданаб  хъизан, васазул к1удияв - Исмаг1илица кьуна Ват1аналъе рух1, гьев рагъдаса вуссинч1о. Росу  Чачаналде гочинабидалги гьезул рукъалъул нуц1биги, рукъалъул  бет1ергьабазул  рак1алги кидаго рагьарал рук1ана гьоболасе. Г1абдулат1ипил яс, дир эбел Пат1иматица бицунаан Чачаналде  авар театр бач1ин жидее к1удияб рохел бук1анилан, театралъул артистал жидеца лъихъего риччалароанилан. Гъираялда бицунаан Мах1муд Г1абдулхаликъовасул, Пат1имат Хизроевалъул, Сидрат Меджидовалъул. Г1абдулат1ипил бук1ана жиндирго  лъет1а  гьобо.  Гьабихъе г1ат1-ролъ, хьон хенезе рач1унаан мадугьалихъ ругел  росабалъа  г1адамалги. Гьесул квердаса  борч1араб  махщел бук1инч1о: гьабулаан ц1улал  устарлъи, эхетулаан къадал, рек1к1улаан росдалго  руччабазул  хъандираби. Бицен буго Г1абдулат1ипил эмен  Гьит1инамух1амадги магъилъе унеб нухда рачги ч1ван хъандираби рек1к1улев аук1унаанилан. Г1абдулат1ипица жиндирго жигарчилъиялда бана росулъ къулг1а, кумекалъе жиндирго яц Зубаржатил рос Сайпудинги вачун. Гьажеги гьеб къулг1аялда росдал г1адамаз  абула  Г1адудадал иццилан. Гьес махражалда ц1алулаан къуръан, ц1акъ берцинго хъвалаан  г1араб мац1алъ. Гьесул бук1ана Къах1иса  Х1асан-устарас кьураб вирдги, чурулаан жаназаги, т1уралаан киналго хвел букъиялъул т1адал ишалги. Гьебго мурад гьес т1убалаан мадугьалихъ росабалъ къварилъи кканиги. Рек1ел сахаватлъиялъги, г1адамазе жиндаса бач1араб кумек  гьабиялъги, Аллагь г1емер рехсеялъги батила Т1адег1анас гьесие халатаб, хьараб г1умруги кьураб – гьев хвана  ункъоялда ункъо сонил ригьалда. Хвелалде анц1го къоялъ цебе  гьев вач1ана жиндирго г1ат1и-ракьалда ругел лъималазде щвезе. Гьеб бук1ун буго гьесул лъималазулгун, г1ага-божаразулгунги къа-лъик1 гьабизе бухьараб ахирисеб  сапар ва гьениса нахъвуссун г1агараб  Ч1ондокье щун нахъисеб сордоялъго абадияб рокъове  т1овит1ана гьев. Х1ал Алжаналъубе ккун  батаги гьесулги нилъер киназулго  умумузул. Амин.

Расулова Рукъигат

 

Просмотров: 703 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz