Пятница, 26.04.2024, 02:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 9 » ЦlУНЕ МАЦl, ЦlУНЕ ЦlАР
22:57
ЦlУНЕ МАЦl, ЦlУНЕ ЦlАР

Гьал къоязда районалъул лъай кьеялъул отделалда т1обит1ана «Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асарал жиде-жидер мац1алда бищунго лъик1 рик1к1унев» абураб республикаялъулаб конкурсалъул муниципалияб бут1а.
Гьелъул мурад бук1ана миллатазул мац1ал церет1езари ва гьел ц1уни, г1агараб рахьдал мац1 лъазаби, г1олохъанал пагьму-гьунар бугел ц1алдохъаби т1аса рищи, авар мац1алде гьезул рокьи бижизаби.


Конкурсалда г1ахьаллъизе ах1ун рук1ана г1аммаб лъай кьеялъул школазул 11 классазул ц1алдохъаби.
Т1оцебе конкурс рагьарай районалъул лъай кьеялъул отделалъул информациялъулгун методикияб централъул директор Мух1амадова Умагьани Х1ажиевнаялъ г1одорч1аразе баян гьабуна конкурсалъул  мурад ва гьелда г1ахьаллъизе рач1арал 13 школалъул ц1алдохъабазе раг1и кьуна иргадал цере рахъине. Рек1елъе рортулел раг1абаздалъун нилъер маг1арулазул тарихги г1амалги, г1адатги, ях1-намусги наслабаз наслабазухъе кьун ц1унулеб авар  мац1алъул х1акъалъулъ бицунелъул, бихьулеб бук1ана жийго Умагьани Х1ажиевнаялъулги гьеб мац1алъухъ рокьи ккун бук1ин.
Гьале иргадал цере рахъана Г1ахьалч1и, Х1ариколо, Буц1ра, Хунзахъ №1, №2, Харахьи, Хунзахъ школа-интернат, Бакьагьеч1и, Гьоц1алъ, Хьиндахъ, Т1агьада, Моч1охъ, Т1ануси гьоркьохъел школазул ц1алдохъаби.
Цояздаса цояз берцинго гьез ц1алулел руго нилъер аваразул шаг1ирал: Фазу Г1алиевалъул, Залму Батировалъул, Расул Х1амзатовасул асарал. Унго маг1арул мац1алъул берцинлъи, З. Батировалъ абухъего, гьелъул г1ажаибаб гьац1улаб чвахи, чияр мац1алъухъищ гьеб хисизе бугеб.
Залалда г1одор ч1арал киналго балагьарал г1адин, цере рахъунезухъ к1вар кьун балагьун буго жюри. Гьез х1исабалде босулеб буго кеч1 рик1к1унелъул гьеб рик1к1ине бугеб махщел, мух1канаб дикция, (гьеб бук1ине ккани г1емерго т1ад х1алт1изе кколеб), каламалъул техника, рик1к1ине асар балагьизе лъай, авторас ургъараб къаг1идаялда асаралъул маг1на балагьаразухъе кьезе бажари.
Киналго конкурсалъул г1ахьалчаг1и кутакалда лъик1 х1адурун ругоан церерахъиназде. Гьез бихьизабуна т1адег1анаб махщел, артистазулаб гьунар, балагьаразул рек1елъе рортуледухъ асарал рик1к1ине бажари. 
Конкурсалъул х1асилаздаса хадуб т1оцебесеб бак1 кьуна Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Т1алх1атова Айзмеседое, к1иабилеб бак1 босана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1алилмух1амадова Кариматица, лъабабилеб бак1алде яч1ана Буц1ра гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Нух1ова Аминат.
Балагьарай х1исабалда, дие к1удияб асар гьабуна Залму Батировалъул «Сириялдаса кагъат» абураб кеч1 ц1аларай Нух1ова Аминатица. Нилъер халкъияй шаг1иралъ кеч1 хъван буго г1ун бач1унеб г1ел (хасго г1олохъаби) кант1изариялъул мурадалда. Нилъер Дагъистаналдаса г1емерал г1олохъаби ана щибго бич1ч1ич1ого, щибго лъач1ого г1арац щвезе бугеб хьулалда Сириялде. Амма гьел мекъи ккана. Цо-цоязда гьениса т1ад руссине к1ун батаниги, амма г1емерисез гьениб берал къанщана. Гьел хвана т1аса лъугьайилан жидер умумузда, г1агараб ракьалда гьарулаго. Баркала буго гьединаб кеч1 хъварай Залму Батировалъе ва гьелъул щибаб раг1и, щибаб мухъ рек1елъе бортиледухъ ц1аларай А. Нух1овалъеги. 


Хвезе бокьун гьеч1о, холев вуго дун
Хадуб г1одиладай дир г1агараб ракь?
Ине бокьун гьеч1о, унев вуго дун, 
Дида т1аса эбел лъугьинародай?

Бокьилаан г1умру, дирго гъалат1ал,
Гъалай т1аде биччан, рит1изаризе.
Разе щолел гьеч1ел г1умрудул сонал
Г1айиб ккеларедухъ нуха рег1изе.


Лъай кьеялъул отделалъул информациялъулгун методикияб централъул жигарчилъиялдалъун т1обит1араб гьеб тадбир ана г1уц1араб къаг1идаялда, лъик1го. Рак1алде ккола гьединал тадбираз кумек гьабилин миллатазул мац1ал ц1унизе, хун унеб бугеб маг1арул мац1алде рокьи бижизабизе. 


Рахъун бераздаса ц1оробералгун,
Ц1але миллаталъул тарих васазе, 
Ц1уне мац1, ц1уне ц1ар, ц1орорал иццал,
Нилъер наслабазе ирслъун хут1изе.
(З. Батирова).


Н. Г1алиева.

Просмотров: 98 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz