Четверг, 02.05.2024, 10:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Ноябрь » 14 » ЦЕРЕСЕЛ ХlАСИЛАЛ ТАКРАРЛЪИЗЕЛЪУН
15:17
ЦЕРЕСЕЛ ХlАСИЛАЛ ТАКРАРЛЪИЗЕЛЪУН

Щибаб соналда октябрь моц1алъул к1иабилеб гьат1ан къоялъ нилъер улкаялда к1одо гьабула росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къо. Гьел ккола бихьулеб къоялде рач1инч1ого радал хъах1лъи рехаралдаса кват1араб сардиде щвезег1ан, риидалил, хасалил гьава-бакъалъухъ балагьич1ого к1вах1 тун х1алт1улел г1адамал. Гьел ккола фермеразул маг1ишатазул ва цогидалги росдал маг1ишатазул предприятиязул специалистал: агрономал, зоотехникал ва цогидалги бекьулеб ракьалда т1ад х1алт1и гьабулел росдал зах1матчаг1и. Кинал х1асилалгун жидерго байрамалда дандч1вай гьабулеб бугеб нилъер районалъул росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазали лъазелъун жакъа дун дандч1вана райадминистрациялъул сельхозотделалъул нухмалъулев Г1алиев Мух1амадгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:


- Мух1амад Х1ажиевич, бокьилаан лъазе кинаб ах1вал х1ал бугеб нилъер районалъул росдал маг1ишаталдаяли. Церет1еял, нахъеккеял?

- Жакъа къоялда жаниб росдал  маг1ишаталъул бицани, т1олабго улкаялдаго г1адин, гьеб цебесеб х1исабалда г1адин ц1акъго беццилеб ах1вал-х1алалда гьеч1ониги, какиледухъ нахъе хут1унги гьеч1о. Руго районалда Т1олгороссиялъулал конкурсаздаги г1ахьаллъун, тайпадулаб г1иял балагьиязда т1оцебесеб бак1ги ккун, щибаб соналда меседил медалалгун т1ад руссарал «Стела», «СССР», «Машгьурал г1адамал» г1адинал маг1ишаталги, церехъабиги росдал г1адамазеги районалда т1орит1улел щибаб тадбиралъеги жидеда кумек, квербакъи гьабизе к1олел, нилъ ч1ух1изе бегьулел СПКялги.

Жакъа районалда буго цересел колхоз-совхозазул бак1алда г1уц1араб 24 маг1ишат. Гьезда гьоркьор руго 15 тайпадулаб г1и-боц1ул маг1ишаталги-3 тушинский породаялдасан ва 10 нилъерго муг1рузул метис квасул породаялдасан г1уц1араб г1иялги, гьединго цо рахьдалаб ва цо гьаналаб тайпаялъул боц1ул маг1ишатги, 60-жалго бет1ергьанаб предприятиеги, 35-КФХ (рекьарухъабазулгин фермеразул маг1ишат).
Гьез пайда босула 114 азарго гектар росдал маг1ишаталда хурхарал ракьаздасан, 85 азарго гектар хас гьарун рихьизарурал сельхозугодияздасан. Гьелда гьоркьобе уна 9945 азарго гектар бекьулеб ракьалъул, 7 азарго гектар рецулел бак1азул, хут1арал бак1ал г1и-боц1и кваназарулел муч1дузул. 
Аслияб къаг1идаялда гьеб ккола Хъумторхъала, Бабаюрт, Хасавюрт, Кизилюрт, гьединго 13 азарго гектар Кочубеялъул зонаялъул Тарумовский ва Ногъайский районазул ракьазул.
Районалда буго 25 азарго бет1ер ч1ег1ербоц1ул, 200 азарго г1и-ц1ани, тайпадулаб г1иял къадар бахуна 50 азаргоялде, 1500 чу, 2500 найил т1улби.

- Рахь, гьан кколелъул производствалъул аслиял бут1аби. Кинал х1асилал ругел гьел бут1абазда.

- Рахьдалаб ва гьаналаб боц1ухъанлъи жидедасан аслияб хайир щолел бут1аби кколелъул, г1и-боц1ухъабаз х1аракатаб къеркьей гьабулеб буго гьел церет1езаризе. Жидеца хъулухъ гьабулел г1ачиязул щибалдаса гьоркьохъеб  х1исабалда 1750 килограмм рахьдалги беч1ч1ун, г1аммаб куцалда лъаг1алие г1езабуна 22800 тонна рахьдал. Хьихьараб боц1ул ч1агояб ц1айиялда г1ага-шагарго бахъула 4200 тонна. 

- Нилъер буго г1и-боц1иялдасан, хурухъанлъиялдасан бет1ербахъи гьабулебилан абулеб район. Амма ахирияб заманалда г1и-боц1и хьихьулезул, ах г1езабулезул, хур бекьулезул къадар г1одобе ккун буго. Щайдай гьеб гьедин бугеб?

- Районалъе г1и-боц1иялдасан щолел ниг1матазул къадар бахуна 85 проценталде, хурухъанлъиялдасан 15 проценталде. Г1и-боц1и хьихьизе, гьездасан рахъулел продуктабазул къадар ц1ик1к1инабизе бокьарал г1адамал г1емерал руго. Амма гьел хьихьизе бак1ал нилъер г1урал гьеч1о. Мисалалъе босани, Байикь колхозалда хадуб бухьинабун буго 3200 гектар ракьалъул. Гьеб ракьалда т1ад араб соналда хьихьун бук1ана 30 азарго г1и. Хасел т1амизабулелъул гьеб г1и бук1ана цоцалъ къан, санаг1алъи гьеч1еб къаг1идаялда. Гьезда т1адеги гьениб хьихьула боц1иги. Гьединлъидал нилъер кинго рес гьеч1о боц1ул къадар ц1ик1к1инабизе, гьезул качество борхизабуни гурого. Боц1и кваназабулеб бак1алъул бук1уна норма. Цо гьит1инаб бече-х1айваналъе ч1езабун буго 1 гектар ракьул. Нормаялде данде кколеб ракь нилъер цониги маг1ишаталда гьеч1о. 

- Щиб дуца абилеб хурухъанлъиялъул х1акъалъулъ?

Г1езег1ан зах1малъаби дандч1вала росдал маг1ишаталъул гьеб бут1аялдаги. Гьеч1о техника. Цебе г1иял квас бичун щолеб бук1араб г1арцуде босулеб бук1араб комбайн, гьанже бахун буго 10 млн гъурущалде, кибго рекьи гьабулелъул х1алт1изабулеб  бук1араб МТЗ трактор бахун буго 2 миллионалде. Маг1ишатазул рес гьеч1о гьединаб техника босизе. Зах1малъаби рук1аниги, нилъер маг1ишатаца 2300 гектаралда бекьун буго хаслихъе ролъ ва пурч1ина. Гьоркьохъеб х1исабалда цо гектаралдаса гьезул бахъула 21-23 центнер. Ихдалил рекьиялъе нилъеца х1алт1изабула 4100 гектар ракьалъул. Гьелдасан 185 гектаралда бекьун буго картошка. 1 гектаралдасан гьелъул нилъее щола 170 центнер, 330 гектаралда бекьун буго ц1оросаролъ. Гьелъулги цо гектаралдаса бахъула 35 центнер 

Г1ат1идал авлахъазда 520 гектар ракьул нилъеца кьун буго пиринч1 г1езабиялъе. Аслияб къаг1идаялда гьеб г1езабула Гьац1алухъ, Г1орут1а, Т1ануси, Г1обода, росабазул маг1ишатаз. Гьелъул 1 гектаралдаса гьоркьохъеб х1исабалда бахъула 45 центнер. 

- Къо бихьун росдал маг1ишаталда г1и-боц1ухъанлъиялда, хурухъанлъиялда, ахихъанлъиялда х1алт1ун лъик1аб продукция г1езабулел маг1ишатазе жалго бет1ергьанал г1и-боц1и хьихьулезе пачалихъалдасан щолеб кумекго бук1унаребищ?

- Г1емерго ц1ик1к1араб гьеч1ониги, гьединаб кумек гьабич1ого толаро нилъер улкаялдаго г1адин, районалдаги. 
Г1и-боц1ухъанлъиялда: 
Щибаб соналда г1аммаб къаг1идаялда маг1ишатазе щола 70-100 миллион гъурущ. Гьеб бикьула щибаб х1алт1ул бут1аялъухъ хал гьабун пачалихъалъ кьезе бихьизабураб къаг1идаялда. Мисалалъе, пачалихъалъе бичараб ва г1езабураб гьанал, рахьдал къадаралъухъ, тайпадулаб г1и-боц1ул, эбелал чахъабазул х1исаб гьабун. Щола къунц1араб квасалъухъ балагьунги.
Хурухъанлъиялда: чан гектар рекьулел ракьазул х1алт1изабун бугебали хал гьабун. Бач1ин ц1ик1к1арал элитныял хьоназул къадаралъухъ балагьун, лъалъадиялъул программаялда рекъон лъалъ гьабуразе, заз-хъарахъалдаса рац1ц1ад гьарун рекьизе ракьал х1адур гьаруразе (раскорчевка) щола гьабураб х1алт1уда т1ад арал харжазул 50 процент. Лъалъаларел ракьазда фитомелиоративиял х1алт1аби гьаруразе-90 процент, пиринч1 г1езабулел чекал х1адур гьаруразе-50 процент ва цогидалги росдал маг1ишаталъул х1алт1аби гьаризе квербакъаразе гьабураб х1алт1уда т1ад арал харжазул х1исаб-суалалъул кьуч1алда данде кколеб къадар.

-Гьединал бигьалъаби гьаруларищ жидерго боц1и-панз, г1иял хьихьарал росабазул зах1матчаг1азе?

- Гьел щвезе ккани гьезул бук1ине ккола налогазул инспекциялда тасдикъ гьабураб юридикияб статус, гьеч1они щоларо.

- Бокьилаан гьеб х1алт1улъ церехъабазул ц1арал рехсани.

- Жидеда хадуб бухьинабураб г1емераб ракь гьеч1ониги, г1и-боц1иги хьихьулел, ракьалги х1алт1изарулел маг1ишатазда гьоркьор дица т1оцебесеб иргаялда ц1ар рехсела Т1ануси ва Гьац1алухъ СПКязул. Гьезда хадурго рач1уна Х1ариколо «Баг1арав партизан», Г1ахьалч1и Энгельсил ц1аралда бугеб, Бакьагьеч1и СПКял.
Руго тайпадулаб г1и хьихьулел, амма ракь х1алт1изабуларел цересезул кьерда ругелги. Гьединаллъун ккола Байикь ва Буц1ра СПКял.
Жалго бет1ергьанаб г1и-боц1и хьихьулездасан лъик1азда гьоркьор рехсезе бегьула «Г1акаро» - Ч1ондокь, Хашт1а – Т1ануси, «Г1абдукъадир» - Г1обода, Мах1мудов Къурамух1амадица нухмалъи гьабулеб «Стела» - Хунзахъ ва Г1амиров Къасумица нухмалъи гьабулеб «СССР» маг1ишатал.

- Доб СССРалъул заманалда г1адинал планал, т1адеросиял рук1унищ гьанжесел СПКязул? Рук1унел ратани, кин гьел т1уразарулел ругел?

- Гьанже рук1уна Росдал маг1ишаталъул министерствалъ рихьизарурал планазулал тарихал-индикаторал. Гьезда рихьизарун рук1уна, мисалалъе, г1и-боц1ул, бекьулеб ракьалъул къадар гьадинаб тарихалдаса гъоркье ккезе бегьуларилан... Гьезул т1адкъаял нижеца т1уразарула. Рекьарал культурабазул бач1ин ц1ик1к1инабуна. Рекьулел ракьазде кьола ц1акъго ц1ик1к1араб к1вар. Гьеб нижеца т1убазабуна 80 проценталъ. Амма маг1ишатазда бугеб г1и-боц1ул къадар (200 азарго г1и) ц1ик1к1инабизе нилъер кинго рес гьеч1о, гьел хьихьизе  нилъер ракьал гьеч1олъиялда бан.


- Щаклъизе бач1унеб буго гьелгощинал г1иял нилъер унго-унголъунги ругелдай яги кагътида хъваралдай, - абун.


- Щибаб соналда маг1арде т1инч1гун цадахъ унеб г1иял къадар бахуна нилъеца цебехун рехсараб тарихалде. Гьеб буго г1ияе ветеринарияб хъулухъ гьабулеб районалъул ветуправлениялъулги нижерги цадахъаб, мух1канлъи лъазабураб щибго щаклъизе бак1 гьеч1еб тарих.


- Кинаб къимат кьелеб ахихъанлъиялъе?


- Бит1араб бицани, ахал г1езари нилъер районалда гьедиг1ан беццилеб ах1вал-х1алалда гьеч1о. Жив-жив чияс рокъор г1езарурал гурони, г1аммаб маг1ишаталъул ах цониги гьеч1о.
Ахал г1езарунгут1иялъе т1оцебесеб г1иллалъун дица рик1к1уна, щибго т1алаб-агъаз гьабич1ого къват1ибе биччараб боц1уца гъут1би кваналел рук1ин. Нагагьлъун маг1ишатаз г1езабун кодобе щвараб пихъ кьезе я завод гуро, я г1адамаз бичун босуларо. Хьндаллъиялда ругел гъут1би лъалъач1ого гьез пихъ кьоларо. Цебе СССРалъул заманалда ахал лъалъазе насосал х1алт1изарун араб электроэнергиялъухъ г1арац х1укуматалъ кьолаан, гьанже кьоларо. Гьеб киналъго нахъе ккана ахазул бач1ин кьей ва гьел х1алт1изари.


- Районалда х1алт1уларелищ цониги промышленнияб къаг1идаялда пихъ, гьан, рахь х1алт1изарулел цехал?


- Буго «Баркаман» абун ц1ар лъураб Гьац1алухъа Мух1амадов Абусупьянил рахьдалал продуктабазул ва овощазул консервал къалеб Гьоц1алъ цех. Т1ок1аб гьеч1о.


- Мух1амад, баркала гара-ч1вариялъухъ.


Росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул зах1мат – гьеб ккола халкъалъул г1умру лъик1лъизабиялъе г1оло квана-гьекъолел продуктаби гьарзаго ч1езари, гьезул багьа г1одобег1ан ккей, гьезул качество борхизаби. Гьединлъидал Нужер буго адаб-х1урматалъе мустах1икъаб х1алт1и.
Рак1-рак1алъ баркула росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазда профессионалияб байрам. Гьава-бакъ рекъараб бач1аги сон, бач1ин ц1ик1к1аги, кинабго гьабулелъулъ икъбал, нужее. Нужер х1алт1уе мустах1икъаб къимат кьеги.

Гара-чlвари гьабуна Н. Гlалиевалъ.
          

Просмотров: 82 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz