Пятница, 03.05.2024, 15:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Ноябрь » 14 » ЦЕРЕХЪАБИЛЪУН РУКlУН РУГЬУНАЛ
15:29
ЦЕРЕХЪАБИЛЪУН РУКlУН РУГЬУНАЛ

СССР биххун хадуб т1убанго к1алагъоркье кканин абизе бегьула росдал маг1ишатги, халкъалъул  бугебщинаб данде к1ут1ун лъик1аб бук1инеселъе г1оло г1уц1ун рук1арал колхоз-совхозалги, жибго росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къадру-къиматги. Амма бищун кьерхараб роччункъоялъцин бакъул ч1ор баккулеб г1адин, руго нилъеда гьоркьорги жидеца г1аммаб маг1ишатги ц1унарал, гьелде т1аде-гьеб цебет1езецин гьабурал, «жакъасеб къоялъул бах1арзал»-ин  ц1ар тезе бегьулел г1адамал. 
Гьеле гьединаздасан цояв ккола гъоркьехун диргун гара-ч1вари ккарав т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКялъул председатель Зиявудин Мух1амадовги.

Жакъа къоялда «Машгьурал г1адамал» СПКялъул буго «Дагъистаналъул муг1рузул» тайпа г1иялъажалазул 5800, «Швицкая» тайпадул ч1ег1ерх1айваназул 138 бет1ер.
2010 соналдаса нахъе маг1ишаталъе бажарун нухмалъи гьабулеб буго Россиялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъул Х1урматалъул грамотаялъул бет1ергьан, зах1маталъул ветеран Мух1амадов Зиявудин Шигьабудиновичас. «Машгьурал г1адамал» ккола т1олгороссиялъулал г1и-боц1ухъанлъиялъул церелъеязул чанц1улго меседил призерал, г1емерал халгьабияздаса, конкурсаздаса шапакъаталгун руссунел, районго ч1ух1арал росдал зах1матчаг1и. 

2023 соналъ къват1ибе араб республикаялъул росдал маг1ишаталъул энциклопедиялде босизе мустах1икъаблъун бихьараб районалдаса СПКги цо «Машгьурал г1адамал» гурого ратич1о, гьезул х1алт1ул х1асилазухъги цебет1еялъухъги балагьун. Гьебги буго тарихалда меседил х1арпаз хъван гьез жидерго свак лъалареб зах1маталдалъун толеб бугеб лъалк1.    

Унго-унголъунги г1ажаиблъи гьабизе бач1унеб х1ужжа ккола, гьаб заманалда члензабазе кьолел ролъул, пиринч1ул хъапалги, щибаб къварилъи ккаралъубе бегьулеб сахаватлъиялъул кверги бихьидал. Т1ок1аб жоялъул бицунго щай, колхозалъул правлениялъ (гьедин абулеб буго дица доб советияб къарт1 СПКялъ ц1унун бук1иналъ) жидерго контора бук1араб минацин сайгъат гьабуна хъутанчаг1азул ясли-ахалъе!

-Зиявудин Шигьабудинович, кинал х1асилалгун бач1унеб бугеб нужер къадруяб маг1ишат профессионалияб байрамалде? Щиб ц1ияб-лъик1аб лъугьараб маг1ишаталда гьаб лъаг1алида жаниб?
-Аллагьасе рецц буго, исанисеб маг1ишатияб сон к1удияб т1асаин, квалквал ккеч1ого раг1алде бак1арулеб бук1иналъухъ.

Анц1ила ункъго сонг1аги батила нижер СПК т1олгоулкаялъул выставкабаздаги бат1и-бат1иял республикаялъул халгьабияздаги г1ахьаллъун, бергьенлъабигун нахъруссунел ругелдаса.

Росдал маг1ишаталъул министр вугелдаса нахъего Дагъистаналда г1и-боц1ухъанлъиялъул т1олгороссиялъулаб выставка т1обит1изе анищ бук1ана живгоги росдал маг1ишаталда рак1 унтарав, х1алт1ул чи, Дагъистаналъул Х1укуматалъул премьер Г1абдулмуслим Г1абдулмуслимовасул. Гьале исана т1убана гьеб! Г1аммаб х1аракаталдалъун к1вана «Анжи-арена» стадионалда т1адег1анаб даражаялда 23 абилеб Т1олгороссиялъулаб г1и-боц1ухъанлъиялъул цебелъей т1обит1изе. Гьениб экспертазулаб комиссиялъул х1укмуялдалъун нижер СПК мустах1икълъана хасаб призалъе-нижее щвана «Шевроле Нива» автомобиль. Доб бак1алдаго дир пикру бач1ана, т1ок1аб гьабизе к1олеб кумекги гьеч1елъул, хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулел ругезул х1ажалъабазе машина бит1изе. Нижеялдаса доба х1ажат бук1ана доб. Узухъда, г1емер хабарги бук1ана долда сверухъ, амма киналго рекъоледухъ хьвадизе лъиданиги бажарунаро. 

Гьединго исана нижеда к1вана маг1ишаталъе ц1ияб техника: дагьаб гурого х1алт1изабич1еб трактор, лъабго пресс босизе. Цересел соназда босун борч1ун бук1ана комбайнгун бецарулеб жоги. Ч1анхъарулареб лъик1аб техникагун х1алт1иги г1ужда лъуг1ула, механизаторалги гъираялда х1алт1ула.

Рана т1ад цинковияб махх ккураб 2-3 ц1ияб сарай, г1ухьбузе рукъ.
Лъик1аб даражаялда буго хасалиде раг1и-хер х1адур гьаби. Бецана-бак1арана-къана 1250 т. харил, буго 100 т. ц1ик1к1ун соломадул, гьебго къадар люцернадул, цойгидаб к1алц1и 100-110 гектаралдаг1аги пурч1ина-ролъ бекьич1ого толаро нижеца санайил, гьедин, кормазулаб база нижерго бук1иналъ бигьалъи кьола. Мадугьалихъ ругел цойгидал маг1ишатазецин кумек гьабизе к1ола нижеда къо кканани. 

-Лъала районалда щиб тадбир т1обит1улеб бук1аниги дуца гьабулеб сахаватаб кумек, СВОялда ругезе гьанадалъун, ниг1матаздалъун бит1араб садакъа-вакъфу. Кин к1олеб гьаб зах1матаб заманалда гьединал к1вер биччараллъун рук1ине. «Къач1еб харибак1алда хер бижулищ» дур пикруялда?

-Лъица щиб бицаниги, ц1ар бат1ияб таниги, колхозалъул маг1на буго г1адамазул г1аммаб, гьезулги бут1а гъорлъ бугеб маг1ишатан. Дида бит1араблъун бихьуларо мажгитазеги, ясли-ахазегун школазеги, къварилъиялде ккаразеги нижеда к1варабг1аги кумек гьабич1ого тей.

-Нужерго профессионалияб байрамалде кин рук1аниги к1одо гьаризе ругищ т1ок1лъи бихьизабурал зах1матчаг1и? Бак1 ккун бук1аго рехселарищ гьездасан лъик1азул ц1арал? 

-14 чиясе бахъун ведомостгун щибаб моц1рое харж кьолеб маг1ишат районалда нижер гурого батиларин ккола дида. Хадусеб моц1рол т1оцебесеб къо щвелалде, щиб рес-нух батунги, т1аде бач1иналде хьулгун, х1алт1ухъаби рази гьаризе бокьула дие. 8 мартин, г1ухьбузул къойин, цойгидал байрамал багьанаде ккунги гьезие г1арцулал сайгъаталги рук1уна. Баркала нижерго профессионалияб байрам рак1алде щвезабуралъухъ дуе, гьелдеги г1адада хун теларо дица гьел.

Рач1унел-унел х1алт1ухъаби рехсеч1ониги, ц1акъ бокьила районалъул газеталъул гьурмаздасан к1икъогоялдасаги ц1ик1к1ун соналъ маг1ишаталъе х1алги рух1ги кьун х1алт1улев вугев Г1ебут1аса Х1айбулаев Шарапудинил, гьесул васал Муслимилги Мух1амадрасулилги ц1арал рехсезе. Гьединго росдал г1адан, х1аракатай доярка Г1алиханова Шарапатие, механизаторал Мух1амадов Г1усмание, Камалудинов Камалие баркала кьезе. Дун вохарав вуго дида хьолбохъ жидерго х1алт1иги лъалел гьебги бокьулел, унго-унгоял зах1матчаг1и рук1иналдаса.

- Жакъа къоялда районалъул бищун къуватал маг1ишатазул нухмалъулев х1исабалда, мун рази вугищ х1алт1ул иналдаса, сунде жеги анищал-мурадал ругел председателасул?

- Дагьаб цебег1ан Элистаялда т1обит1ана Россиялдасаго росдал маг1ишаталъул церехъаби г1ахьаллъараб к1удияб данделъи. Гьелда г1емер к1вар кьун бицунеб бук1ана ниж жеги лъик1 х1алт1изе ккеялъул, амма дандч1валел г1унгут1аби-зах1малъаби къезариялъе ресал г1уц1ич1ого киг1ан ц1акъасдаги к1оларо борхалъуда ч1езе.

Жакъа ц1ик1к1араб г1ел цебеса лъуг1ун анани, къанаг1атал гурого гьеч1о вехьасул т1ил кодобе босилин, хурухъанлъи-ахихъанлъиялда х1алт1илин абулел г1олилал. Х1исаб гьабе ахирисеб нух колхозалъул г1и къунц1аразе мухьдае нижеца кьуна 1 млн. 400 азарго гъурущ ?! Щиб кьуниги бокьулеб гьеч1о г1олилазе г1ет1 т1ураб х1алт1и гьабизе.

Дирго г1емерал лъай-хъваялги, х1алт1ул х1албихьиги бук1иналъ, зах1малъи бук1унаро бугеб продукция бичизе. Цойгидазе щолелдаса ц1ик1к1ун щола нижее квасухъ, рахьдахъ щолеб г1арацги. Бук1аниги, гьеб бихьулеб къоялда бащалъуларо.

Гьабсаг1ат Китайгун, Монголиягун къот1и-къаял хъван рук1иналъ хьул буго х1алт1ул цебетурк1иялде. Г1олохъанал специалистал гьеч1олъи гьеб к1удияб зах1малъи буго жакъа къоялда СПКязе. Ниж г1адал къуватал маг1ишатазда к1ваниги, кепказде гурого босулеб квас – рахьги, цойгидаб продукцияги гьеч1они, кин к1везе бугеб г1исинал маг1ишатазда мухъилъ рук1ине?!

Дие кутакалда бокьилаан цебе бук1араб г1адаб къадру росдал маг1ишаталъулги бук1ине, зах1маталъукьа х1инкъич1ого г1олохъанаб г1елги гьелда гьоркьобе лъугьине. Т1алъиялъул чаг1аз гьалда гьоркьоре лъугьаразе кумек-квербакъи гьабегиянги гьарилаан дица байрамкъоялъ.

Диени гьеб рахъалъ икъбал ккана: райналъул М. Г1исаевасдасан байбихьун Н. Задиевасде щвезег1ан киналго бут1руз кидагосеб кумек ч1езабуна «Машгьурал г1адамазе». Живго сельхозинститут лъуг1арав чи вук1иналъ батила, ниж ц1акъ рич1ч1ула Нурмух1амад Махсут1х1ажиевичасдаги. Икъбал кьеги гьесие к1иабилеб срокалъги район цебехун бачине.

- Баркала, Зиявудин Шигьабудинович, рак1 рагьараб, пайдаяб гара-ч1вариялъухъ. Хадурккунги г1емерлъаги нужер бергьенлъабиги, лъик1ал ишаз жеги машгьурлъаги «Машгьурал г1адамалги»!

- Дуеги баркала ниж рак1алде щваралъухъ.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.
 
 

Просмотров: 78 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz