Вторник, 07.05.2024, 05:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 19 » ЦАДАХЪАБ Х1АЛТ1ИЯЛЪ Х1АСИЛАЛГИ ЛЪИК1АЛ КЬОЛА.
17:53
ЦАДАХЪАБ Х1АЛТ1ИЯЛЪ Х1АСИЛАЛГИ ЛЪИК1АЛ КЬОЛА.

- Дагьаб цебег1ан, ишалъулаб сапаргун Хунзахъе вач1ун вук1ана Дагъистан республикаялъул президент Мух1амадсалам Мух1амадов. Г1адамазда гьоркьоб г1емер бат1и-бат1иял харбал рижун  рук1ана гьесул Хунзахъе вач1иналда сверухъ. Х1ажияв  Мух1амадович, бокьилаан, бак1алъулаб нухмалъиялъул т1оцебесеб гьумер х1исабалда, вач1ин халатаб кканиги, республикаялъул президентасул сапаралъул аслияб  мурадалъул ва гьеб лъугьа-бахъин кин арабали дуца бицани.

- Дагъистаналъул Президент М.М. Мух1амадов щибаб  лъаг1алида  жаниб к1иго нухалъг1аги щола  республикаялъул муниципалиял районазде ва бак1аздаго т1орит1ула президентасул советал. Гьаб нухалда республикаялъул нухмалъулесул ишалъулаб сапар бухьараблъун ккана нилъер районалде. К1удияб масшатабалда т1обит1араб совещаниялда гьоркьоб лъураб  аслияб  суаллъун  бук1ана муг1рузул районал социалиябгун экономикияб рахъалъ церет1езариялъул суал.

- Г1адатаб халкъалъул к1удияб разилъи гьеч1олъи бук1ана президентасухъе жидерго суалалгун, кумек-квербакъиялъул гьариялгун риччач1олъиялдаса. Щиб ккараб г1илла, гьедин бахча-хьван, х1алт1улал г1уц1абаздаса х1алт1ухъабиги рокъоре  рит1ун гьеб тадбир т1обит1иялъе?

- Х1алт1удаса г1адамал  рокъоре рит1еян  бихьизабураб  малъи лъиениги бук1инч1о, гьеб цо. К1иабилеб  иргаялда абуни, сапаралъул мурад бук1инч1о г1адатал г1адамалгун данч1вай. Гьеб бук1ана, цебе министрабазул коллегиялда гьоркьоб лъун  гурони  дандбалеб бук1инч1еб, район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебет1езабиялъул суал гьоркьоб лъураб, хъулухъалъулаб данделъи. Жакъа  къоялда г1емер чи данделъиялъул х1инкъи ц1ик1к1араб заманалда, гьедин гьаби рекъараблъунги бук1ана, г1иц1го халкъ ц1уни мурадалда. Районалъул г1уц1абазул нухмалъулелги, муг1рузул районазул муниципалитетазул бут1рулги, райсобраниялъул депутаталги данделъиялде ах1изе лъик1аблъун бихьана дидаго, президентасги гьеб инициативаялъул рахъ ккуна.

- Баханищ нилъер районалъе кинаб бугониги баракат ДРялъул президент районалде вач1иналдаса, щиб лъик1аб-пайдаялъе гьес кумек гьабизе  раг1и кьураб?

- 2011 аб. ва 2012 аб. соналъул микьго моц1ида жаниб районалда гьабураб х1алт1ул х1исаб  кьеялдаса  хадуб, узухъда, дица республикаялъул нухмалъиялда цебе борхана районцоязе бищун к1вар ц1ик1к1араблъун ва анищаблъун бугеб, газ бачиналъул суал. Президентасда цадахъ вач1ун  вук1арав ДРялъул Х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель, газификациялъул куратор  Ризван Гъазимух1амадовас бицана  щиб г1иллаялдалъун районалде газ бачиналъул х1алт1аби  ч1ун хут1аралали.

- Щиб гьеб г1илла?

Исана раг1алде рахъине кколаан росдада гьоркьоб (межпоселковая магистраль) газил трубаби лъеялъул  х1алт1аби. Амма  Россиялъул «Газпромалъ» Дагъистаналъе газ бачиналъе биччалеб  г1арцуда т1аса 1 млрд.гъурущ бахъун буго 2000 аб. соналъго газ бачине  байбихьарал  районазда гьеб бачун лъуг1изабизе гурони  т1алъиялъ сурсатал риччач1о.  Исана газ  бачун лъуг1иялдаса мах1румлъана Ахти, Гумбет ва Хунзахъ  районал. Гьелъул баян гьабуна данделъаразе республикаялъул т1алъиялъ. Гьелде т1адеги бицине бокьун буго, 9 октябралъ республикаялъул  тахшагьаралда ДРялъул Х1укуматалда т1обит1араб районазда  гьоркьосеб  совещаниялда тасдикъ гьабуна 2013-14 соназ  Хунзахъ ва Гумбет районазде газ бачун  лъуг1изабиялъул суал. Районалде газ  бачиналда гьоркьобе  бачана Макьасде газ  бачун  лъуг1изабиялъул суалги. Гьелъие сурсаталги ресалги нилъерго руго. Ишалъулаб сапаралъ вач1индал президентас гьанибги бицана, гьебго данделъиялдаги гьоркьоб лъуна 2013-2014 соназ районалъул больницаялъул 3 абилеб ва 4 абилеб корпусал лъуг1изариялъул суалалги. Гьеб мурадалда, ай больницаялда х1алт1аби т1орит1изе районалде бач1ине ккола  жеги 200 млн. гъурущ г1арцул.

- Сахлъи ц1униялъул бат1аго бицинин. Цойги кинаб суал президентасда цебе борхараб? Щиб къимат  республикаялъул нухмалъулес кьураб районалъул  социалиябгун экономикияб  г1умруялъе?

- Х1урматиял  гьалбадерил делегациягун ниж щварал г1уц1абазул цояблъун ккола Г1арани гьоркьохъеб  школа.  Нужеда лъалеб батила, районалдаго т1оцебесеб гьоркьохъеблъун рик1к1араб гьелъул цебе бук1араб даражаги,  къуватги. Цо заманаялъ  гьеб бук1ана районазда  гьоркьосеб к1варалъул  интернат -  гьанисан ана к1удияб г1умруялде г1емерал  машгьурал  г1адамал.  Дир анищ буго  620 ц1алдохъанасе  бак1 бугеб  киналго  шарт1аз хьезабураб, лъедолеб бассейн жаниб бугеб школа ц1идасан базе. Гьеб  къасдалъул х1адурараб  проект  лъик1аблъун рик1к1ана  Мух1амадсалам Мух1амадг1алиевичасги. СМИялъул вакилзаби ругелъул, нужедаго бихьун, ц1алун батила Президентас районалда бугеб ах1вал-х1алалъе кьураб къиматги, гьесул нилъедехун бугеб бербалагьиги. Ахириял соназ Федералиял ва «Юг» программабаздасан социалиял объектал раялъе, къач1аялъе районалде биччараб г1арац ц1ик1к1араб  буго 290 млн. гъурущалдасаги. Гьелда гьоркьор харжал гьаруна «Бух1нат1а-Ч1алда» автомобилазул нух  къач1аялдаги (90 млн.), Буц1ра школа бан лъуг1изабиялдаги (42,5 млн.), лъел мухъал рахъиялдаги (55 млн.гъурущалдасаги ц1ик1к1араб г1арац) т1ад. Районалъул доходаздасан рарал : Гиничукь ясли-ахги,  Гъоркьколо школаги, гьанже базе байбихьараб 25 ц1алдохъанасе бак1 бугеб Байикь байбихьул школаги, Гьоц1алъ № 2 ясли-ахалъе гьабураб  капиталияб ремонтги – гьел ва  районалда гьарурал цойгидал к1вар бугел х1алт1абиги х1исабалде  росун, Президентас лъик1аб къимат кьуна районалда бугеб социалиябгун экономикияб цебет1еялъе, ва, абуна республикаялъул  бюджеталдасан риччалел ругел мукъсаналго г1арцулал сурсатазухъ балагьич1ого, районалда х1алт1и ц1акъ лъик1 унеб бугилан. Гьединго, бак1азде инвесторал ц1аялъул суалги ккола республикаялъул нухмалъулес муниципалитетазул бут1рузул к1вар  буссинабулеб суаллъун. Гьеб рахъалъги дун воххарав вуго, нилъер ракьцояв сахаватчи, Шотот1а росулъа Зиявудин Мух1амадовасул кумекалдалъун, Г1обода анлъго группаялъе -  к1ит1алаяб, ва Шотот1а росулъ  к1иго группаялъе ясли-ахазул минаби ралел  рук1иналдаса. Гьев сахав районцоясда рак1алда буго рак1алда буго хадубккунги районалъе пайдаял ишазулъ кумек гьабизе.

- Ишалъулаб сапаралъул программаялда гьоркьоб аслияб пунктлъун бук1ана «Муг1рузул зонаялда ахихъанлъи цебет1езабиялъе ресал ва нухал» абураб суалалдасан Хунзахъ районазда гьоркьосеб семинар-совещание т1обит1и.

Жакъа къоялда кин бугеб нилъер  районалда ахихъанлъиялъул ва гьелъул ниг1матазул продукция х1адур гьабиялъул иш? Кинаб даражаялда бугеб Харахьи консервазул цехалъул ва Гьоц1алъ заводалъул х1алт1и?

- Г1аммаб пашманлъиялъе, жакъа къоялда жибго росдал маг1ишат, гьелдаго гьоркьоб ахихъанлъи, цо бак1алда ч1овухъе хут1ун буго. Районалда ахазул бугеб 500 г1ан гектаралъул ц1игьаризе к1вана г1иц1го 71 га, ай хут1арал ахал кколел руго жидедасан ц1акъго  мукъсанаб, дагьаб пайда-хайир бач1унеллъун. Гьедин бук1аниги, дица президентасда  гьарана, Харахьи консервазул ва Гьоц1алъ заводалъул х1алт1и цебет1ей мурадалда, гьел къач1азе ва техникияб рахъалъ хьезаризе квербакъи. Рак1алде ккола, гьеб к1вар бугеб суалги президентас  жиндирго берзукьа борч1изе  биччаларилан.

- Х1урматиял гьалбадерил делегация щвана райбольницаялдеги. Щиб къимат живго президентас, гьединго республикаялъул  сахлъи ц1униялъул  министр Ильяс Мамаевас кьураб нилъер сахлъи ц1униялъе, больницаялда ругел шарт1азе?

- Бит1араб бицани, гьел г1ажаиблъун  хут1ана  т1адмаг1арухъ гьадинаб, жакъасел къоялъул т1алабазе жаваб кьолеб, квег1енаб больница батиялдаса. Республикаялъул т1адчаг1азда, цо-цо  рак1бац1ц1алъи  гьеч1ел газетчаг1азул хъвай-хъваг1аяздаса хадуб, рак1алде кколеб бук1ун буго гьаниб кинабго  щущахъ бан, хважаинасулаб бербалагьи т1аса босун  тун бугилан. Больницаялда х1алт1и г1уц1ун  бугеб куцги, унтаразе ругел шарт1алги рихьидал, гьезул т1убанго пикру хисана жибго райбольницаялъулги, гьелъул нухмалъулесулги  х1акъалъулъ.

- Цо заманаялъ г1емераб ах1и-хур бахъун бук1ана больницаялда сверухъ, иргадулаб заседаниялдеги босун рук1ана  районалъул сахлъи ц1униялъул суал. Бокьилаан дуца бицани, бугищ лъик1аб рахъалдехун кинаб бугониги хиса-баси райбольницаялъул х1алт1ул?

- Ц1ияв вач1арав бет1ерав тохтур Мух1амад Мусаевасе байбихьуда ц1акъ зах1малъун бук1ана районалъул больницаялда батараб жанисеб низам бит1изабизеги,  гьеб бич1ч1изеги. Гьеб кколаро нилъер сахлъи ц1униялда квешал специалистал ругин абулеб жо. Т1адег1анаб махщалил ратич1ониги, гьезул щивасда лъала жиде-жидеда т1адаб х1алт1и, квешал гьеч1о нилъер хирургал, терапевтал. Амма цо-цоязул х1алт1удехун бугеб т1аса-масагояб бербалагьиялъ раг1ад рехулеб буго районалъул т1олабго сахлъи  ц1униялде. Жакъа къоялда, росулъ г1умру гьабизе ва х1алт1изе рахъунел специалистал – тохтурзабазе  х1укуматалъ кьолеб буго 1 млн. гъурущ подъемный г1арцул, гьеб г1иллалдалъун батаниги, главврачасул бажариялдалъун батаниги, районалъул сахлъи  ц1униялде ц1алел руго г1олохъанал специалистал, щулалъизабулеб буго  материалиябгун  техникияб база. Гьеб гьункьи бегьич1ого лъугьана лъик1лъи бокьуларел ва район рихарал бат1и-бат1иял сайтаздеги, газетаздеги хъвадарун, бет1ерав врач ч1ег1ер гьавизе. Х1акъикъаталдаги гьев вуго жиндиего ва аск1ор х1алт1улезеги г1адлу бугев, жавабчилъи ц1ик1к1арав инсан. Мусаевасда  к1вана унтарал регизе койка биччаралъухъ к 500-1000 гъурщил инжитаб ришват босулеб бугин рук1арал харбал т1аг1инаризе. (Персоналалда  гьоркьор ратизе бегьула  балъго гьеб кьолел-босулел х1алихьатал  «махщалилаги», Аллагьас бит1араб нухде  т1амайгийин гьелги). Рагъулаб низамалъул чи вуго бет1ерав врач, ратизе бегьула гьеб бокьуларел, бич1ч1уларел чаг1иги. Амма гьединазда к1очон тезе бегьуларо Гиппократил гьаялда рекъон, тохтурасул сордо-къо ц1ехезе  кколареб хъулухъ бук1инги. Щулияб буго больницаялъул материалиябгун техникияб база. Киназго добщинаб ах1и-х1ур бахъинабураб томографги сахлъи ц1униялъе 55 штатазул  единицаги бук1ана хасгьабун дунго  ва бак1алъулаб ФОМСалъул нухмалъулевги республикаялъул ФОМСалде ун т1алаб гьабурал лъик1лъаби. Гьаб г1агараб  заманалда жаниб гьеб х1алт1изе биччазелъун, больницаялъул лъабабилеб корпусалда жаниб х1адурана гьеб аппарат лъезе рукъги, гьелда нахъа х1алт1изе специалистги.

- Лъала дур нухмалъиялъул заманалда жаниб ккана цо-цо г1уц1абазул нухмалъулел  хисиги. Лъик1лъанищ  х1алт1и нухмалъулел хисигун, кинаб бут1аялда лъик1аб рахъалдехун х1алт1и хисарабали  лъазе бокьилаан. Разияв вугищ мун дурго  командаялдаса, лъугьунеб бугищ цадахъаб х1алт1и?

- Чанго нухалъ бицаниги, кадрабазулаб политикаялда дие унтараблъун хут1улеб буго лъик1ал  специалистазул резерв районалда гьеч1олъиялъул суал.  Дица районалъул г1уц1абаздаса  пенсиялде, ялъуни  цойги х1алт1уде рит1ун г1адамал хисун ратании, гьеб буго лъик1аб нигаталда, г1аммаб х1алт1и цебе бачине къасдалда гьабураб  хъулухъалде т1ами. Гьабсаг1ат ругез, дица х1алт1уде  т1амураз божилъи рит1ухъ гьабулеб гьеч1они, расги рак1 бух1ич1ого гьелгунги къо-мех лъик1 гьабула дица. Щивав нухмалъулесда т1адаб буго районцоязе жидедаго барахщич1ого, бихьулеб къоялде рач1инч1ого хъулухъ гьабизе. Команда бук1ине ккола  цо рахъалдехун – ай г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъизабиялдехун жидер мурад буссараб. Гьедин гьеч1они, И. Крыловасул «Лебедь, щука и рак» басняялда г1адин – «Когда в товарищах согласья нет,  на лад их  дело не пойдет» пашманаб ахир ккола. Цадахъ рекъон х1алт1иялъ х1асилалги лъик1ал кьола. Гьит1инаб хъулухъалъцин районалъул   бет1ерасухъе г1адамал рит1ич1ого, щивав нухмалъулесул  бук1ине ккела  жиндирго жавабчилъи, живго жиндаго т1ад х1алт1и. Лъик1ал идеябазе, ц1ияб-лъик1алъе г1арцулаб рахъалъ квербакъи гьабизеги, г1оларел сурсатал т1аде  ралагьизеги, районалъул бет1ер х1исабалда, дун кидаго х1адурав вуго.

- Бич1ч1ула цо чиясул къуваталда к1олеб жо кколаро  киса-кибего росабалъги, райцентралдаги 100 % г1адамал разилъуледухъ х1алт1и г1уц1изе. Щиб абилеб  росабазул  администрациязул бут1рузул х1алт1ул  х1акъалъулъ. Ругищ  гьезда гьоркьор унго-унголъунги дуе районалъул социалиябгун экономикияб х1алт1и цебе  бачиналъулъ квербакъи  ц1ик1к1арал?

- Дун воххарав вуго бак1азда жамаг1аталъе рух1 кьун халкъалъул мурадазе г1оло бихьулеб къоялде рач1инч1ого, х1алт1улел г1олохъаби рук1иналдаса. Амма цо-цо бегавулзаби г1иц1го бак1 хинлъизабизе, моц1 хведал харж щвезелъун рач1унел руго х1алт1уде. Жалго  лъик1аллъун лъугьун росдае пайдаяб х1алалдаги, доход кьоледухъги х1алт1и бачине гьезие  бокьулеб гьеч1о. Лъик1азул ц1арал рехсеян абуни, дица т1оцебесеб бак1алда лъелаан Г1обода росдал  администрациялъул  бет1ер Мух1амадов Сидикъ. Жидерго х1алт1иги лъалел, ишги бажарарал бегавулзаби руго гьоц1дерил, хунздерил, херехьдерил ва гь.ц. Бокьилаан, цойгидазги  гьездасан мисал босизе.

- Росабалъ кинал  х1алт1аби гьарурал районалъул  администрациялъул х1аракаталдалъун?

- Ахир-къадги лъуг1улеб буго  Хунзахъ  росдал централияб  къват1 ва кьо къач1ай, Гьоц1алъ бачунеб  буго, 39 млн. гъурущги т1ад харж гьабун, ц1ияб лъел мухъ. Бачунеб буго лъим Г1орут1а, Гьамущи, Мущули росабалъеги. Цебе  гьезул бук1ана цолъизабураб лъел мухъ, дун хъулухъулде лъугьун хадуб, гьабун сметагун дида лъик1аблъун бихьана щибаб росдае бат1а-бат1аго лъим бачине. Лъуг1ана Т1анусибе газ бачунги. ДРялъул х1укуматалда 9 октябралъ т1обит1араб данделъиялда дида к1вана г1иц1го 5 росдада гьоркьоб рук1арал росабазда гьоркьосел ва жанисел газил трубаби, т1алъиялъул 18 росулъе рачун лъуг1изаризе ккеялъул суал ц1унизе. Аллагьас хъван батани, 2013-14  соназ гьел росабалъ бакила хъах1илаб ц1атари.

- Гьоц1алъ ГЭС балелъул лъеда гъоркье унел ракьазухъ  компенсация щвана гьоц1дерие. Раг1ана «Макьасда» туристазулаб кластер балелъулги, сверухъ ругел Сивухъ, Г1ахьалч1и, Шотот1а, росабазул ракьазе  мукъсанлъи  кколеб бугилан. Хасго г1ехьелдерил 2000 га ракьул бачунеб буго  турбазаялъ жанибе. Щиб абилеб гьеб  суалалда хурхун?

- Районалда  туристазулаб  база бан  лъуг1иялъ нилъее лъиклъи гурони щвезе  гьеч1о. Гьеб пикру дица цебеги  загьир гьабун бук1ана, гьанжеги такрар гьабулеб буго. Г1олилазе  х1алт1улел бак1ал, районалъул бюджеталде рач1унел налогал, районалъул социалияб ва культурияб рахъалъ цебет1ей, федералияб роцада нилъ рик1к1ин, росдал  маг1ишаталъул ниг1матал г1езарулезе жидерго продукция бича-хисизе санаг1алъи… Сиях1 жеги халат гьабизе бегьула. Туризмалъулаб бизнес жакъа къоялда рик1к1унеб буго бищун пайда кьолеб ишлъун.  Х1алт1изарич1ого, пайда босич1ого тун ругел ракьазда инфаструктура цебет1езаби, гьениб г1умру ц1и гьаби -  гьеле ракьазухъ лъик1аб компенсация. Лъабго мухъалъулаб, хъил т1ураб нухги европаялъулал шарт1алги, лъел ва токалъул мухъал  рачинги, т1аде бач1унеб доходги – ургъун рихьеяха гьанже, кин лъик1али.

- Г1олилазул политикаялда сверухъги абе цо-к1иго раг1и. Щай цебе т1обит1араб, лъик1аб тадбир -  г1олилазул форум исана т1обит1ич1еб, бажари-гьунар  бугезе рак1 батулеб иш  бук1ана гури шагьи-пара кьун гьел рохизари…

- Бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун исанисеб г1олилазул форум нижехъа раг1алде бахъинч1о. Амма 2013 соналъул апрель моц1алда исана к1одо гьарич1елги гьоркьоре рачун, т1оцебесеб форум т1обит1улаго ккарал гъалат1алги рит1изарун, т1обит1изе буго гьебго маг1наялъул мажлис. Республикаялъул ва улкаялъул ц1алул заведениязда ц1алун лъуг1араздаги дица гьарилаан г1агараб район цебет1езабизеги, ракьцоязе хъулухъ гьабизеги районалде нахъруссаян. Районалъе гьаваг1ан х1ажат руго лъик1ал, лъай бугел специалистал.

- Рах1атаб, парахатаб бук1инесебги х1инкъи гьеч1еб метерисеб къоги лъугьун буго гьаб х1инкъи ц1ик1к1араб заманалда г1адамазул аслияб мурадлъун. Гьеб ц1унизе тараб идара ккола жанисел ишазул отдел. Щиб абилеб Хунзахъ РОВДялъул х1алт1ул х1акъалъулъ?

- Г1адлу-низам ц1униги, законалъухъ г1енеккиги хасиятаб буго Хунзахъ районалъул г1адамазе. Полициялъул начальник  Гъайирбек Г1абдулх1амидовичасда лъик1 лъала районалъул  районалъул росабалъ бугеб ах1вал-х1ал, гьев щола бак1азде, гьабула профилактикияб х1алт1и такъсирчилъиялде гьеси бугезулгун, лъик1 лъала жиндаго т1адал ишал. Жиндирго бак1 ккун буго гьес гьеб хъулухъалда. Нилъер г1адамазул бич1ч1и буголъиялъ ц1унун буго районалда парахалъиги, закон хвезабунгут1иги.

- Культураялъул гъанситабилъун жал колел: росабазул клубал, культураялъул рукъзал, библиотекаби… Кинаб росулъе щваниги, гьезул х1алт1ухъабазул буго цох1ого ургъел: музыкалиял алатал, сценаялъулаб форма, т1ахьазул фонд ц1и гьабиялде х1ажалъи. Бугищ культураялъул х1аракатчаг1азул лъик1алде хьул, рес бугищ маданият ц1унизе, т1егьазабизе?

- Жакъа къоялда, диего бокьаралдаса дагьаб к1вар  кьун хут1улеб буго культураялъул идарабазде. Батизе бегьула пачалихъияб кверщалицаго бер рехун теялъул х1асилалда гьедин кколебги. Г1адамазе х1ухьбахъи  г1уц1иялъе рарал культураялъул рукъзал х1алт1изе ккола, Петр 1-ясго бец1лъи т1аг1инабизелъун рагьарал библиотекабаз ц1алдолезе рит1ухъаб хъулухъ гьабизе ккола. Интернеталъги, цойгидал техникиял ц1илъабазги инсаният кверде босулеб бук1аниги, ч1агояб т1ехь щивасе х1ажалъула. Рак1алде ккола, лъайкьеялда, медицинаялда т1обит1улеб гьаб модернизациялъ  маданияталдаги квер ч1валилан. Дун х1алт1уда вук1аго, цониги культураялъул рукъ ялъуни библиотека къазе гьеч1о.

- Нилъер ч1ух1илъун ккола районалдаса рахъаралщинал творчествалъулал г1адамал. Расул ана, хут1ун руго исана жидер 80-сонилаб  юбилей бугел , халкъиял  поэтал Фазу Г1алиеваги Г1абасил Мах1амадги. Гьез жидецаго бицуна ва районцоязда лъала дуца гьезул гьабулеб къиматалъул, адаб-х1урматалъул. Т1орит1изе ругищ юбилеялъулал тадбирал, Г1абасиласул анищ- официалияб рукъ-музей рагьи раг1алде  бахъинадай?

- Гьеб иш т1аде кколеб идараялде администрациялъул ц1аралдасан кагъатги бит1ун буго, музей рагьизе х1ажатабщинабги х1адурун буго. Рак1алде ккола, нилъерги гьесулги гьеб анищ хехгого т1убалилан. Фазу Г1алиевалъул х1акъалъулъги лъик1аб видеофильм бахъизе заказ кьун буго. Гьелъул сахлъиялда бажарани, республикаялъул роцада т1обит1араб юбилеялъулаб тадбиралдаса хадуб, бокьун буго гьей районалдаги к1одо гьайизеги.

- Хунзахъ районалъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс хунздерил г1амир х1исабалда, живго жиндасаго разияб х1алт1и гьабунилан, щиб масъала раг1алде бахъинабуни, дуца рик1к1ине бугеб?

- (Велъулаго). Х1иллаяб суал бихьула! Дунго разияб х1алалда х1алт1улаб болжал анин дица рик1к1ина районалде газ бачиналъул суал раг1алде бахъинабизе к1вани. Халкъалъул сахлъи ц1уни к1вар бугеб суал бугелъул, анищ буго Хунзахъ райбольница муг1рузулаб Дагъистаналда бищун лъик1аблъун лъугьинабизеги. Г1олеб г1ел – нилъер бук1инесеб, гьезие кьолеб тарбия-лъаялъул даражаги 80-абилел соназ  бук1аралде бачине бокьила. Гьеле гьеб лъабабго масъала т1убазабизе к1вани разилъилаан дунго дидасаго. Халкъалъул щибаб къойилаб г1умру лъик1лъизабийин абуни, ккола щивав районавлъул бет1ерасда т1адал ишал.

- Бак1 ккун бук1аго, гьикъич1ого рес гьеч1о дуда гьадинаб суалги, кинаб гьоркьоблъи бугеб дур  районалъул газеталъулгун? Ц1алулищ, бокьулищ «Росдал зах1матчи»? Критика кин къабул гьабулеб?

- Бокьараб хъулухъалъулаб ишалда вугев чиясе бокьизеги, щивас ц1ализеги ккола г1агараб газета. «Росдал зах1матчи» кидаго бук1ана республикаялдаго цересезул кьерда, жакъа газеталъул х1алт1и къойидаса къойиде лъик1лъулебги буго. Критикаялъул абуни, цо чиясул  хасаб мурадалда гь абураб, цониги х1акъикъияб х1ужжа жинда гъорлъ гьеч1еб критика къабул гьабуларо ва гьединал къват1ул харбал ц1алулезулги хъвалезулги адабги гьабуларо. Дир хъулухъалда гьоркьобги ккана  гьабураб х1алт1и бихьизеги бокьич1ел, жидеего политикияб аренаялде нух бахъизеги къвариг1арал кьуч1 гьеч1ел чаг1аз къабих1ал  бугьтанал лъураб х1ужжа. Биччанте Аллагьас гьезие рекъезабизе.

- Х1ажияв Мух1амадович, баркала пайдаяб ва интересаб  гара-ч1вариялъухъ.

- Дуеги, баркала. Бак1 ккун бук1аго районцоязеги гьарила: рекъел, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи, талих1 ва цоцазул адаб гьабулеллъун рук1ин.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

 

Просмотров: 991 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz