2 ноябралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетleр Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, депутатаз ва цогидазги.
Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьенир гьоркьор лъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул 2024 сонил бюджеталъул проекталъул бицин, гlолилазул ишазул ва туризмалъулгун спорталъул ва лъай кьеялъул отделазул гьабураб хlалтlул хlисаб кьей.
2024 соналъул районалъул бюджеталъул проекталъул хlакъалъулъ гlатlидго баян кьуна финотделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбеговас. Гьесул рагlабазда рекъон муниципалитеталъул тlасияб сонил бюджет бахине буго 1 миллиардгун 87 миллион гъурщиде. 2023 соналда данде ккун гьеб кколеб буго 18% цlикlкlун.
Гьеб суалалда хурхун жиндирго пикру загьир гьабуна районалъул бетlерас.
“Нилъеда жеги лъаларо хадусеб сонил бюджет тlокlлъигунищ яги камигунищ букlинебали. Исана районалда хlалтlизе биччана кlиго цlияб школа, цlи гьабун къачlараб мемориалияб комплекс “Хъахlал къункъраби” ва цогидалги объектал. Гьелги районалъул бюджеталдасан хьихьизе ккола. Санайил нилъер бюджеталъе кlудияб ками ккола бихьизабураб къадаралда налогал ракlарунгутlиялда бан. Гlадамазул 90% кьоларо ракьул ва мал-мулкалъул налогал, гьеб сабаблъун санайил щибаб росдал бюджет дагьлъула чанго миллионалъ. Гьел налогал руго нужерго росабалъ хутlулел сурсатал, гьеб бичlчlизе ккола киназдаго. Нужеца, депутатаз, бегавулзабигун цадахъ лъугьун гьеб рахъалда хурхун гlадамазда гьоркьоб бичlчlикьеялъулаб хlалтlи гьабизе ккола”, - ян абуна гьес.
Гlолилазул ишазул ва туризмалъулгун спорталъул отделалъ гьабураб хlалтlул хlисаб кьуна рехсараб отделалъул хlалтlухъан Хlажимурад Хlусеновас. Гьес бицана районалда гlумру гьабулеб бугмн 14-35 сонил ригьалда ругел 9000 цlикlкlун чиясилан. Гьеб кколеб буго районалда бугеб гlаммаб къадаралъул 26 %. 2023 соналда аслияб къагlидалъ отделалъул хlалтlи буссараб букlана Халкъияв шагlир Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сонилаб юбилей кlодо гьабиялде ва Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазул хъизамазул тlалаб-агъаз ва гьезие хlажатаб кумек гьабиялде.
Хlисаб кьолеб болжалалда жаниб отделалъ тlобитlун буго 65 тадбир. Районалъул гlадамалгун, хlалтlухъабигун ва меценаталгун цадахъ гlуцlараб гурхlел-рахlмуялъул акциялда рекъон Украинаялде СВО унеб бугеб зонаялде битlун буго 1,5 т бакъвараб гьанал, 6000 банка тушенкадул, 150 термобелье, 504 хинал щватаби, 320 пачка пиринчlалъул, 250 пачка макароназул, 400 пачка чайдул,400 банка кофеялъул, 700 пачка чакаралъул, 170 блок хъалияназул ва кlиго УАЗ автомашинаги. Мобилизациялде рекъон ва жидеего бокьун спецоперациялде аразе гьабуна 10000 гъурщил къадаралда цоцlулаб кумек, лъимал цlунулезул къоялде СВОялъул гlахьалчагlазул лъималазе кьуна 10 велосипед. Гьединго жидее тlурччи-цlул босизе кумек гьабеян рачlарал спецоперациялъул гlахьалчагlазул хъизамазеги гьабуна кумек.
Муниципалитеталда хlалтlулеб буго 3 спортивияб школа ва 21 спортивияб зал. Гьенир хlалтlулел руго 54 тренер, 56 группа, хьвадулеб буго 990 лъимер. Жакъа къоялде районалда цебетlолеб буго спорталъул 9 батlияб тайпа. Районалда буго мини-футболалъул 11 майдан, гьединабго майдан бан рагlалде бахъунеб буго Харахьи росулъги. 29 сентябралда байрамалъулаб ахlвал-хlалалда рагьана “Газпром-лъималазе” абураб проекталда рекъон бараб спортивияб площадка. Гьединго райцентралала ралел руго кlиго рагьараб тайпаялъул физкультураялъулгун сахлъи щула гьабиялъул комплексги (ФОКОТ).
Гьал ахирал соназда тlолабго республикаялдагогlадин, нилъер районалдаги цебетlун унеб буго туризм. Гьелъул кlудияб кlвар буго районалъул социалиябгун экономикияб цебетlеялъе ва цо къадаралъниги гlадамазул яшавалъул даража борхизабиялъе. Гьедин, 2023 сон байбихьаралдаса районалде вачlун вуго 210 000 гlан турист. Цересел саназде данде ккун гьеб къадар лъалаго цlикlкlун буго. Мисалалъе, 2020 соналда нилъехъе вачlун вуго 80 000 турист. Отделалъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб буго муниципалитеталда туризмалъулаб инфраструктура гlуцlиялъе. Кlиго соналъ тlатlала “Местные инициативы” программаялда гъорлъ гlахьаллъиги гьабун, хlаракат бахъулеб буго районалда туризмалъул инфраструктура цебетlезабизе.
Гьедин, гьабсагlаталда унел руго Цlолбокь рагlал ва “Каменная чаша” абураб бакl гlадамал хьвадизе квегlенаб ва хlинкъи гьечlеб хlалалда къачlаялда хурхун хlалтlаби. Хlинкъи бугел участоказда лъун руго хасал знакал ва блокал. Кlочон тун гьечlо рацlцlа-ракъалъиялъул рахъги. Туризмалъул маршрутал ругел бакlазда лъун руго урнаби.
Жиндирго докладгун лъай кьеялъул отделалъул хlалтlул хlакъалъулъ бицине яхъана отделалъул начальник Патlимат Хlамзатова. Гьелъ бицана жакъа районалда бугин 81 лъай кьеялъул гlуцlи: 19 гьоркьохъеб школа, 7 гlаммаб школа, 12 байбихьул классазул школа, 38 школалда цебесеб лъай кьеялъул гlуцlи ва 5 тlадеги лъай кьеялъул учреждение. Гlаммаб къагlидаялъ гьел киназдаго цlалулеб буго 2985 лъимер, гьездасан рокъорго цlалулел руго 33 лъимер-инвалид, школалда цебесеб лъай кьеялъул гlуцlабазда буго 1328 лъимер. Исанасеб цlалул соналда тlоцебе партаялда нахъа гlодор чlана 352 лъимер, гьеб ккола цебесеб соналде данде ккун 74 лъимералъ цlикlкlун. Муниципалияб лъай кьеялъул системаялъ чара гьечlого тlуразе кколел суалаздасан цояблъун ккола лъай кьеялъул гlуцlабазул минаби жакъасеб къоялъул тlалабазе жаваб кьолеб даражаялде рачин ва гьенир хlажатал шартlал гlуцlи. Районалла руго 50, 70, хlатта, 100 сон баралцин минабазда жанир хlебтlун ругел гlуцlабиги. Гьеб рахъалъ кlудияб цебетlей лъугьана исана: хlалтlизе риччана 308 ва 150 лъимералъе бакlал ругел Гlарани ва Гlобода гьоркьохъел школазул цlиял рарал минаби. Гьединго капиталияб ремонт гьабун къачlана Кlахъ гlаммаб лъай кьеялъул школалъул минаги. Хlисабалде босун буго 6 школалъе цlиял минаби разе: Гьамущи (150 лъимералъе бакl), Гlахьалчlи (150), Буцlра (100), Бакьагьечlиб (150), Гlоркlачlи (50), Мочlохъ (50). Гьединго ракlалда буго Хунзахъ 200 лъимералъе бакl бугеб цlияб ясли-ах базеги.
Араб цlалул соналда районалда ЕГЭ кьезе риччан рукlана 118 лъимер, ОГЭ кьуна 238 лъимералъ. ЕГЭялъул хlасилалда аттестат щун гьечlо 16 цlалдохъанасе.
Цоги районалъул лъай кьеялъул бутlаялда цебечlараб масъала ккола школалда цебесеб лъай кьеялъ киналго лъимал гъорлъе рачунеб хlалалда хlалтlи гlуцlи. Чара гьечlого хlажат буго Гlорутlа, Гьамущи ва Накlкlикь росабалъ цlиял садикал разе. Гьединго жеги 5 садик буго ижараялъ росарал минабазда жанир.
Депутатаз кьуна жидерго суалалги. Мисалалъе, Гlахьалчlисан депутатас бицана жидер росулъ цохlо руччабазул волейбол гурони, тlокlаб лъимал руссине жо гьечlин ва гьарана гьениб цониги кружок яги спортивияб секция рагьизе ресал ратеян. Гьединго депутатаз рорхана школазда цlалул къагlида анкьил щуго къоялде бачиналда ва магlарул мацlалъул дарсазда хурхарал суалалги.
Ахиралда киналго докладазухъги тlасан кlалъаязухъги гlенеккун, депутатаз къабул гьаруна дандрекъон кколел хlукмабиги.
И. Мухlамадов.
|