26
февралалда райдминистрациялда т1обит1ана районалъул собраниялъул депутатазул
иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ,
администрациялъул х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз ва муниципалитеталда ругел цо-цо
идарабазул нухмалъулез.
Данделъаразе саламги кьун, сессия рагьана председатель Мух1амад Мух1амадовас. Г1езег1ан г1ат1идаб
сессия бук1ана гьаб нухалда. Кинабниги гьениб борхана 10 ялдасаги ц1ик1к1ун
суал.
Гьездасан аслияллъун рук1ана районалъул бет1ерас ва
заманаялъ полициялъул начальникасул ишал т1уразарулес араб соналъ гьабураб
х1алт1ул х1исабкьей.
Исанасеб бюджеталда хиса-басиялгун т1адежураял гьариялъул
бицана финотделалъул начальник Х1айдар
Х1айдарбеговас.
Районалъул территориялда муниципалияб халгьаби ч1езабиялъул,
исана районалъул мал-мулкалъул приватизация гьабиялъул прогнозалъулаб план
тасдикъ гьабиялъул, муниципалияб жаниб г1умру гьабиялъул фондалъул (жилой фонд)
минаби х1алт1изаруралъухъ кьолеб мухьалъул къадар ч1езабиялъул низамалда хурхун
положение тасдикъ гьабиялъул ва автомобилалъулаб транспорталда ва нухазулаб
маг1ишаталда хадуб муниципалияб халгьаби ч1езабиялъул положение тасдикъ
гьабиялъул х1акъалъулъ суалазул бицана архитектураялъулгун ракьазул ва
мал-мулкалъул отделалъул начальник Х1ажимурад Иманах1мадовас.
Заманаялъ районалъул полициялъул нухмалъулесул ишал
т1уразарулев Шамил Маликовас баян
кьуна отделалъ 2025 соналъ гьабураб х1алт1ул х1акъалъулъ. Гьедин, гъоркьисала
районалда хъвай-хъваг1ай гьабун буго 36 такъсиралъул, гьел ккун руго
муниципалитеталъул 13 росулъ. Рагьун буго 31 такъсир. Ккун буго 16 авария,
гьезул х1асилалда хун вуго 1 чи ва лъукъа-къот1ун вуго 7 чи. ОГИБДДялъул
х1алт1ухъабаз г1уц1ун буго 1948 административияб протокол. Гьединго бат1и-бат1иял
лъугьа-бахъиназда ва административиял ихтиярал хвезариязда хурхун гъоркьисала
отделалде бач1ун буго 666 г1арза.
Цоги депутатазул халгьабиялде босун бук1ана Хунзахъ
гьоркьохъеб т1оцебесеб школалъе машгьурав революционер Муслим Атаевасул яги г1елмияй х1аракатч1ужу, Хунзахъ росулъа Загьидат Мух1амадбеговалъул ц1ар
кьеялъул суалги. Депутатазул ц1ик1к1унисез рахъги ккун, х1укму гьабуна рехсараб
школалъе официалияб къаг1идаялъ революционерасул ц1ар кьезе.
Бищун ахиралда араб соналъ гьабураб х1алт1ул х1исаб кьуна
районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.
Гьеб бицараб х1алалъ х1арп хисизабич1ого кьолеб буго гьаб номералъул жанисел
гьурмазда.
Ахиралда депутатаз кьуна жидерго суалалги. И. МУХlАМАДОВ.
|