Автор И. Мухlамадов. Февраль 2026 сон.
26 февралалда райдминистрациялда т1обит1ана районалъул собраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, администрациялъул х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз ва муниципалитеталда ругел цо-цо идарабазул нухмалъулез.