Гьаб анкьалда байбихьана районалъул бегавулзабазул хlисаб кьеял. Исана ункъабилеб сон буго бегавулзабазул хlисаб кьеял тlоритlулел ругелдаса, гьединаб къагlида байбихьана районалъул бетlерлъуде Нурмухlамад Задиев вачlаралдаса нахъе. Гъоркьисалагогlадин, исанаги хlисаб кьеял байбихьана Уздалросулъан. Гьелда гlахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул гlуцlарухъанлъиялъулгун правовояб отделалъул начальник Шамил Валиевас, росдал бегавул Гlумар Гlисаевас, росдал жамагlаталъ ва цогидазги.
Республикаялдаго, цадахъго районалдаги жеги захlматаб эпидемиологияб ахlвал-хlалги бугелъул, данделъи тlобитlун букlана дагьабго къадар гlадамазулги ахlун. Советалде гъорлъе унеб лъабабго росулъ буго 632 цlараки, 409 мина, гlумру гьабун буго 2091 чияс. Буго 2 ясли-ах, 2 школа, 1 библиотека, 3 ФАП ва 2 культураялъул рукъ. Араб соналъул бюджет букlун буго 2, 690 млн гъурущ. Буго 350 бетlер чlегlербоцlул, 202 бетlер гlи-цlцlаназул. Советалъул гlаммаб ракь буго 1147 гектар ракьул, гьелдасан 765 гектар буго росдал магlишаталъул ракьал. Гlаммаб къагlидаялъ советалъул ракьалда ругел нухазул халалъи буго 54 км, гьездасан 4,1 км хъил тlурал.
Араб соналъ къачlан буго 3,8 км чабхил нухлул, 310 кв м гlатlилъиялда цlидасан гьарун руго нух щула гьабизе къадал. Лъим жанисан чвахизе, 99 метрадул манзилалда лъуна 33 лоток. Уздалросулъ бугеб нухлул рагlалда бетонги тlун хlадурун буго 1350 метрадул манзилалда лъим чвахулеб рахъ. Гьабсагlаталда росдал къватlахъ 30 чирахъ хисулеб буго бакъудасан хlалтlулездалъун. Росулъе тlаде щолеб буго тlабигlияб газ. Лъун буго 5 газ бикьулеб шкафчик. Исана яги тlасияб соналде гlадамазул рукъзабахъе хъахlилаб цlатари щвезе ракlалда бугилан бицана бегавулас. 100 гlанасеб гlарза битlун рагlула рукъзабахъе газ бачинеги. “Местные инициативы” проекталда гlахьаллъиги гьабун, 2,2 млн гъурщиде капиталиял ремонталги гьарун къачlалеб буго Тlагьада росдал библиотека ва 4,2 млн гъурщиде Хъахlикlкlалахъ росдал клуб. Хасаб хlалтlи гьабулеб буго росдал магlишаталъул ракьал рехун течlого, рахъи кьоледухъ гьел хlалтlизариялъе. Гьедин, ижараялъе кьун руго 4 росдал магlишаталъул участок, жеги 15 гlан участок хlадурулеб рагlула кьезеги. Рехун тун гьечlо гlадамал, хасго гlун бачlунеб гlел терроризмалдасагун экстремизмалдаса ва наркоманиялдаса цlуниялъул хlалтlиги. Зама-заманалдасан районалъул ихтиярал цlуниялъул, къуваталъулал ва рухlиял идарабазул вакилзабиги гlахьал гьарун школазда тlоритlулел руго гlолилал мекъаб нухде ккеялдаса ва заралиял жалаздаса цlуниялъул мурадалда профилактикиял тадбирал. Гьединго советалда ругел школазда, садиказда ва культураялъул рукъзабахъ бугеб ахlвал-хlал цlехон зама-заманалдасан бегавул щолев вуго гьел гlуцlабазде. Тlоритlун руго киналго байрамал кlодо гьарун тадбиралги. Мисалалъе, лъикlаб даражаялда тlобитlун буго оц баялъул байрам. Гьениб лъабабго росдал 70 гlан чиги гlахьал гьарун, гlуцlун руго спортивиял къецал, цересел бакlал ккуразе кьун руго гlарцулал сайгъаталги.
Кlудияб балагь ккун буго советалъе гъоркьисала 25 маялда рарал цlадазул хlасилалда. Зарал ккана 267 чияс жаниб гlумру гьабун ругел 89 рукъалъе, гьездасан цlакъго кlудияб зарал ккана 22 минаялъе. Гьелъул рахъалъ росулъе вачlун вукlана Дагъистаналъул Хlукуматалъул председатель Гlабдулпатахl Гlамирхановги. Гьединго ккараб зарал борцине бачlун буго хасаб комиссияги. Амма жеги цониги зарал ккараб хъизаналъе пачалихъалъул рахъалдасан кумек щун гьечlо. Гьелъие гlилла бугин зарал ккарал минабазул гlемерисезул зеленкаби, страховкаби ва цогидалги хlажатал документал гьечlолъиян бицана данделъиялда гlахьаллъи гьабурав районалда вугев МЧСалъул бетlерав специалист Сурхай Мусаевас. Зарал ккараб 89 минаялъул хlажатал документал рагlула гlицlго 10 рукъалъул. Амма кин букlаниги жеги тlубанго хьул къотlун гьечlин ва зарал ккаразе рецlалил гlарац щвезе жидеца бажарараб хlалтlи гьабулеб бугилан тlадеги жубана гьес.
Гlадамаз рорхана социалиял выплатабазда, ракьазда ва цогидалги жамагlатазда цере чlарал суалал.
Ахиралда росдал администрациялъул рахъалдасан баркалаялъул кагътал кьуна хlултlулъ лъикlал хlасилал рихьизарурал батlи-батlиял бутlаялъул хlалтlухъабазе.
И.Мухlамадов.
|