Жакъа нилъеца кIодо гьабулеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда фашистазулаб Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялъул кIудияб байрам. 1945 соналъул 9 май-гьеб ккола тIолабго халкъ чIухIараб, гIасияб,гурхIел-рахIму гьечIеб, 1418 сордо-къоялъ халатбахъараб рагъ лъугIараб къо. ТIолабго Россиялъул халкъазда ва гьелъул бахIарчиял яргъилал къуватазда цадахъго гьеб къо кIодо гьабулеб буго СССРалде гъорлъе унел рукIарал тIолалго улкабазул халкъаз,гьединго фашистаздаса нилъер Армиялъ эркен гьарурал Европаялъул халкъазги.Заман унилан кIочонаро КIудияб ВатIанияб рагъги нилъер халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиги. Цебехун киданиги букIинчIебгIадаб къвакIиялъул, тIадегIанаб рухIияб къиматалъул, халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул гIаламат хIисабалда гьеб абадиялъего хъван буго нилъер ВатIаналъул бахIарчияб тарихалда.
Нилъеца бетIер къулула рагъул авлахъаздаго хутIарал,гьениса тIадруссун хадур гIумруялдаса ратIалъарал рагъухъабазе, тылалда хIалтIаразе. Гьез хIехьараб гIакъуба-къварилъиялъул бицун хIал кIвеларо. Жакъа нилъеда тIадаб буго рагъул кьогIлъиялъул, гьелъ нилъер халкъалде босун бачIарабщинаб балагь-къварилъиялъул хIакъалъулъ ва кин бергьенлъи щварабали гIолеб гIелалда бицине, гьел куцазе ккола ВатIан бокьиялъул рухIалда, нилъер умумузул бахIарчияб тарих лъалеллъун. Нилъер г1аммаб пашманлъиялъе, Исана т1оцебесеб нухалъ Хунзахъ районалъ байрамалда дандч1вац гьабулеб буго цониги рагъул г1ахьалчиги гьеч1ого. Амма гьезул гьунаралъе нилъер бут1рул абадиялъ къуларал руго! ХIурматиял районцоял,тылалда хIалтIун бергьенлъи гIагар гьабурал, Дагъистаналда ва къватlир гIумру гьабулел киналго гIадамал, ракI-ракIалъ баркула щивасе хирияб байрам-Бергьенлъиялъул къо. Гьарула щивасе халатаб ва талихIаб гIумру, даимаб рохел, гьабулеб ишалъулъ битIккей,сундулъго икъбал, щулияб сахлъи, хIалтIулъ бергьенлъаби,хъизан-рукъалъулаб талихI. Я Аллагь,бихьугеги кидаго рагъул кьогIлъи ва вахIшилъи...Амин
Бергьенлъидул къо
Щибаб бергьенлъидул къо бач1арабго,
Къварилъанхъула дун маг1ил берал ц1ун,
Ват1ан ц1унулаго халкъ ц1унулаго.
Ц1адулаб коронир къурбанлъаразухъ.
Сонал ананиги рек1елъ судулел
Солдатазул бух1и кида сунн унеб.
Рагъул авлахъалда бица рец1улел
Бухъун хобал щвеч1ел бан мусру щвеч1ел.
Араб бак1 лъач1ого т1аг1арал вассал,
Къисмат мекъи карал дир росуцоял
Жегиги хиялал жегиги къасдал,
Сапаралъ руссинин ч1аго ратилин.
Эбел Ват1аналъе ками т1убарал,
Эркенлъиялъул байрахъ борхатго ккурал,
Цо-цоязул рак1ал рицалъун руго,
Рух1 нилъее кьурал к1очонел руго.
Гулий керен кьурал кьварарал вассал
Михъида х1ур хъвач1ел кьалул бах1арзал
Абурай ячинч1ел ячарай тарал
Лъимал бесдаллъарал лъади къороллъун.
Бидул макъар къарал нужер к1ут1буца
Шурана угьана эбелалъул ц1ар.
Чвахулел ругъназухъ балагьич1ого.
Ват1анин к1ут1ана каранда рак1ал,
Багьа к1удияб кьун щвараб эркенлъи
Талих1 нилъее кьун рух1 кьурал вассал.
Ях1 бугез ц1унила ц1адулал ц1арал.
Намус борхатазда нуж к1оченаро.
Доб к1удияб ками бак1лъун унеб куц.
Щибаб бергьенлъидул къо бач1арабго.
Нужер г1олохъанлъи г1жда т1убараб.
Иман ях1 бугезда к1очон теларо.
П. Мух1амадова, Харахьи росу.
|