Пятница, 26.04.2024, 23:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 9 » БАХlАРЧИЯЙ ПАРТИЗАНКА
20:11
БАХlАРЧИЯЙ ПАРТИЗАНКА

Араб г1асруялда жаниб, щибаб росдалги, районалъулги, Дагъистаналъулги, гьеб  тун къват1ибехунги  жиндирго  лъалк1ги, накъищги, к1варги, тарихги тана аза-азар чияс. Щибаб заманаялъул рук1ана жиндирго зах1малъабиги, лъугьа - бахъиналги, рагъ-кьалалги, инкъилабиги, жидерго бах1арзалги, хилиплъаралги, бет1ергьабиги. Гьединаздасан  гьоркьоса  цоялъул х1акъалъулъ хъвазе бокьун буго, киг1ан мукъсанго гурони дида лъазе к1вечlониги. 
Хъазамбиева Хамиз гьаюна 1888 соналъ Бакьагьеч1иб росулъ батракасул  хъизамалда. Гьелъул г1умру ккола историялда жаниб к1вар бугебщинаб заманаялде, октябралъул инкъилаб, гьелдаса  хадуб хъачагъазде данде партизаназул рагъ, ц1ияб х1укумат маг1ишат-яшав г1уц1и, палх1асил, к1иялго дунялалъул рагъал ва гьездасан хадуб биххараб х1укумат г1уц1и.
Зах1матал рук1ана дол революциялъулал къоял. Дагъистаналъул халкъалъул къисматин абуни доб мехалъ ц1акъ кьог1аб ва бец1аб букlана, г1адамазул яшав язихъаб, мискинаб ва т1олабго г1умру  бук1ана  къваридаб къисалъун.
Ц1акъго кьог1аблъун  бук1ана нек1сиял маг1арул руччабазул къисмат. Г1иц1го напсияб ихтияралдаса шариг1аталъ мах1рум гьариялда цадахъго, бец1аб ва язихъаб бук1ана маг1арулазул г1умруги. Амма Аврораялъул гьаркьица маг1арулалъул гьурмадаса ч1ег1ераб пардав бахъана. Гьелдаго цадахъ ч1ужуг1аданалъул эркенлъиялде г1ищкъуги ц1ик1к1ана.
Гьелда к1вана талих1аб бук1инеселъе г1оло бихьиназда цадахъ, бах1арчиго хвалил бадире ралагьизе. Бат1айиса бук1ине ресги бук1инч1о. Маг1арухъ кколеб бугеб революционнияб багъа-башариялъ, васалги, вацалги, росалги инкъилабалъе г1оло г1умру кьун рагъулел рук1иналъ, руччабазул рек1елъги гьулчана басрияб дунялалдехун ва гьеб ккун ч1езабизе къвариг1араздехун кутакал рокьукъал  асарал. Гьезул берда цебе бандаз ч1валел рук1ана руччабиги, лъималги, херал г1адамалги. Гьеле гьединлъидал руччаби, бихьиназда цадахъ,  Дагъистаналда Совет власть бергьиналъе г1оло рагъде лъугьаралги.
Гьединал бах1арчиял руччаби г1емер рук1ана Авар округалда жанирги. Граждан рагъул соназда гьез кодобе босана ярагъ, балъго х1алт1ана большевиказе кумекалъе. Гьеб рахъалъ бах1арчияб ирс нахъе тана Хъазамбиева Хамизица. Гьей йик1ана къуватай  ва таваккалай ч1ужуг1адан. Сунцаха т1амурай гьей зах1матаб, х1инкъараб революциялъулаб нухде?
Гьелъул вац Хъазамиги ва хъизамалъул цогидал чаг1иги рук1ана большевикал, Хамиз гьездасан ч1ух1улаан ва гьелъиеги бокьана гьезул кумекч1ужулъун яхъине. Хамизил вац Хъазамиги,гьелъул рос Мух1амадги Х1оцоса Нажмудиница жанир т1амун рук1уна. Амма имамасул бищун ццим бахъун бук1ана Хамизида. Г1адада гуро гьедин ккарабги. Гьелъ х1инкъи гьеч1ого т1уразурана ц1акъго к1вар бугел т1адкъаял, гъачагъазул дандечlей лъуг1изег1ан балъго  большевиказе  кумек гьабуна. Гьелъ лъазабулаан бандазул  кинаб х1адурлъи  бугеб ва гьел кинаб ах1вал-х1алалда ругелали, лъазабулаан мискинзабазул мурад, жигараб х1алт1и гьабулаан росдал г1адамал большевиказул рахъалде ц1аялъеги. Г1умруялъе х1инкъи бук1аниги Хамизица лъазабуна Дударовасул ва Самурскиясул отрядал кире щун ругелали ва гьел кинал квалкалалъ ккун  ч1езарун ругелалиги. Церелъурал масъалаби т1ураялъе г1оло гьей лъугьунаан бихьинчиясул роль х1азеги, чода рек1унги, папирос бух1унги, г1емераб къо бихьун къуркьулароан Хамиз тушманасе.
 Дол 1920 аб. соназда Деникинил армиялъ кверщел гьабулеб бук1ана Дагъистаналда. Г1алихановасул полк бук1ана Хунзахъ хъалаялъуб ч1ун. Гьезие бокьун бук1ана Деникинил армиялде данде рагъизе унел маг1арулазе нухги къан, квал-квал гьабизе. Гьеб ишалъ ц1акъ ццим бахъинабуна бекьеч1дерил. 1920 соналъул апрель ва май моц1азда Баг1араб Армиялъул партизаназ щущахъ биххизабуна Гlалиханил полк.
1920 соналъул хасало Къарадахъ кьодасан Самурскиясул бригада тlаде щолеб бугилан абураб хабар щвана Хунзахъе. Къвариг1ун бук1ана Г1арани хъаладухъе нух бахъизе. Командованиялъул х1укму ккана Бакьагьеч1ив ч1арав тушман щущахъ  виххизавизе. Муслим Атаевасул буюрухъалда рекъон Бакьагьеч1иса партизаназул къот1и ккана пулеметазул «к1ал къазабизе» баг1арав партизан Шамилов Исайгун цадахъ гьеб иш т1убазе  Хъазамбиева Хамиз йит1изе.
ГЬедин к1вар бугеб т1ад къай т1убазабизе сапар бухьана Хамизица гьалмагъ  Бакьагьеч1иса Исагьицагун цадахъ. Цебеккунго х1адурун бук1ана бандазе гьабизисеб х1илла. Илълъа маг1арда щулалъи ккун ч1ун рук1ана бандал. Мех-мехалъ гьел кьвагьдолел рук1ана, жавабалъулаб кьвагьи гьабулаан  партизаназги. Чанго нухалъ чапарзабазул хъолбохъан пишт1елаго унаан гулби. Хамизица т1ад рет1ун бук1ана хадуб бехъерхъараб г1адаб халатаб гурде, гьей лъик1го г1одое къулун, г1унт1ун т1илгун яч1уней йик1ана, бандаз гьел нухлулалин тана. Бит1ун бандазул руккел бугеб бак1алде гьел щолаго нилъераз т1ат1алаго гьабулеб кьвагьиялъ бандал риха-хочизаруна. Бит1ун цо пулеметчиясда хьолбохъан унаго Хамизица тохаб лах1зат т1аса бищана. Г1ажаибаб тирилъиялъ Хамиз т1аде к1анц1ана ва гьесул кверзулъ бегьудахъе т1ил бана. Пулеметчи унтул кутакалъ вук1к1ун ана. Гьелдаса пайдаги босун пулуметалда т1ад хурхана Исай. Пулеметчи ватана бандазул бет1ер ва ханзабазул наслуялъул чи. Гьеб пулеметгун вагъана Исай Текит1а росу сверун ккураб мехалъги ва гьелда нахъа хвезеги хвана.
Г1араниб хъала бугеб рахъалдасан сардил заманаялда раг1улел рук1унаан кьвагьиял. Гьеб хъалаялда рахчун рук1ана баг1арал рагъухъаби ва баг1арал партизанал. Хамиз  рукъалъул т1охдеги яхун рах1атхун ялагьулей йик1ана гьеб рахъалдехун. Гьей х1адурго йик1ана жиндирго вацал, рос ва г1агарал чаг1и жанир ругеб гьеб хъалаялде екеризе. Цо сордоялъ нуц1ида бигьа гьабун к1ут1ана. Х1инкъиги к1очон тун, Хамизица гьеб хехлъи гьабун рагьана ва къадарабго  моц1рол канлъухъе щивали лъаларев, буртинаги рет1арав чи вихьарав мехалда х1инкъун нахъехун к1анц1ана. «Х!инкъуге,-ян абуна гьев чияс,-дун вуго дур росас вит1арав чи. Гьес гьарана хъах1лъи балалде хъалаялде рагъухъабазе квен босун яч1аян». Гьединги абун, бихьинчи бигьа гьавун к1усана ва щапун ана. Хамизида бихьана гьесул гьумер кутакалда хъах1лъун бук1ин ва гьев унтун вук1ин. Гьелъ хехлъи гьабун рорч1изаруна г1агарал г1адамал. Гьев чи рокъове вачана, бидул ц1ураб чухъаги тlаса бахъун, ругънал рухьана.
Цониги минут г1адада биччач1ого Хамизица хулжал чадил, х1анил, т1охол ц1езаруна, гьеб бак1аб юкги баччун къват1ие яхъана. Гьеб заманалде моц1 нак1к1уца бахчун бугоан, Хамиз гьелъ дагьай рази гьаюна. Ганч1азул ц1ураб нухдасан х1алк1вараб хехлъиялда уней йик1ана гьей жиндирго г1агарал чагlи жанир ругеб хъалаялдехун ялагьун. Сверухъ сих1къот1и ва парахалъи бук1ана, амма гьелда рак1алъ бицунеб бук1ана бокьараб минуталда балагь данде ч1вазе, дов гьалъул рокъове вач1арав чиясда ва г1емерал цогидазда щвараб г1адин черхалда хвалил гула щвезе рес бук1ин. «Йихьич1ого йорч1улейани хъалаялъуе» ,- абун пикру гьабулеб бук1ана, х1алуцун кьабулаго ракlгун гlедегlун уней Хамизица.
Рогьалилъ тушбабазул хъаравулзаби кьижун ккунищ рук1аралали, ялъуни аск1осан уней ч1ужуг1аданалде к1удияб к1вар кьеч1огойищ гьез тарабали лъаларо, гьей хъалаялъуе сах-саламатго щвана. Цинги гьей гьебго нухдасан г1емер хьвадана, хъалаялъур сверун ккуразе баччана квен, ярагъ, гулла-хер, кумек  гьабуна лукъарал г1адамал хъалаялъуса нахъе рачине, жинцаго г1ахьаллъи гьабуна тушбабазде данде рагъазулъ, цо нухалъ гуро гьей ялагьун йик1арай хвалил бадие. 
Муг1рузда  ахирисел бандал лъуг1изарураб ва т1убанго Советияб власть бергьараб заманаялда баг1арай партизанка Хамиз Хъазамбиевалъ байбихьана  киназдаго цадахъ ц1ияб г1умру г1уц1ц1изе.
1929 соналда Бакьагьеч1иб г1уц1ана коммуна. 1932 соналда гьелдасан г1уц1ана колхоз. Коммунаялъул, цинги колхозалъулги бет1ерлъун тана баг1арав партизан Ражаб Г1алиев.  Пачалихъалъ ч1обого маг1ишаталъе кьуна зо азаргог1ан гъурущ, 20 къунц1арулеб машина ва 500 х1айван. Ражаб Г1алиевасул минаялъуб рагьана лъималазул ах. Х1алт1уде унаго руччабаз жидерго г1исинал лъимал толел рук1ана гьенир. Цинги рагьана гьениб росулъ т1оцебесеб школа. Коммунаялде ва колхозалде лъугьарал г1адамал рух1анияз ва бечедал чаг1аз х1инкъизарулел рук1ана. Амма Советиял власталъ жидее ц1ияб талих1аб г1умру кьолеб  бук1иналда рак1ч1арал г1адамал х1инкъич1о, гьез жидецаго кумек гьабулеб бук1ана гьединаб г1умру г1уц1иялъе.
Гьале росулъе бачана лъим, цинги бана байбихьул школа, хадуб гьеб лъугьана анкьго сонил школалъун.
Чанго соналъ Хамиз Хъазамбиева х1алт1ана колхозалъул председателасул заместительлъун.  Дагъистаналда Советияб власталъе г1оло къеркьеялъул х1аракатай г1ахьалч1ужу х1исабалда гьей йищана СССРалъул  ВЦИКалъул членлъун ва гьелъ ункъо соналда г1ахьаллъи гьабуна дунялалда т1оцебесеб социалистияб пачалихъалъул х1укуматалъул х1алт1улъ. Гьединаб кlудияб хъулухъалда йик1аго г1адатияй маг1арул ч1ужуялъе рес щвана  1936 соналъул 15 февралалда ВЦИКалъул ункъабилеб сессиялда трибунаялдасан жиндирго рахьдал мац1алда дагъистаниязул х1акъалъулъ, гьезул къварилъиялъулги, г1ат1илъулги, бергьенлъабазулги, масъалазулги т1олабго х1укумаматалъул даражаялда бицине. Хамиз хвана ... соналъ. Юкъун йиго Бакьагьечlи росулъ.
Бах1арчияй Бакьагьеч1иса яс Хамизил х1акъалъулъ жеги г1емераб бицине ва г1умрул нух ц1ехон гьелъул х1акъалъулъ хъвазе Аллагьас  рес кьеялда хьулгун. 
 

Махlачхъалаялъул №8 Лицеялъул тарихалъул мугlалим Х. М. Хъазамбиева.

Просмотров: 124 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz