Суббота, 27.04.2024, 10:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 30 » БАХЪА КЪАЛАМ КЪВАТ1ИБ КЪО ККАНИН ДУДЕ.
23:51
БАХЪА КЪАЛАМ КЪВАТ1ИБ КЪО ККАНИН ДУДЕ.

Раг1арабищ, вацал, пашманаб хабар,

Муг1рулги г1одулел, г1орал соролел?

Г1инч1арабищ, яцал, рокьукъаб  калам,

Киназулго рак1ал къварид гьарураб.

Къадар щун раг1ула г1алимчиясде,

Г1одич1ого жакъа муъминчи ч1елищ?

Духъ т1ураб маг1ица бакълъадерил вас,

Бацила Дагъистан данде гьабуни.

Бахъа, къалам, къват1иб къо кканин гьанже,

Гьабизин гъазават гъарим ручкаялъ,

Рагье, гьундул, дуца дир гьинал рак1ги,

Гьанже къо бач1анин къваридаб  дуде.

Къулун кагътидегун чвахун маг1угун,

Г1одилаго буго дица гьаб хъвалеб,

Дагъистан ч1ух1арав бакълъадерил вас,

Дуда хадуб т1уна т1олазго маг1у,

Г1абдугъафурил вас, бакълъадерил ц1ум,

Ц1адул бомбаялде кинан мун ккарав?

Рогьалил какиде къват1ив унаго,

Къадар дуй щвелилан щивха вук1арав?

Къаде рузманалде ният бук1инч1ищ

Диналъул вацазе ваг1за гьабизе?

Щиб ваг1за бук1араб, дир диналъул вац,

Диналъул вацазе жакъа бицине.

Къадар Аллагьасул гьукъизе к1велищ?

Щвана къадаралде рузман къоялъ мун,

Къварилъана т1олго муъминал вацал,

Т1уна кинацаго бух1араб маг1у.

Рек1елъ иман бугел угьдана жакъа,

Сапаралъ мун ана нахъ вуссунареб,

Баркатги аниб тун арав ватаги,

Аллагьасул нухда хьвадарав г1алим.

Мун ч1ванилан абун ч1ух1ун ругезда,

Рак1алде щва абе мах1шаралъул къо,

Г1арцухъ  ях1 бичарал чарал гьабзазе

Гьабила Аллагьас жиндирго х1укму.

Мун вижарав росдал жамаг1аталда

Жакъа гьале дица зигара балеб,

Бакълъадерил росу росдал жамаг1ат,

Аллагьасул баркат камуге нужей.

Жакъа нужер росдал къварилъи, вацал,

Нижер рак1аздаги унтун бугеб куц,

Киназего, Аллагь, сабру кье нижей,

Нижер г1алимазул рух1 бохиледухъ.

Х1абибурах1мангун, Ах1мад, Мух1амад,

Аллагьас нужееги  кье, вацал, сабру,

Хъизан Г1ашурае, Г1айшат- ясалъе,

Х1ал к1олев, Бет1ергьан, гьезийги сабру.

Сабру гьеч1ев инсан Аллагьас ц1уне,

Рач1а кинацаго гьабизин сабру,

Рах1имуллагь, жиндир мунагьал  чурад,

Гьев вохулеб х1алалъ ч1елинха, вацал.

Дуй г1адинаб хвелни киса щолеб жо

Киналго урхъараб, Аллагь гурх1араб?

Мун ч1вач1о, мун ч1вач1о, дир диналъул вац,

Дуе бомба гъурав гъов живго ч1вана.

Ч1аго гьаб ракьалда вугонаниги,

Аллагьасде т1амун тела нилъеца,

Дуе г1адаб хвелги, дуй г1адаб хобги,

Бокьа-бокьарасе  кьеч1о Аллагьас.

Устарасда аск1об хобги дуй щвана,

Шагьидасул хвелги маян дуй кьуна,

Аллагь гурх1арасе гуреб щолареб,

Рах1матал Аллагьас дуе рикьана.

Аллагьги гурх1арав, Расул вохарав,

Ахират дуй щвана, дир диналъул вац,

Нижги гьанир ругел гьалбалин кколел,

Нижей кумек гьабе гьенире  щведал.

 

Шамхалов Гъазичула

Сивухъ росу


Просмотров: 1213 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 1.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz