Пятница, 29.03.2024, 02:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 10 » "АВАРИЯЛДА ТlАД БАКЪ ССВАНА КlУДИЯВ ГlУМАХАН - НУЦАБАЗУЛ ВАРИС ХВАРАЛДАСА"
17:18
"АВАРИЯЛДА ТlАД БАКЪ ССВАНА КlУДИЯВ ГlУМАХАН - НУЦАБАЗУЛ ВАРИС ХВАРАЛДАСА"

Араб 2021 сон кколаан ГIумахан-нуцал гьавуралдаса 260 сон тIубаялъул сон. Цо-цо бакIазда гьесул гьавураб сон 1762-абилеб хъванги бугелъул, рагIи билълъарав, къуватав ханасул къойил бицинеги рекъараб бугелъул, гъоркьехун кьолеб буго тарихчи ГIалибег Хъазанбиевасул гьаб материал.

«КӀудияв ГӀумахан»
(1761-1762 - 1801)

"Гуре гъеж, кьабгӀе хвалчен,
Рагъул гъалбацӀ ГӀумахан".
ХӀелму бугев, сабурав, нечаравги вукӀана".
(Дибиркъади)


* * *
"Г1орхъи гьечӀел ресалги рукӀун гьес мунпагӀат босана жиндирго ресалдасан - жиндиего магъало кьезабуна гуржиязул пача ГьерекӀлида, Дербенталъул, Хъубаялъул, Бакуялъул, Ширваналъул, Шекиялъул ханзабазда, Ахалцихалъул пачаясда. Гьес рагӀи кьуна гьезул хӀукуматазе зарал гьабиларилан. Гьелдаса хадуб абизе бегьула, Дагъистаналда цониги ихтияр кодосев хан ГӀумаханил даражаялде къуваталдеги вахинчӀин".
(А. А. Неверовский)


* * *
"Г1умаханасул хӀукуматалда букӀана 30 азарго цӀараки, 100 азарго чи, гьесие лъагӀалие щолаан 150 азарго гъурущ".
(Серебряков, Тихонов)


* * *
"1785 с. Г1умахан лъугьана балагьлъун киналго ханзабазе. Гьес Хъубаялъул ФатагӀалиханасде гьабуна чабхъен, ичӀго моцӀалъ сверун ккуна гьев Саляналда. Гьелдаса хадуб ФатагӀали ханас Г1умаханасе кьезе кколаан 200 азарго гъурущ рецӀел - Сальяналдаса кинабго харж. Г1умаханас жиндаго хадур рилълъинаруна кинабго Аваразул ракь ва мугӀрузул чачанал.
XI. Хашаев


* * *
"Авария букӀана жиндир заманаялъ Лезгистаналда (Дагъистаналда) бищунго къуватаб жамагӀатлъун - ханлъилъун.
ЦохӀого - цояб бетӀергьанлъун гьал муг1рузул, гьезул ханзабакьа хӀинкъун соролаан киналго мадугьалзаби. Рагъул гъаргъар барав Омар Ханасдаса (Г1умахан) хӀинкъулаан киналго ва гьесие магъало кьолаан, гьес жидер ракьал талавур гьаричӀого тезе".
Я. Костенецкий


* * *
"Г1умаханасул къуватги, рагӀи билълъинги къобахъанагӀан цӀикӀкӀунеб букӀана гьесул кӀудияб бажариялъ. Гьеб цӀакъго цӀикӀкӀана ФатагӀалихан хун хадуб (гьеб цӀикӀкӀун букӀана ФатагӀали хан чӀаго вугеб мехалъго (ГӀ.К).


* * *
Гьес бахъана Тифлис, Гюмиш хъала, Ахалцих, тӀадвуссана Гуржиялдасан Белоканалде. Гьес чурхъана Ганджаялъул мухъ, бахъана Нахичевань".
(А. К. Бакиханов)


* * *
"Авариялда тӀад бакъ свана КӀудияв ГӀумахан-некӀсиял нуцабазул варис хваралдаса".
(М. ГӀалиханов)


* * *
"Гьев багьадурасул ахӀухъе ЦӀороеги кӀанцӀун тӀадруссунаан, хасго Хунзахъе рохь гӀадин лагъзалгун, гучаб хазинагун ва боцӀигун. Гьеб букӀана замана, тӀокӀаб букӀинаро гьедин".
(М. ГӀалиханов)


* * *
"Г1умаханасул къуват Дагъистаналда цӀикӀкӀана. Гьес чурхъана Гуржилъи, Гъарабагъ, Ганджа, Нахичевань".
(Алкъадари)


* * *
"Дугъринуцалил вас МухӀамаднуцалил вас Г1умахан вукӀана куц-бегӀ бугев чи - гъваридаб яхӀ-намусалъул цӀурав, бахӀарчияв, хӀеренав, чиясе лъикӀлъи гьабулев. Гьесул букӀана гьайбатаб гьумер, рекӀее бокьулеб гьаракь-калам. Гьев кӀалъалаан камилаб магӀарул мацӀалда. Гьесул кӀалдисан киданиги инчӀо рокьукъаб рагӀи ва ццидалаб калам.
Бергьенлъаби росараб мехалъ гьес чӀухӀарал каламал гьарулароан.
Аза-азар гӀадамазе сайгъатал рикьулаан, гьесул квер гӀатӀилъиялъул, гӀаданлъиялъул цӀар ун букӀана. Гьесул хасиятлъун букӀана бахӀарчилъи, сабру ва рагъулъ къуркьунгутӀи, хӀатта киналго гӀадамал хӀинкъараб мехалъцин. Пачабазда гьоркьов гьев гьалагаб гъалбацӀалда релълъунаан. Г1умаханасул рагъухъаби рагъазул гъалбацӀазда релълъунаан. Г1умаханица бахъана Вахан, Нахичевань, гъурана Азербайжаназул 7 ханасул аскар, бахъана Гумуш, Тифлис, Ахъсу, сверун ккуна Еревань, Ганджа, Сальян ва цогидал бакӀал. ГӀумаханас рахъарал гӀисинал хъулби рикӀкӀун бажаруларо".
(ХӀайдарбег)


Парижалда биччараб ("Кавказалъул канлъиги рагӀадги") абураб тӀехьалда хъван буго "Гуржияз Г1умахание кьолаан жидер хайиралъул микьил бутӀа" абун.


Лъимерлъи
Г1умахан гьавун вуго 1761 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесул эмен вукӀун вуго МухӀамаднуцал, эбел Хайдакъуцуми ХанмухӀамадил яс Баху. МухӀамаднуцалица Баху ячун йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тӀурун Хунзахъе рачӀараб мехалъ. 1741-1743 соназ магӀарулаз хвалилаб кьабгӀи щвезабун буго "дунялго хӀинкъулев" Надирида.
Надирица 1742 соналда Хунзахъе ритӀун рачӀун pyгo Сурхайханги Хасбулатшамхалги. Гьез абун буго: "Надирица гьарулеб буго жиндихъе гъоркьлъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила". Myxlaмаднуцалица жаваб кьун буго: "Дица гӀадамалги кьеларо, Надирида данде тӀарамагъадисеб гамачӀги багъизабила", - ян. ГӀ. Бакихановас хъвалеб буго, XVIII гӀасруялде щвезегӀан магӀарулал гьедигӀан рагӀарал чагӀи рукӀинчӀила, гьелдаса нахъе гьезул къуватги, цӀарги тӀибитӀанила кибго Кавказалда. Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагӀирасул кечӀ:


"Кьерун чӀая, чӀужу, мун
ЛекӀи вачӀине гурин, 
Чармидаса къвакӀараб 
ЛекӀиясул ракӀ бугин.
Багьдадазул къедгицин 
Гьесде данде чӀоларо".
ГӀумаханасул талихӀаб лъимерлъи халатбахъун гьечӀо. 1772 соналда ЦӀоралда чӀван руго гьесул имгӀал МухӀамадмирзаги гьесул вас Булачги.
"Хунзахъ, тӀалу гӀанаб тӀухьи арабин, 
ТӀолабго кьвагьанищ, гьитӀинав Булач? 
ТӀалтӀа бараб сигӀан гьир харил анин, 
Кинабго бухӀанищ, МухӀамадмирза?".
1774 соналда гьезул рецӀел босизе арав МухӀамаднуцал рекӀкӀ гьабун чӀван вуго ФатагӀалиханасул чадиралда жанив.
ГӀумаханасда тӀаса гьитӀинго ун буго инсул кваркьи. Гьев гьитӀинго кӀудияв гӀун вуго. 15 сон байдал, гьесие гьабун буго хвалчен бухьи - вас гӀеялъул байрам.
ГӀумаханас дагьал чагӀиги цадахъ рачун сверун буго кинабго улка, щун вуго киналго кӀудиял росабалъе. Гьев рещтӀунев вукӀун вуго мажгиталда.
Гьес магӀарулазул росабалъ абулеб букӀун буго: "Дун вуго нужер росдал гьобол. Нужеда лъала дида тӀад бугеб налъи, дица рецӀел босизе ккола ФатагӀалиханасдаса дир инсулги, имгӀаласулги, вацгӀаласулги, цойги гьезда цадахъ чӀварал гӀагаразулги. Нужеца кумек гьабичӀони, дида гьеб босизе кӀоларо", - ян.
ГӀумаханас церехъабазе, гӀалимзабазе кьолел рукӀун руго сайгъатал, гьес абулеб букӀун буго: "ГӀадамасе сайгьат, къохьое нах гӀадинаб жо буго. Инсан гьелъ тамах гьавула, - ян".


ГӀумаханасул лъудби
ГӀумаханас ячун йиго ункъо чӀужу. ТӀоцеесей йикӀун йиго яцгӀал - МухӀамадмирзал яс КӀилъилай. Гьей йикӀун йиго цӀодорай, рагӀи чӀарай. Гьелъие букӀун буго ханасул магъалоялъул бутӀаги. Гьелъул букӀун буго гӀемераб бечелъиги, цӀакъ къачӀарал рукъзалги. МагӀарулазул кици буго: "КӀилъилалъул гьинищ, ГьетӀарасул сийищ?" абун.
Хадусей ккола ХъистӀаман - Хайдакъуцумиясул яс. Бахумеседол эбел.
Лъабабилей чӀужу - Дарижа (Дареджан) Абашидзе, Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс. Гьей йикӀун йиго берцинлъиялъул цӀар бугей гӀадан. Дарижа Г1умахан хун хадуб тӀадюссун ватӀаналде ун йиго. Г1умаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехалъ. Гьелда цадахъ ГьерекӀли кӀиабилес кьун буго 3 гӀала, 1 барти, 3 лагъ-гъаравашги. Гьезда гьоркьоб букӀун буго цо гӀараб тайпаялъул гӀала, "Дарижал гӀала" абун бицен хутӀун буго гьелъул магӀарулазда гьоркьоб. Гъарабагъалъул Ибрагьимханас бачӀараб бартиялдасанги гьеб гӀалаялдасанги лъугьун буго магӀарухъ цӀияб чуязул тайпа. Чуязул элхъи (завод) нуцалазул букӀун буго цӀакъго цебего. Элхъи риидал букӀунаанила ГӀарахъмагӀарда, хасало - ЗагӀиб. Г1умаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: "Дугърил гӀули гӀадин риччан тун ругила".
Ячун йиго Г1умаханас КӀванада росулъа ясги. Гьеб иш ккун буго гьадин.
Бодулнухдасан унаго рекӀаралгун, лъелалгун нуцал щун вуго КӀванаде. Руччаби, лъимал тӀох-тӀохазде рахун ралагьун рукӀун pyгo. Циндаго абулеб рагӀун буго: "Гьагъав нуцаласул лъадуеги, гьаб дунялалда гьагъасда аскӀойги йикӀун, алжанги кьелеб батани, гьеб дурги битӀараб гуро, БетӀергьан”, - илан. Киналго эхеде ралагьун pyгo, йихьун йиго гьайбатай гӀолохъанчӀужу. Г1умаханас ячун йиго гьей. Рокъор ругез цӀакъго рахӀат тун гьечӀо. Ханас цӀар тӀамизе ккун буго. Гьелъул адаб гьабун КӀванада росдадаса магъалоги рехун буго.


Г1умаханасул кумекчагӀи
Бодул бетӀерлъун (гьесда абулеб букӀун буго майиндурилан) вукӀун вуго Г1умаханасул яцалъул рос Чупан. Гьев киналго рагъаздаги гlaхьаллъун вуго. Нахъа Чупан беццлъун вуго. Г1умаханас, беццав вугониги, Чупан цадахъ вачунев вукӀун вуго. Халкъияб кочӀолъ гьесде абун букӀуна: "Г1акълу камиллъарав беццав Чупанилан".
Г1умаханасул тӀоцевесев вазир вукӀун вуго ГьоцӀалъа Г1алиханил Г1алисканди - кӀиабилев имам ХӀамзатил эмен. Г1алисканди цӀодорав, бахӀарчияв чи вукӀун вуго.
КӀиабилев вазир вукӀун вуго Хъазанбидада. Гьесде гlypyc документазда Дадайин абун букӀуна. КӀиабилев вазирасда тӀадаб букӀун буго магъало бакӀариги, дулугъ бикьиги, ханзабазул хъалаялъул гӀадлуги.
Хунзахъа Дибиркъади вукӀун вуго Аваристаналъул къадиги, Г1умаханасул Мирзаги (серетарь). Гьесда лъалеб букӀун буго лъабго мацӀ: гӀараб, фарс, турк. Дибиркъадица гьел мацӀазул словарьги гьабун буго.Г1умахан хведал, Дибиркъадица г1араб мац1алда поэмаги гьабун буго.
Гьел гурелги, ГӀумаханасда аскӀор киназго рикӀкӀунел чагӀи рукӀун pyгo Гушу (Гунаш), Г1адалав, Г1али, Гари.


Бодул сапарал
Аваразул пачалихъалда рукӀана киназда лъалел болнухал. Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тӀохда чӀвалеб букӀун буго paгъулаб байрахъ.
"ТӀалтӀа байрахъ чӀвала бодул кьал ккани", - ян буго халкъияб кочӀолъ. Цинги Тобтида ч1валеб букӀун буго чадир.
Гьелдаса хадуб ГӀалагӀарталда данде ахӀулеб бук1ун буго 50 росдал бо. Гьеб бук1ун буго хунздерил бо. Гьеб богун къват1иве вахъунев вук1ун вуго Г1умахан Игьаливе, Болъмхъе, К1арат1е, Г1ахьвахъе, Анцухъе, Гьидалъе, ТӀелекье, Ругъжаве, ЧӀараде, Гъолоде.
Нагагь болъе вахъинчӀев чиясда лъолеб букӀун буго рогьодал гӀакӀа.
Гъолода данделъулел рукӀун pyгo ЦӀоралъул магӀарулазул боялги.
Бодулъ 15-20 азарго чи гӀолев вукӀун вуго. Рагъал гьарун ГӀумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 къоялъ сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази (лъабцӀул), Къварели, Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гӀарадабиги рачун, Гумущ (9 моцӀалъ сверунги ккун), Салян, 1785 соналда Тифлисги. 
Гиничукьа ХӀайдарбегица хъвалеб буго: "Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикӀкӀун хӀалкӀоларо", - ян. Неверовскияс хъвалеб буго, ГӀумаханасе магъало кьолаанила ЦӀоралъул 17 вилаяталъ. Нилъеда цӀарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букӀун буго 115 азарго гӀарцул гьурущ, хутӀаразги гьедигӀан кьолеб букӀун батани, гьеб ккола 230 азарго гъурущ.
ГӀумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кӀун букӀинчӀо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакӀаризе. Щибаб соналъ вазир ГӀалискандил бетӀерлъиялда унел рукӀун руго гьеб магъало бакӀаризе хъулухъчагӀиги нукарзабиги. БакӀарун бачӀараб магъало кьолеб букӀун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе. Гьес гьеб сокӀкӀунеб букӀун буго цагърахъ ва санкӀахъ.
Гьеб хазина ГӀумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букӀун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе.
Бахумеседо имам ХӀамзатица чӀвайдал гьабураб магӀуялъулъ руго гьадинал рагӀаби:
"Г1арцул лал тӀамурав шагь ГӀабасил яс..."
ГӀумахан данде кколев вуго ираназул цӀар рагӀарав шагь Г1абасида. Щиб жоха гӀарцул лал? ТӀоцебе дида гьелъул магӀна лъачӀо, дагь-дагьккун хадув гъуна гьел рагӀабазул магӀнаялда.
ГӀумаханас бахъун буго ГьерекӀли кӀиабилесул магӀданалда тӀад бараб Гумущхъала. Гьениса нахъе баччун буго бацӀцӀадаб гӀарац ва хӀамузда, гӀорцӀабазда, варанабазда лъун бацӀцӀад гьабичӀеб магӀдангун (руда) Хунзахъе щведал, ханзабазул гьиналда аскӀоб бекизабун буго тӀалу, гьабун буго гьоцӀо. Гьабизабун буго кӀудияб михир, вахъун чӀарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тӀамун буго "гӀарцул лал”, хадуб рехун буго, лалго гӀадин хутӀараб "тӀорщел” лъаралъ чурун буго. Лал тӀамун лъугӀун хадуб ГӀумаханасе бахъун буго лъабго къали гӀарцул (43 кг.).
ГӀумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гӀарцул магӀдан (руда) балагьизе. Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магӀдан лъалел гӀадамал. Нукарзабигун цадахъ гьес сверун буго Аваристаналъул ракь. Гьезда гӀарцул магӀдан батун буго ГьимагӀурул тӀарада.
Живго нуцал цадахъ чагӀигун ун вуго гьениве. Рагьун буго гьениб гӀарцул магӀдан, хӀамуз, гӀурцӀмуз Хунзахъе баччун буго гьеб. Гьелдаги тӀамун буго "гӀарцул лал". Гьеб магӀданалда гъорлъ гӀарац мукъсанго батун буго.
Г1умаханас кӀвар кьолеб букӀун буго росдал магӀишаталдеги. Щоралдаса ккурал лагъзадерида гъорлъа ралагьун руго цере пиринчӀ бекьулел рукӀарал чагӀи. Гьолокь росдал АваргӀурул рагӀалда бугеб Ахалахалда абураб бакӀалда бекьун буго пиринчӀ. Гьеб гьениб барщулебги букӀун буго. Гьолокь Г1умаханасул букӀун буго кӀудияб ракьги, рукӀун руго рукъзалги. 1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухӀамадханасдаса лъутун рачӀун руго Ибрагьимханги, Бахтикаги, лъималги.
Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукӀун руго дунял хинлъизегӀан. Жиндирго
ракьалда Гьолокьги ЛъагӀилухъги бекьизабун буго самсаму (цӀоросаролъ).
Гьолокьги ЛъагӀилухъги букӀараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго. Гьелдаса хадуб гӀурусаз казнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букӀун буго. ЦӀоралдаса ГӀумаханасе ритӀулел рукӀун руго пихъил гъутӀби (нуцабазул кокон, сабудаса гӀеч). Къоло щуго соналъ гьабун буго ГӀумаханас нуцаллъи. Гьес чӀвазе къотӀун вуго цо чи - гьелдаги гьесул ракӀ бухӀун букӀун буго.
ГӀумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай-хъвагӀайги. Гьеб хӀалтӀи тӀадкъан буго дибирзабазда. Хадуб данде босун буго къадар.
Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукӀун вуго нусазарго чи. ГӀумаханасул заманаялда цӀикӀкӀун букӀун буго магӀарулазул жанисан гъунки. Киназдаго бичӀчӀун буго жал цо чагӀи рукӀинги, Г1умахан нуцал вукӀинги, цо тахшагьар букӀинги. Гьеб цокӀаллъиялъги гъункиялъги магӀарулазе квербакъула Надиршагь щущахъ виххизавизеги. Гьев нуцаласул рагӀи Кавказалъе къанунлъун лъугьун буго. Жанисан гъункичӀеб хӀукуматалъ къватӀире кьалбалги риччаларо. Гьелъие нугӀлъи гьабулел кочӀол мухъал нахъеги хутӀун руго.


"МегӀер гӀандадерил,
ГӀи буртиязул,
Ясахъ ГӀумаханил -
ГӀажаибаб жо".


1800 соналда Тифлисалде бачӀуна инаралзаби Лазарев ва Гуляковасул бетӀерлъиялда гӀурусазул аскар. Гьеб аскаралде мугъги чӀван, гуржияз магъало кьоларо. ГӀумахан аскарги бакӀарун Тифлисалде тӀаде ун вуго. Цо бутӀа гуржиязул магӀарулазул рахъалда букӀун буго.
ГӀурусазул аскаралъ нух ккун буго магӀарулазе. Нуцалас буюрухъ кьун буго, гӀурус аскарги рещтӀаралъуб тун, цере аян. МагӀарулазул бо сордо базе рещтӀун буго. Сордоялъ рилълъун гӀурусаз нахъойги нух ккун батун буго. МагӀарулаз рагъ гьабун гьечӀо, ругелъур гӀурусалги тун Тифлисалдехун ун руго. Лъабабизеги Иори гӀурул рагӀалда гӀурусаз нух ккун батун буго. Гьеб мехалъ нуцалас буюрухъ кьелелдего АхӀмадхан юрталъул боги бачун гӀурусазде тӀаде кӀанцӀун вуго, рагъ гьабун буго. ГӀурусал нахъе къан руго. Вазир ГӀалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лъутун руго. ГӀалисканди богун гӀурус аскаралде нахъе лъугьун вуго.
ГӀурусаз батальонал гьоркьор гӀарадабиги лъун, ункъбокӀон (каре) гьабун чӀезарун руго. ТӀаде гӀарададул сачмаги гуллаги байдал, Ах1мадханил бо тӀурун буго. Г1умаханас цойгидал боязе тӀаде кӀанцӀизе буюрухъ кьун буго. Гьезулги жо ккун гьечӀо. Цинги живго Г1умахан кӀанцӀун вуго тушманасде тӀаде ("угъузилал рачун, дайтилал рачун, маххулъан бер баккун, хунз цадахъ рачун"). Нахъе къалел ругел магӀарулазда гьес гьарулеб букӀун буго: "Нужеца ях1 бахъе, гӀолохъаби! Нилъеда данде гьал чӀоларо", - ян.
Гьел тӀуридал, живго тӀаде ун вуго тушманасде. Гьесда сверун ругел Гушу, Г1алибулат, гьесул гӀагарал чагӀи - дайтилазул анлъгояв гӀарададул сачмаялъ гъурун руго. АскӀор хутӀараз Г1умахан нахъе вачун вуго. Боги нахъе биччан живго ЧӀарахъ чӀун вуго гьев. ТалихӀкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.
Г1умахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда. Бицен букӀуна гьесие загьру кьун бугилан. Гьеб хӀалтӀи гьабун бугин гьобол ХӀалаж Г1абдулагьицаги гьесул рагьтӀател АхӀмадил Г1аишатицаги. Г1умахан вукъун вуго ЧӀарахъ росдал мажгиталъул азбаралда.


ГӀенекке, гӀадамал, хабар бицинин Хайбаралде гӀунтӀун цӀар рагӀарасул
(Халкъияб кечӀ)

ГӀенекке, гӀадамал, хабар бицинин, 
Хайбаралде гӀунтӀун цӀар рагӀарасул. 
ЧӀахъаял, кӀалъаге гьунар ахӀизин, 
Доб Мадинаялда рохел лъурасул. 
Хайбаралде гӀунтӀун цӀар рагӀи гурищ,
ЦӀоралъул ханзаби дудаса хӀинкъи? 
Доб Мадинаялда рохел лъей гурищ, 
Гъоб ФиргӀанил уммат дудехун буссин? 
Меседил гьиндиве гьавурав лачен, 
Гьунаразе вахъа дове ЧӀарахъе, 
Гьунар Бичас кьурав ГӀалил зулпукъар, 
КъотӀаризе вилълъа капурлъиялде. 
Вахъайилан абе, ТӀалтӀа ГӀумахан 
Галамал риххулеб барадалъул хер, 
Сангарал тӀутӀулеб, румаб гӀарада. 
Хвалчай чарамазул боялги гьарун, 
Маххулъан бер баккун хунз цадахъ рачун, 
Боде гӀакълу кьолев ГӀалискандигун, 
ГӀакълу камиллъарав беццав Чупангун, 
Дайтилалги рачун, угъузилалгун, 
ЦӀоралъул хӀал лъалел, хӀинкъи тӀагӀарал, 
Регьун таманчаби рачлихъги рахъун, 
БацӀил лъулдул ругел хъирмалги росун, 
Хъузхъузда ругьунал истамбулалгун, 
ТӀад тарихал хъварал дугъалги росун, 
Маххда рукъарулел, къанккун чӀоларел, 
КӀанцӀун чан толарел чуялги рекӀун, 
Гъорлъе журан унел байрахъчагӀигун, 
Вахъун ун ГӀумахан ХӀурахъ рещтӀиндал, 
Бугъий цӀакъаб тана тушманзабаца. 
ГӀурухъ чадиразул хъахӀлъи бихьидал, 
ТӀолго нур ссун ана Гуржистаналъул. 
Вахъун ун ГӀумахан ЧӀарахъ рещтӀиндал, 
Бубуди хехлъана тушманзабазул. 
Г1ажавхан, Г1акълухан, Камали рачун, 
Мугъазда пажал ран, пилил бо бачун, 
Гавази маврагун, Мухранихангун, 
Ханзабазул аскар цадахъги бачун, 
КъватӀив вахъанила Тифлисалъул шагь, 
ГӀумахан вухӀизе чол боги бачун, 
Вахъун щварав гъункар капурлъи бачун, 
Гьиналъул кавуда тарих хъвалилан. 
Чилъи бугелщинал цадахъги рачун, 
Похъица ццулъарал чуялги рекӀун, 
Черхалда берчӀвани гӀадан хӀинкъулел, 
ХъахӀал маккал гӀадал къолдаби ретӀун,
Бакъул нур ссун унеб ярагъги борчун 
Мискиналщиназе садакъаги кьун, 
Лъудби ругелаца цӀаралги тӀамун, 
Къулгьу цӀалун ярагъ черхалдаги бан,
Хириял дугӀаби хвалчабазда хъван, 
Щвана гъолодисел Алазаналде: 
"Ассалам гӀалайкум, Хунзахъ Г1умахан"
ВагӀалайкум салам чӀарлъул бахӀарзал"
ЦӀоралдаса давла дуй насиблъаяв, 
Давлагун рукъалде мун лъикӀ вачаяв.
Азарго гӀурцӀматӀа хазинаги бан, 
Нусго вараниде месед бакӀарун, 
Кутакалъ рахъулел хъулбузде гӀунтӀун 
Къоазар рекӀарав цадахъги вачун, 
Щвана Ширакалде дов Ибрагьимхан,
Вахан бахъулезе хӀал кьезейилан. 
Я доб Ваханхъала, доб Гумущхъала 
Г1али, Г1умарида рахъизе кӀвечӀел 
Рахъун боде кьурав нуцаласул вас.
Ваханхъала бахъун хъузхъул гъурарав
Гумущхъала бахъун асир гьабурав, 
Доб ФиргӀанил уммат гьалаг гьабурав
Дов ГьерекӀлил улка кверде босарав, 
Киналго ханзаби хӀатӀикь тӀамурав, 
Тушманал шагьарал цӀадуд рухӀарав, 
Магъриб-машрикъалде цӀар дур paгlapав,
ЦӀоралъул лъимада бицен дур лъарав, 
БагӀар гӀарасалде гӀорхъи кьабг1арав.
Гулла алхунарев, хер рагьаларев, 
Салиянил боял ракьалде рарав. 
Хвалчен чучуларев, чу свакаларев, 
ЛатӀип-пашал къокъа къаникь букъарав, 
Къанал хӀажат гьечӀо багьадурасе. 
Ханзабазулги хан чӀваяв Надиршагь, 
Дур хабар рагӀидал, лугбал сорорав, 
Халкъалъе кӀудияв къажаразул шагь, 
Мун богун гӀунтӀидал, гъанцӀун сорорав. 
Дуниял къалъулев къафалъул мегӀер, 
КъватӀиб чадир чӀвайдал бер гӀураб дуе, 
Горалилъ бегулеб аздагьодул ракӀ 
Мун вуссунгегиян гьарарал хвайги. 
Бодул шагьаразде, шагь шагьаралде 
Щибаб шагьаралде расулги тӀамун, 
АхӀдезе рекӀана чӀваяв имансиз: 
Тифлисалъул каву рагьун тейилан, 
Цо бо бачӀун буго хунздерилилан, 
Эзулго хан вуго ГӀумаханилан.
Чанги хан вахъана гӀатӀиракьалда, 
Пулаво кваналел, чалтуг белъунел, 
Цо хан вахъун вуго хунздерил ТӀалтӀа 
Харица галамал зодихъе ралев.
Маххул свераниги гулмул толарев. 
ГанчӀил гьаруниги сиял толарев 
Гьесда хадур ругел гьел гӀолохъаби, 
ЦӀалай кӀанцӀизеги нахъе къаларел, 
ГӀумар, ГӀусмание напакъа кьечӀел.
Накалда квер кьабун как биххулезде 
Биччан тараб хвалчен хунздерил ханас, 
ГӀажуж-мажужалъул гӀорхъоде щвегӀан. 
Жанив гьиндив вукӀун туманкӀ рехани, 
Тулписалъул ханги жанив вахчарав. 
Биххаги, падишагь, дур месед-гӀарац, 
КъватӀив ТӀалтӀе вахъун кӀалдин хъвагӀани, 
Телавури каву жинца къотӀулеб, 
НагӀлаби щущайги Ахтал хвалчадул. 
Гьакил двари буго доб Дербенталда, 
Дагьистаналъул хан хун рагӀулилан.
Топил рохел буго Гуржилъиялда 
Ханзабазул ханас дунял танилан.
Бакъги цӀакъ бухӀулеб ЧӀарталанубе, 
ВухӀанищ, ГӀумахан, хинаб гьороца? 
ЦӀадги тирун балеб мажгитул кӀалтӀе, 
Аралищ хӀарухӀун хӀангӀарцул гъуждул? 
ГӀумаханил мисри босноб бииндал, 
ЦӀоралъул гъулдуца чӀегӀер бачӀодай? 
Ханасул-мусудул Гъолоде щведал, 
Гъулдузул чундуца магӀу тӀечӀодай? 
Къолден сверун къалел кӀалдаби рорчун, 
Къаси рахъун арал АхӀматӀханилал, 
Къварилъухъ рорчунел хвалчаби рухьун, 
ХӀатӀилгӀицӀго арал яс кьурал дурцал, 
ЧӀабар якъуталъул, къед киражалъул, 
ЦӀаруе гъугъаян - гъой дур КӀилъилай. 
ЧӀалу меседилаб, рихьи гӀарцулаб, 
ТӀун гӀодобе аян - арай ХъистӀаман. 
ГӀумаханил чадир чоде чӀван бугин, 
Чулъие кьололеб, вай ГӀалибулат?
Нуцаласул дугъал къеда ран ругин, 
КъватӀир щал рахъунел, АхӀматӀханилал?
 Цо гӀайибни ккана ГӀумаханасда, 
КӀолаго капурлъи квинчӀого тедал. 


Цойги...
Дур хабада бугеб киражалъул къед,
Капуразул харид чӀегӀер белъайги. 
Дур хабада чӀвараб меседил зани, 
Азнавурзабазул гуллид борлъаги. 
Хвеларев. Хвеларев, лачен ГӀумахан, 
Хьиндалазул богун ЦӀорда ватила. 
Хвезе ресго гьечӀо шагь Г1абасил вас, 
ХӀалаж ГӀабдулагьгун гъакълид ватила. 
Хьиндалазул богун мун ЦӀордалъидал, 
ЦӀар бугел дур боял щайзе риххулел? 
ХӀалаж ГӀабдулагьгун мун гьакълидлъидал, 
ГьерекӀлил чукъбуца рохел щай лъолеб? 
ЧӀарахъ гьоболасул гьайбатаб гьекъел, 
Хер гьоркьоб жубараб, гьоцӀо рагӀараб, 
Гьуинищ бихьараб, ГӀумахан, дуда? 
Дуе рекӀкӀ гьабурав ЧӀарахъа гьобол, 
ЧӀаго дунялалда эхетугеги!
Хер кьезе ургъарай АхӀматӀил ГӀашат, 
ГӀажалалъул унтуд турайги босной! 
Гьолокьа бахъараб ЦӀолокь щвезегӀан 
ЦӀалаца бухулеб чагъар тӀагӀаяв, 
ЦӀороса бахъараб Мусукиб гӀунтӀун 
Хунжица бухулеб дулухъ бегаяв. 
БоцӀи къваригӀунищ мун ЦӀорой арав – 
БоцӀухъ щай бичичӀеб Гьолокь магъало? 
ЦӀар къваригӀунищ мун къватӀив вахъарав – 
ЦӀаруе шай инчӀев Истамбулалде? 
Хунзахъа ЦӀорое цӀалад къотӀигӀан 
ЦӀолбол чагъир босун чагӀи рачарав, 
ЦӀоралдаса нахъе Хунзахъе щвегӀан 
Чуязул тӀваркъиялъ тӀалу басарав. 
МоцӀрохъе ЦӀор халеб цӀахӀил гӀаларча, 
ЦӀоралде балагьун хӀихӀилеб буго. 
ЦӀвайихъ нух бачунеб дур горда хвалчен, 
МагӀидаги далун гӀодилеб буго.
Меседил карталде карпит жубарав, 
Картгун махӀрумлъаяв, дур хӀалчӀахъаяв! 
Кавуялда нуцӀби резалъул гъурав, 
Яцал-ясал хваяв, лачен ГӀумахан! 
Дур гӀиял кваналеб гъоб ЗагӀиб бакълъи, 
ТӀун гӀодобе айги, канлъи Нуцалхан! 
Дур чуял тӀамулеб Гьолокь байдаби, 
Зодихъе кьвагьайги, дарман ГӀумахан! 
Биххаги, падишагь, дур месед-гӀарац, 
Щущанин нагӀлаби Ахтал хвалчадул.
Гьеб кечӀ-магӀу лъабго батӀияб варианталдасан данде гьабураб буго: 1. Халидов Расулица Халитил ХӀажиясдасан хъвараб. 2. ХӀоцоса Нажмудинил хъизан ПатӀиматидасан дица хъвараб. 3. Дицаго батӀи-батӀиял гӀадамаздасан хъвараб. Дихъа бажарараб хӀалалъ, дица гьаб кочӀое баяналги кьуна.


БАЯНАЛ
Хайбар – Г1арабустаналда бук1араб, щулияб жугьутӀазул шагьар, хъала.
ФиргӀанил уммат - капураб уммат, бусурбаби гурел чагӀи.
Г1алил зурпукъар - МухӀаммад аварагас (с.т.гӀ.) ГӀалиасхӀабасе кьун букӀараб кӀигӀаркьелаб хвалчен, Г1алил буюрухъалда рекъон ралъдалъе рехараб.
ТӀалтӀа - Хунзахъ ханзабазул гьундул (хъала) рукӀараб бакӀ.
Галан - щулалъиялъе росаби сверун гьабулеб букӀараб къед.
Барад (гӀараб) - хер. ЦӀакъаб лъикӀаб хер абулеб магӀна.
Румаб гӀарада - Римазул (Византиялъул) гӀарада.
ГӀалисканди - ГӀумаханасул кӀудияв вазир, ГьоцӀалъа Г1алиханил вас, рагъул цевехъан ва дипломат.
Беццав Чупан - ГӀумаханасул бодул бетӀер, гӀакълучи. Г1умаханасул яцалъул рос. 1774 соналда МухӀамаднуцал чӀван хадуб бодуе бетӀерлъи гьабурав, гьеб Шамахалдаса нахъе бачарав чи.
Хъирмал, истамбулал - доб заманаялъ реццулел тункӀал, Крымалда, Стамбулалда гьа- рурал.
Дугъ - гьитӀинаб байрахъ.
ГӀажавхан, ГӀакълухан, Камали - Кахетиялъул пачаясул хъулухъчагӀи.
Паж - хъощ.
Гавази - ГӀумаханас лъабцӀул бахъараб Гавазихъала, Ахалсопелиялда аскӀоб бакътӀерхьул Кахетиялда бугеб.
Мавра - моурави, полководец.
Къурали - Къварели: князьзаби Чавчавадзеязул ракь.
Мухрани - гуржиязул князал Багратиони - Мухранскиязул мина-карт букӀараб бакӀ.
Гьиналъул каву - Хунзахъ бугеб Г1умаханасул гьин (хъала).
Похъ - пурчӀина.
"Лъудби ругелаца цӀаралги тӀамун", - магӀарулал рагъде инелде, лъудбузда цӀаралги тӀамун гьедулел рукӀун руго, чӀаго тӀадвуссинарилан. Руссани рогьоги букӀунеб букӀун буго, лъудбузда цӀарги кколеб букӀун буго.
Ибрагьимхан - Гъарабагъазул (Шушаялъул) хан, Г1умаханасул яц Бахтикал рос, Панах Г1алибегил вас.
Ширак - Иориялдаги Алазаналдаги гьоркьоб бугеб авлахъ
Вахан - БакътӀерхьул Имератиялда вукӀарав князь. Е. Абашидзел хъала 1785 соналда ГӀумаханас бахъана ва князасул яс Дареджан (Дарижа) чӀужулъун ячана.
Гумущ - гьанжесеб северияб Армениялда букӀараб Ираклий кӀиабилесул хъала, гӀарцул магӀданалда тӀад бараб. 1785 соналда Ахалцихалдаса гӀарадабиги рачун Г1умаханас бахъараб. Гьениса чуяца, гӀурцӀмаз баччун букӀун буго гӀемераб магӀдан (руда). ТӀалтӀа кӀудияб михирги тӀад бачун лал тӀамун буго. КочӀолъ Баху-бикаде абун буго: "ГӀарцул лал тӀамурав шагь ГӀабасил яс" абун.
Г1али, ГӀумар - гӀарабиязул халифзаби.
ГьерекӀлил улка - пача Ираклий кӀиабилесул ракь, Картли ва Кахетия.
БагӀар ГӀарас - Аракс гӀоралъул гӀаркьел.
Салиян - гьанжесеб Азербайжаналъул къирбалаб рахъалда бугеб шагьар ва ракь. Г1умаханас ичӀго моцӀалъ сверун ккураб ва бахъараб шагьар, саляналъул кинабго харж Г1умаханасе кьезе кколеб букӀун буго.
Баган - бо, чабхъен.
Чалтуг - бацӀцӀад гьабичӀеб пиринчӀ.
КӀалдин - XVIII - XIX гӀасрабазда гьоркьоб цӀар букӀараб хвалчен.
Ахтахан - Ираналъул Агъа МухӀамадхан Къаджар. Надиршагьас гьесие чол балъ (ахта) гьабун букӀун буго. Г1умаханасе гьес кьураб меседил хвалчен букӀун буго тӀад нагӀлабиги лъураб - гьебго буго Ахтал хвалчен.
Топил рохел - гӀарадабазул салютал.
Мисри - Египеталъул хвалчен. АхӀматӀханилал - Жунгуталъул ханзаби.
Кираж - гач.

Просмотров: 116 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz