Араб лъаг1алил ахиралда районалъул бет1ерасул заместитель Гьит1инов Х1амидил нухмалъиялда гъоркь т1обит1ана иргадулаб экстремизмалде ва терроризмалде данде ч1еялъул комиссиялъул данделъи. Данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ ОМВДялъул заместитель Шамиль Маликовас, муфтияталъул г1елмияб отделалъул вакил Г1алиасх1аб Мух1амадовас, районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас.
«Районалда ругел 41 школалда, 38 ясли-ахалда ва 3 хасаб лъай кьеялъул г1уц1иязда х1адурун ва «Росгвардиялда» тасдикъги гьарун руго х1инкъи гьеч1олъиялъул паспортал. Рехсарал учреждениязда лъолел руго видеонаблюдениялъул камераби. Финансирование хадуб гъун бач1ани 2019 соналъул 1 кварталалде х1алт1и лъуг1изе буго. Гьединго, ц1алдохъаби интернеталда ругел къвариг1ел гьеч1ел сайтаздаса рик1к1ад гьаризе лъолел руго контент – фильтрал- ян бицана З.Г1умаровас.
«Г1адан вижаралдаса нахъе унеб буго чиясдаги иблисалдаги гьоркьоб рагъ. Гьеб мекъаб иблисалъул нухде свериялъул аслияб г1илла ккола гьезул гьеч1еб гъваридаб лъайги, щвеч1еб г1елмуги. Нижеца г1олилазда цебе районалда т1орит1ула тренингал, лекцияби, ай х1акъикъияб ислам бихьизабизе х1аракат бахъула» - ян бицана Г1. Мух1амадовас.
Хунзахъ ОМВДялъул начальникасул заместитель Ш.Маликовас жиндирго докладалда бицана, 2013-2018 соназ экстремизмалде ва терроризмалде данде гьаризе кколел тадбиразул комплексалъулаб планалда рекъон районалда т1орит1арал ишазул х1акъалъулъ. «Гьаб ц1ияб соналъул каникулаздаги щибаб росабазул администрациязул нухмалъулезда т1ад къан буго графикалда рекъон дежурство гьабизе» – ян абуна Ш. Маликовас.
Данделъиялъул ахиралда т1асияб соналде АТКялъул аппараталъул х1алт1ул планалъул проект хит1абалде босана.
|