Автор.Ф.Мух1амадова.Январь 2019 сон.
Казият бокьулездехун, гьеб рихараздехун, къаян абулездехун.Рак1алда бугеб ният г1умруялде бахъиналде, гьарулел ишал раг1алде щвелалде, бер къапилалдеян абухъе ун ратула къоял, моц1ал. Заманалъул роржен хасго ц1акъ лъалеб буго г1умрудул сонал г1езег1ан сок1к1индал. Ана тарихалде нилъер г1умрудул цойги сонги. Цоязе гьеб бук1ун батила гьаб дунялалда ахирияблъун, цойгидазе, ракьалде рач1ун, бакъуе берал рагьараблъун, лъабабилезе-талих1аблъун, ункъабилезе-цересел чаг1иги абадияб рокъоре т1орит1ун, пашманаблъун. Цоязе-икъбаллъун, цоязе-тамих1лъун. Г1умру буго г1умру. Щибаб иш лъугьуна Бет1ергьанас хъвараб лах1заталда, нилъеда щибниги жо я хисизабизе, я гьукъизе к1оларо. Хут1ула г1иц1го бихьаралда щукру, «гьаб к1очон тарабг1аги бихьугеги»ян дуг1а гьабизе ихтияр.