Автор Ф. Мухlамадова. Март 2026 сон.
Абу
Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (жинда салат-салам лъеяв) абулеб
буго: «Бищунго лъик1аблъун ккола: «Гъорлъ х1илла-рек1к1, х1арамлъи гьеч1еб
даранги, чияс жиндирго квералъ гьабураб х1алт1иги»ян. Гьелда хадув вилълъун
х1алт1и г1уц1арав бизнесмен ккола нилъер районалъул К1ахъ росулъа Абуев Х1амза
Салманович. Гьесул бажариялъулги, сахал ишазулги, росдае гьабулеб кумекалъулги,
г1умругун х1ежалде унезухъе кодоре кьолел жидецаго риччалел ниг1матазул ц1урал
къуч1бузулги цебе-цебеги г1емерго бицунаан дие к1ахъияз. Гьале жакъа диего рес
щвана гьит1инаб хъизамалъулаб ишалъул к1удияб дармил рукъ г1уц1иялъул,
халкъалъул рак1ал х1айран гьарулел ниг1матал (х1айваналъулгун г1анк1уялъул
гьаналдаса байбихьун гьелъул гьарурал колбасабигун сосискаби, рулетал,
тушенкаби ва гь.ц.) къват1ире риччаялъул х1акъалъулъ балъголъаби машгьураб,
«Абуев» ан ц1ар тараб дармил рукъалъул генералияв директорасухъа росун, нужее
гьурщизе.