Вторник, 14.04.2026, 11:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Март » 18 » АБУЕВАСУЛ ХlАЛАЛАЛ ТlАГlАМАЛ
12:53
АБУЕВАСУЛ ХlАЛАЛАЛ ТlАГlАМАЛ

Абу Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (жинда салат-салам лъеяв) абулеб буго: «Бищунго лъик1аблъун ккола: «Гъорлъ х1илла-рек1к1, х1арамлъи гьеч1еб даранги, чияс жиндирго квералъ гьабураб х1алт1иги»ян. Гьелда хадув вилълъун х1алт1и г1уц1арав бизнесмен ккола нилъер районалъул К1ахъ росулъа Абуев Х1амза Салманович. Гьесул бажариялъулги, сахал ишазулги, росдае гьабулеб кумекалъулги, г1умругун х1ежалде унезухъе кодоре кьолел жидецаго риччалел ниг1матазул ц1урал къуч1бузулги цебе-цебеги г1емерго бицунаан дие к1ахъияз. Гьале жакъа диего рес щвана гьит1инаб хъизамалъулаб ишалъул к1удияб дармил рукъ г1уц1иялъул, халкъалъул рак1ал х1айран гьарулел ниг1матал (х1айваналъулгун г1анк1уялъул гьаналдаса байбихьун гьелъул гьарурал колбасабигун сосискаби, рулетал, тушенкаби ва гь.ц.) къват1ире риччаялъул х1акъалъулъ балъголъаби машгьураб, «Абуев» ан ц1ар тараб дармил рукъалъул генералияв директорасухъа росун, нужее гьурщизе.

-Х1амзат Салманович, щибаб ишалда гьоркьоб бук1ине ккола рух1ияб къанун (кредо). Дуца дурго бизнесалъул кьуч1лъун щиб лъураб?

-Дица гьаб ишалде байбихьарал 2015-17 соназ, гьаб бук1ана хъизамалъулаб бизнес, т1оцересел х1алт1ухъабиги рук1ана хъизамалъул цересел чаг1и, дунго. Х1алт1ул мурадги бук1ана х1арамаб, болъонил гьанги, гьелдасан гьарулел т1адежуралел т1аг1амалги, бегьуларел специялги гъорлъе журан колбасабиги, г1анк1удал гьанал цойгидал ниг1маталги гьарулел к1арчамал пишачаг1и даран-базаралдаса нахъе цуй, бусурбабазул республикаялда г1адатал г1адамазухъе жидерго напсалъе къабулаб ниг1мат т1аса бищизе ихтияр кьей. Гьелъие г1оло нижеда т1адаб бук1ана свак тун ва жеги лъик1аб даражаялда х1алт1изе, ассортимент ц1ик1к1инабизе, ниг1матазул т1аг1ам нижерго хаслъигун гьуинлъизабизе. Абизе к1ола, дол соназ х1алалал гьанал ниг1матал риччазелъун х1алт1изе лъугьарал дунгун мурадцоязда к1ванин 80-90 % якъинго болъонил гьангун х1алт1улел комбинатазул («Сочинский», «Царицыно» г1адал) х1алт1и нахъе цузеян. Рецц Аллагьасе буго. Гьеб умматалъе пайдаяб ишалъулъ квербакъараб «Абуев» дармил рукъалъул аслияб къанунги буго: т1оцебесеб иргаялда къват1ире риччалел ниг1матазул х1алаллъи, к1иабизе-качество. Г1адатаб мац1алъ абуни, нилъеда мух1канго лъазе ккола щиб нилъецаго кваналеб бугебали, цо. Щиб нилъеца лъималазе кваназе кьолеб бугебали, к1иго.

-Гьабсаг1ат г1емер руго гьанал лавкабигун тукаби, дур Гьанал Рукъалъул ниг1матал г1адамазе къабуллъиялъулъ бугищ кинаб бук1аниги балъголъи?

-Дир пикруялда, г1адамазда бич1ч1улеб буго нижеца даран гьабиялда ч1обого хут1ун бук1араб х1алал-х1арам ц1ехеялъул, гьеб х1алт1и дурусго лъазабиялъул бак1 ккун бук1ин. Нижеца лъазабула щивав боц1и хъолесул, нижее гьан бичулесул иман буголъи, как-к1ал. «Бисмилляh» бахъун гурого гьез х1айваналъул гарбида нус лъоларо. Гьединал рак1ч1арал, Аллагьасукьа х1инкъарал г1адамалгун гурого къот1и-къайги гьабуларо нижер комбинаталъ.

-Машгьурав исламияв г1алимчи, медицинаялъул г1елмабазул доктор, Ливаналдаса Мух1амад-Х1амидгун кин дур лъай-хъвай ккараб? Досул кинаб къиматаб г1ахьаллъи лъугьараб дур ишалъулъ?

-Россиялда машгьурав тохтур, хъизамалъулав психолог, шайих Мух1амад-Х1амидгун дир лъай-хъвай ккана х1ежалда, к1иго соналъ цебе. Гьев вуго кутакалда г1елмуги гъваридав, Аллагьасул нухги ккурав, иман ц1ик1к1арав, т1аде рак1 ц1алев инсан. Ниж жеги г1агарлъана гъоркьисалаги добго хирияб х1ежалъул ракьалда данделъидал.

Узухъда, гьев живго тохтур вук1иналъги, х1алал-х1арам бич1ч1арав муъминчи вук1иналъги нижер х1алт1уе бит1араб, рит1ухъаб къимат кьезе лъана гьесда. «Абуев» дармил марка машгьур гьабиялъеги к1удияб кумек ккана гьес жиндирго социалиял гьиназдасан нижер ниг1матал гьарулеб, исламалъул т1алабал т1уразарураб нухалъул ва гьезул лъик1аб даражаялъул бусурбабазе баян гьабиялъ.

-Чан чи цехалда х1алт1улев вугев, харж-мухь х1алт1ухъаби разияб кьолищ, кинал хасиятал инсанасулъ рук1ине кколел дур нухмалъиялда гъоркь х1алт1изе ккани?

-Компаниялда жакъа къоялда х1алт1улев вуго 65 г1ан чи. Дица х1аракат бахъула гьезие мустах1икъаб харж-мухь ч1езабизе, гьел щибаб къойил гъираялда х1алт1уде рач1унел шарт1ал г1уц1изе. Гьедин, щибаб лъаг1алил байбихьуда, кванил ниг1матазде ва цойгидазде ц1ик1к1унел ругел багьабиги х1исабалде росун, рахинарула х1алт1ухъабазе харжал. Лъик1ал махщалилал, иман бугел, жидерго иш бокьулел г1адамал рохизарула багьа-багьана батун. Рак1бац1ц1адго т1ад къараб иш т1убалев, Аллагь ккурав х1алт1ухъан вуго «Абуев» дармил рукъалъул бищун къиматаб хазиналъунги.

-Кин нужеца продукция т1ибит1изабулеб, бищун г1емер даран киб кколеб?

-Гьабсаг1ат ц1ик1к1ун даран ккезе байбихьун буго Чачаналъ ва Москваялда, гьенибе уна г1емер заказ. Ч1ах1иял тукабазда Мах1ачхъалаялдаги руго нижер ниг1матал ричулел, х1атта, байбихьун буго маг1арухъцин нижерго маркаялъул дармил вакилзаби тезе. Рецц Аллагьасе, бат1и-бат1иял т1аг1амал риччазе байбихьиялъ нижедехун рак1бай къо бахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго. Анищ буго щибаб гьит1инаб тукадацин бусурбанаб продукция бихьизе.

Г1адамазе ц1акъ къабуллъана бут1а-рат1а ккун х1адурарал, могьода хьихьарал, г1анк1уязул гьанал к1унаби, тушенкаби, бат1и-бат1иял тайпабазул ц1урал бакьалгун сосискаби.

Г1емерал г1адамал рак1арарал, к1удиял дармил центразда ялъуни халкъиял тадбиразда ч1обого х1ал бихьизе ресги кьола нижеца къват1ибе биччалеб ассортименталъул, потребителазул къимат кьей, пикру лъазелъун.

-Гьединал тадбиразда, социалиял гьиназда г1емерго вихьула нужер производствоялъул бицунев дур гьит1инав вас Салман. Гьаб, г1олеб г1ел телефоназдегун компьютеразде жанире араб заманалда, кин к1вараб гьесулъ хъизамалъулаб ишалде рокьигун гъира базабизе?

-Узухъда, х1алт1улъ лъугьунеб лъик1аб-квешалъул рокъоб, хъизамалъулаб гъасдаги г1емерго бицуна. Гьеб раг1идал, Салмание жиндиего къабуллъана кумек гьабизе вахъине, гьес гъираялда рахъула «Абуев» дармил рукъалъул цехалдаса бахъараб тукада тахчаялда лъеялде щвезег1ан х1алт1ул бицунел роликал, лъимадулаб чанк1к1игун, рагьрагьигун гьабула киналъего реклама. Г1адамазда гьеб к1арчамлъунги бихьула.

-Х1амзат, дур х1алалаб, баракатаб иш рагьаралдаса исана т1убан буго анц1го сон. Кинаб г1акълу дуца кьелеб, живго жиндаго ч1араб иш рагьизе бокьарав г1олохъанчиясе?

-Байбихье, Аллагьасде аманатгун, гьесул кумекалде хьулгун ва кинабго лъик1 ккола гьеб мехалъ. Г1уц1е Аллагьас ишалъулаб бит1ккей кьезе, церет1езе киналго багьанаби, хут1араб Х1алк1олес рекъезабула. Дуцаго гьабулеб иш цин дурусго лъазабе, хал гьабе рынокалъул т1алабазухъ, к1вах1аллъуге, рах1ат к1очон, къо бихьун х1алт1е.

-Х1алалаб ризкъи ц1ик1к1аги, баракат лъеги, баркала гара-ч1вариялъухъ.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

Суратазда: Исламияв г1алимчи Мух1амад-Х1амид «Абуев» гьанал цехалда, г1уц1иялъул нухмалъулевгун. Г1адамазул церекквеял лъазелъун т1обит1араб иргадулаб цебелъей. Ракьалда лъалк1ал. К1ахъ росу раг1алда.

  P.S. Гара-ч1вари къват1ибе кьезе х1адурун бахъараб къоялъ т1аде ккана гьукъараб социалияб гьиналдасан пуланав тохтур Ибрагьимовас г1адамаздехун гьабураб гьадинаб хит1абалде: «Т1олго дунялалъулаб сахлъи ц1униялъул г1уц1иялъ (ВОЗ) чорхое гьабулеб зияналъул рахъалъ хъалиманалда ва асбесталда аск1об лъун руго гьанал гьарурал заралиял жал гъорлъе журарал колбаса, сосискаби г1адал ниг1матал. Х1исаб гьабе, гьедин х1адурараб, щибаб къойил кванараб цо сосискаялъцин 18 % ц1ик1к1инабулеб буго чехь-бакьалда рак ккей, кванирукъалъул ва ц1ек1гьаналъул онкологиял лъугьин. Сахлъиялъе зарал гьабулел жал ккола: берцинаб, баг1арсияб кьер колбасаялъе кьолел нитритал, бидурихьал хвезарулел трансжирал, ургьисалабазде квешаб асар гьабулел фосфатал, т1аг1амалъул рецепторал махсароде ккун г1емер кваназе т1амулел натриялъул глутамат ва гь.ц. Гьединлъидал, колбасагун сарделька-сосискабазда нужеда Е250, Е252, Е451 хъван бихьани, тукадул полкаялдаго лъе ниг1мат, нахът1амун теч1ого!» Ялъуни т1аса рище х1алаллъи-х1арамлъи ц1ехон гьарурал, х1ал лъалел, рак1бац1ц1адал нилъерго производителазул ниг1матал. Мисалалъе, Аллагь разилъи кьоч1ое босун х1алт1улел «Абуевазул» дармил рукъалъул.

Просмотров: 59 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz