Автор Н. Гlалиева. Март 2026 сон.
Гьанжесев инсанасул г1умру нилъеда цебе ч1езабизе к1оларо
электричество гьеч1ого. Рокъоб канлъиги, хинлъиги, рах1атги-гьеб кинабго нилъее
кьола энергетиказ. Кьварараб хасалил заманалдаги, г1азу бан, ц1ер ч1ван, гьури бахъун,
пири пирхун токалъул кваразе жагъаллъи кканиги, къаси-къад бат1алъи гьеч1ого
гьениреги рортула энергетикал. Нилъер рукъзабахъе канлъигун хинлъи кьей
гуребги, гьезул зах1матаб х1алт1ул х1асилалдалъун, минабазухъе бач1инабула
парахалъиги, берцинлъиги.