Вторник, 14.04.2026, 12:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Март » 10 » ГlУМРУ ГВАНГЪИЗАБУЛЕЛ
14:50
ГlУМРУ ГВАНГЪИЗАБУЛЕЛ

Гьанжесев инсанасул г1умру нилъеда цебе ч1езабизе к1оларо электричество гьеч1ого. Рокъоб канлъиги, хинлъиги, рах1атги-гьеб кинабго нилъее кьола энергетиказ. Кьварараб хасалил заманалдаги, г1азу бан, ц1ер ч1ван, гьури бахъун, пири пирхун токалъул кваразе жагъаллъи кканиги, къаси-къад бат1алъи гьеч1ого гьениреги рортула энергетикал. Нилъер рукъзабахъе канлъигун хинлъи кьей гуребги, гьезул зах1матаб х1алт1ул х1асилалдалъун, минабазухъе бач1инабула парахалъиги, берцинлъиги.

Жакъа ниж щвана гьеб бигьаяб гуреб х1алт1ул г1уц1иялде Шамильский электросетазул Хунзахъ бугеб подразделениялде. Гьениб нижеда дандч1вай гьабуна гьеб г1уц1иялъул начальник хъулухъалъулаб сапаралъ вук1иналда бан, Хунзахъ бугеб подразделениялъул бет1ерав инженер Таймасханов Х1амзатица. Гьесдаги нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

-Х1амзат Хъазамбиевич, нахъа танин абизе бегьула пуй-ч1вай г1емерал, квач ц1ик1к1арал хасалил моц1ал. Кин гьел т1орит1арал энергетиказ? Авариял ккун, г1адамал канлъи гьеч1ого хут1арал къоял дандч1ванищ?

-Рицинег1ан к1удиял зах1малъаби дандч1вач1ого берцинго нуха рег1анин абизе бегьула нижеца хасалил квачарал моц1ал.

Цебе районалде газ бач1инег1ан г1емерал рук1унаан трансформаторал рух1ун, авариял ккарал лъугьа-бахъинал. Т1алъиялде газ бачиналъул х1асилалда, г1емерал бигьалъаби ккана нижер х1алт1уеги, жалго абонентазеги.

-Бокьилаан дагьалго баянал кьуни нужер х1алт1ул г1уц1иялда хурхун.

-Бит1араб бицани, киса-кибго улкаялдаго ругел г1адал зах1малъаби нижедаги дандч1вач1ого хут1ич1о. Гьезухъ балагьич1ого, нижер 32-г1ан чиясдасан г1уц1араб гьит1инабго коллектив къеркьолеб буго нижеда цере лъурал масъалаби бергьенлъиялда т1уразаризе, х1алт1ул роцен ва жавабчилъи ц1ик1к1инабизе.

Къаси-къад бат1алъи гьеч1ого, абонентазул мурадал т1уразариялъе г1оло к1вах1 тун х1алт1улеб буго ремонталъулаб бригада, авариял ккараб бак1алде хехаб къаг1идаялда бекерулеб оперативиябгин выездная бригада, счетчикал хвараб мехалда гьел къач1алел, хисулел гьелда ругел рихьизариял рахъулел, базаялде рехулел счетчикал х1алт1изариялъул электромонтеразул бригада, начальник, заместитель, разноскаялъул оператор, механикал, водителал ва цогидалги рак1бац1ц1адго х1алт1улел х1алт1ухъаби. Производствалъул участкаялъ хъулухъ гьабулеб буго районалъул росабазул 7750 чиясдаса т1аде арав абонентасе, 800 юридикияб г1уц1иялъе.

Энергетиказул щибаб къойилаб бербалагьиялда буго 10-киловольталъул 253 километралъул манзилалда ругел ва 0,4 киловольталъул 270 километралъул манзилалда ругел токалъул мухъал, х1алт1улеб буго 314 трансформатор. Жидер т1алабалде кколел т1олабго халалъиялда ругел токалъул мухъал гьез т1убараб лъаг1алицаго лъик1аб х1алалда ч1езаруна ва абонентазе гьоркьоса къот1ич1ого ток бук1инабуна.

-Зах1матчаг1азе щвалде щвараб хъулухъ гьабиялъе квал-квалал ккеч1ого хут1улел ратиларо. Бокьилаан кинал гьел кколелалиги рицани.

-Бит1араб буго, цогидал зах1маталъулал коллективазего г1адин, бигьаго гьеч1о токалъул маг1ишаталъул участкаялъул х1алт1ухъабазеги, абонентазе лъик1аб даражаялъул хъулухъ гьабизе. Т1алъиялда 10 киловольталъул мухъалда х1убал хисаниги, газ бачинч1ел 04 киловольталъул мухъазда ругел Гьоц1алъ ва Харахьи участкабазда руго г1емерал г1унгут1аби. Гьел участкабазда 30-40 соналъ цебе лъурал х1убал басралъун руго. Т1адежоялъе, бух1улеб токалъул къадар ц1ик1к1ун буго, амма гьелъухъ щолеб г1арац дагьлъун буго. Мисалалъе, 100 гъурущалде ток бух1ун батани, гьелдасан 20 гъурущ гурого щолеб гьеч1о, гьединлъидал, х1ажаталъе х1алт1изабизе г1арац г1олеб гьеч1о, хиралъун буго токалъул маг1ишаталъул къайи-къоно. Т1адеялдаса т1аде ц1ик1к1унел руго гьалбал къабул гьарулел рукъзал. Гьез бух1улеб буго г1емераб ток законияб гуреб къаг1идаялда. Гьелъул х1асилалда Гьамущи, Г1орут1а, Мущули ва цогидалги росабазул г1адамазул г1арзал руго минабахъ ц1акъго г1одобег1анаб напряжение бугилан.

-Лъала, гьел г1унгут1аби т1аг1инариялъе кинал рук1аниги ресал ралагьулел нуж ратулеллъи...

-Гьединал зах1малъаби дандч1валел рук1аниги, электросеталъул участкаялъул начальник. Расулов Юсуф Расуловичас к1удияб жигар бахъула х1алт1и г1уц1адго бачине. Гьесул жигарчилъиялдалъун токалъул маг1ишаталде бач1инабуна ц1ияб, хас гьабураб техника: манипулятор, бурокрановая машина, ц1ияб УАЗ машина. Дагъэнергоялде ине ккани, гьениве ун, районалъул бет1ерасухъе ине х1ажалъани, гьесухъе ваккун, г1емерал къвариг1елал т1урала гьес. Юсуп х1алт1уде вач1ун хадуб хисана тураразул бак1алда г1емерал х1убал, электролиниял.

-Х1амзат Хъазамбиевич, лъазе бокьилаан цого г1уц1иялда гъорлъ бугеб электросеталъул энергосбыт цо росулъ, нуж цогидаб росулъ рук1иналъе г1илла кинаб бугебали.

-Нижер буго 1971 соналъго бан бук1араб басрияб мина. Ц1ияб базе сурсаталги гьеч1ого руго. Х1алт1ухъабазе г1одор ч1езецин бак1ал рук1инч1ого, дагьаб заманаялъ рат1а гьаризе ккана гьел.

Нижеца гара-ч1вари гьабуна Хунзахъ отделениялъул энергосбыталъул начальник Мух1амадов Мух1амад Мах1ачевичасулгунги. Жидерго аслияб х1алт1ул х1акъалъулъ бицеян гьаридал гьес бицана гьадин:

-Энергосбыталъул х1алт1и буссараб буго г1адамазухъа бух1араб токалъухъ г1арац бак1ариялде ва гьеб жинди-жиндир кколеб бак1алде буссинабиялде.

-Лъазе бокьилаан ц1иял тарифазда рекъон бух1араб токалъухъ г1арац кин босулебали.

-Дагъистаналъул Энергетикаялъул ва тарифазул министерствоялъ 2025 соналъул 29 декабралда бахъараб буюрухъалда рекъон рихьизарун руго росабалъ г1умру гьабулел г1адамаз ц1а-кан бакулеб сезоналдаги, бакулареб, газ минабахъе бачинч1ел бак1аздаги бух1араб токалъухъ кьезе кколел тарифал. Гьелда рекъон абонентаз 1 кВталдаса бахъараб 2400 кВталде щвезег1ан ток бух1араз цо киловаталъухъ кьезе кколеб буго-2,80 гъурущ.

2401-3800 кВталде щвезег1ан бух1араз 1 киловаталъухъ кьезе бихьизабун буго-3,51 гъурущ;

3801 кВталдаса т1аде бух1араз-8,74 гъурущ цо кВталъухъ.

Печал ракулеб, газги рокъобе бачинч1ел бак1азда цебехун рехсараб Министерствалъул 2026 соналъул т1оцебесеб ноябралдаса 2027 соналъул 30 апрелалде щвезег1ан кьезе бихьизабун буго 1 кВт-3900 кВталде щвезег1ан-2,80 гъурущ 1 кВталъухъ, 3901- кВталдаса

6000-ялде щвезег1ан-3,51 гъурущ; 6000-ялдаса ва т1аде аразухъа-8,74 гъурущ.

Бихьулеб буго абонентас бух1араб токалъухъ г1арац жиндир заманалда кьуни, гьесие учузго кколеб бук1ин, киловатал т1аде аралг1ан, 1 кВталъухъ кьолеб г1арацги ц1ик1к1унеб бук1ин.

-Баркала, гара-ч1вариязухъ. Биччанте квараздасан унеб ток г1адин, нужер рокъобе талих1-рохел чвахизе, х1алт1и цебе т1ун ине, риччанте, нужер щивасе щолел харжал ц1ик1к1ине, премиял г1емерлъизе, токалъул х1убазде рахунел ругониги, кварал къач1алел ругониги, кибго, сундулъго нуж Аллагьас ц1унун хут1изе. Щивасе гьарула хинал кабинеталги, авариял ккеч1ого, гьоркьоса къот1ич1ого бач1унеб токги. Нужеца халкъалъе кьолеб канлъи г1адин, кунч1ун аги нужер г1умру.

Н. Г1алиева

Просмотров: 30 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz