Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2018 сон.
Аби буго, эбелалъе ясги, инсуе васги рокьулин жидедасаго лъик1аллъун лъугьине. Унго-унгояв учитель вугони, гьесиеги рокьулин жиндаго цере ц1аларал ц1алдохъаби жиндасаго лъик1ал рук1ине ва гьев гьездаса ч1ух1унги вук1унилан.Гьеб аби рит1ухъ гьабуна дие, гьал къоязда живго гьавураб къо к1одо гьабулев вугев Хунзахъ № 1 школалъул директор Атаев Расул Х1усенх1ажиевичас. К1удияб ч1ух1игун ва рохелгун бицана гьес цере ц1аларал ц1алдохъабазулги, гьезул церет1еязулги школалъулги х1акъалъулъ.1970 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталда щуго соналъги ц1алун, т1ад вуссана Расул Атаев г1агараб районалде х1алт1изе. Т1оцебе х1алт1ана районалъул Спортивияб комитеталъул председательлъун. Гьев ккола районалда т1оцебе дзюдоялъе ва самбоялъе кьуч1 лъурав чилъун. Хадуб гьев х1алт1ана Хунзахъ гьоркьохъеб школалъул класстун къват1ибехунисеб х1алт1ул г1уц1арухъанлъун. Гьенисан Расулил х1алт1уде бугеб гъираги, рокьиги бажариги бихьун гьесда т1ад къана директорасул х1алт1и.Хунзахъ гьоркьохъеб школа ккола районалъул базовияб бищунго ч1ах1иял школаздасн цояблъун. Гьеб лъуг1аразда гьоркьор рахъана г1емерал врачалги, педагогалги, инженералги, г1алимзабиги, министралги ва цоги-цогидалги цебет1ураб х1албихьиялъул махщалилалги. Гьединаб школалъе нухмалъи гьабизе ккей к1удияб жавабчилъиги, лъайги, махщелги х1ажалъулеб х1алт1илъун ккола. Жакъа нижедаги Расул Х1усенх1ажиевичасдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари: