Автор.Мух1амад Лабазанов Г1орут1а росу.Ноябрь 2018 сон.
Авар мац1алда къват1ибе унеб газеталъул редактор х1исабалда, дун кутакалда йохула бац1ц1адаб маг1арул мац1алда, «т1ад редакторас т1анк1 хут1иларедухъ» хъван рач1унел макъалабаздаса. Гьаб заманалда гьел дагьал гурого рук1унаро. Гьел къанаг1атал, штаталда гьеч1ел авторазда гьоркьов вуго Г1орут1аса Лабазанов Мух1амадги. Т1ерк1елаго рак1гун рагьула дица гьесул берцинаб хат1алъ мухъал ц1ураб конверт. Цебе гьес сахав инсан Мух1амадов Халиял х1акъалъулъ хъвараб очеркалъ дандерижиязул ц1ад базабун бук1ана газеталде. Щвалде щун хъвараб, чанц1улго дицагоги гъираялда ц1алараб бук1ана гьеб. Гьедин хъвалел мухбирзаби ралагьулеб (дол газеталъе кьолел сурсатал мукъсан гьарич1ел соназха!) чанги къо бихьана дида. Кутакалда асар гьабуна дие Мух1амадица гьаб нухалда хъван бач1аралъги. Гьабиларебги кинха, нижер газеталъул гьудул, мунагьал чураяв дир Гьимат-дадал гьобол, лъик1ав инсан, махщел камилав тохтур Харахьиса Х1акимил Ибрагьимил г1ажаибаб къисматалъул хъвараб очерклъидал гьеб батараб! Ц1алана, г1одана, жеги ц1ик1к1ун адабги х1урматги бач1ана авторасдеги героясдеги. Ц1але нужецаги. Х1акълъунго, г1адамас х1ехьолеб буго бихьанщинаб. Амма г1иц1го къуватав инсанас. Баркала, Лабазанов, макъалаялъухъ. Нусго базег1ан сах таги мун гьадинал г1адамазул нижехъе хъвазе.
Нижерго гьудул Х1акимил Ибрагьимиеги щулияб сахлъиги, рак1 разиял соналги дунялалда вохич1еб ахираталда щун вохизеги гьарула.