26 ноябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда районалъул ц1ивищарав бет1ер Нурмух1амад Задиевасул нухмалъиялда райсобраниялъул депутатазул председатель Хважаев Хважагун цадахъ т1обит1ана районалъул активгун дандч1вай. Данделъи байбихьана районалъул нухмалъулес киназдаго эбелалъул къо баркиялдасан ва республикаялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель-росдал маг1ишаталъулгун кванил ниг1матазул министр Г1абдулмуслим Г1абдулмуслимовас «Дагъистаналда меседил хасалихълъи-2018» абураб форумалда гьабураб жигараб г1ахьалчилъиялъухъ бач1араб баркалаялъулаб кагъат ц1алиялдасан. Хадуб районалъул бет1ерас бицана 4 моц1ида жаниб гьабун бажарараб х1алт1ул ва хадубккунги жинцаго х1алт1и г1уц1изе бугеб къаг1идаялъул.
«Дие абизе бокьун буго Расул Х1амзатовасул 95 сонилаб юбилей к1одо гьабиялдаса байбихьун, хасалиде лъай кьеялъул г1уц1аби х1адуриялде щвезег1ан, гьаб 4 моц1ил болжалалда жаниб гьабураб х1алт1и буго нилъер киназулго цадахъаб зах1маталъул х1асил.
Дир пикруялда рекъон х1алт1и гьабизе ккола киназго цадахъ, гьебмехалда цолъула жамаг1атги районги. Дица гьаниве вач1араб къоялдаса нахъе лъиениги инкарги гьабич1о лъидасаго щибгоги бахчич1о. Нилъер аслияб масъалаги буго росабазул администрациялги жамаг1аталги цогидалги г1ахьалги гьарун, цадахъ рекъон нилъерго район цебет1еялъе нухалги ратун х1алт1изе. Жакъа нилъер районалда бугеб ах1вал-х1ал лъаларев чиги щивго гьеч1о ва гьениб бахчизе жоги гьеч1о. Амма киг1ан зах1мат бук1аниги бажарараб кумек гьабулеб буго школазегун ясли-ахазеги дагьаб бугониги кумек гьабулеб буго росабазул администрациязеги. Дагь-дагьккун бец1улеб х1ал (реструктуризация) гьабун буго районалъ минфиналдаса 50 ва 30 млн г1арцул къадаралда босун бук1араб кредитги. Штатал къокъ гьариялъул бицунаго, дида лъала гьеб бигьаяб иш гуреблъи, амма киназдаго лъазе ккола гьеб дие бокьун гьабулеб жо гуреблъи. Гьеб буго нилъеца рес къот1иялъ гьабулеб бугеб жо. Райадминистрациялда гьабун лъуг1ана оптимизация. Амма гьеб хъат1изе буго цогидал гуц1абаздаги. Экономикаялъул яги финансазул министерствоялде индал, гьениб т1оцебе суал борхула нужер райадминистрациялда рук1ине кколелдаса ц1ик1к1арал штаталги х1алт1ухъабиги ругилан. Гьединлъидал, нилъее бокьаниги бокьич1ониги нилъеца гьеб суал роц1инабизе ккола. Харжал кьезе рес гьеч1еб ах1вал-х1алги бук1инч1о, рук1ине кколелдаса 20-50 ц1ик1к1ун х1алт1ухъан тезе рес бук1унаро. Тезе бегьула гьел ч1орого х1алт1улел ругони, амма моц1алъ х1алт1арав чиясе чара гьеч1ого харж кьезе ккола ва гьеб кьеч1ого щивго х1алт1уларелъул. Гьединго киназдаго лъала к1иго моц1ица х1алт1ухъанасе харж кьеч1они, х1алт1и кьолесда т1ад уголовнияб дело гьабулеблъиги. Амма щибго х1алт1иги гьабич1ого, бакъ аги къо агиян абухъего гьанир сверсведулел ругел г1адамалги нилъее данде кколаро. Дир пикру буго х1алт1ухъанас жинда т1адаб иш рак1бац1ц1адго, мух1канго ва щвалде щун гьабизе кколин абураб. Нужеда гьоркьов цонигияв гьеч1о дица х1ал гьабун х1алт1уда лъурав яги дица кколареб иш т1адкъарав чи. Дица лъихъаниги х1алт1уда таралъухъ ришватги босмулеб гьеч1о. Дица щивниги вачунев гьеч1о дир рокъов х1алт1изе, киназулго руго х1алт1улел инструкциязда рекъон т1уразаризе т1адал ишал. Гьедин жиндирго х1алт1и гьабун бажаруларев чи, валлагь, жиндихъа гьаб иш гьабун бажарулебги гьеч1о, гьединлъидал, жиндихъе бат1ияб х1алт1и кье ялъуни т1убанго х1алт1удаса нахъе виччайиланги абун вач1ине ккола живго. Дица щивго къабих1 ва инжит гьавизеги гьеч1о, амма киназдасаго т1алаб гьабизе буго гьез гьабизе т1адаб х1алт1и. Нилъер х1алт1улъ г1урал зах1малъабиги руго. Мисалалъе, расги лъик1аб х1ал гьеч1о росдал маг1ишаталъул бут1аялда. Райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул къадги къасиги х1алт1изе кколеб х1ал буго. Т1убанго рехун тун буго кинабго, я маг1арухъ, я гъутабазда щибго гьабулеб х1алт1и гьеч1о. Кагътазда ругел маг1ишатаз дотациялги росун руго. Гьеб ах1вал-х1алги киназго цадахъ кьуч1дасанго хисизабизе ккола. К1вар кьезе ккола налогал рак1арияздеги. Киналго росабазул бегавулзабазе ва депутатазе къвариг1ун бук1уна жидерго росулъе лъим бачине, нухал къач1азе ва цогидалги х1алт1аби гьаризе, амма налогал рак1аризе ва кьезе бокьуларо. 13 декабралда сессиялде киналго т1аде жураялги цогидал хиса-басиялги х1исабалдеги росун, х1адурун бук1ине ккола бюджетги. Гьебги бук1ине ккола рагьун, киназдаго бихьуледухъ ва бич1ч1уледухъ газеталдаги бахъун. Щибав х1алт1ухъанасда хадуб халкквезе бигьаяб жоги бук1унаро, амма дун хъулухъалде вач1араб 4 моц1ида жаниб дида бихьана ва бихьулебги буго цониги х1алт1ухъанас бук1ине кколедухъ жиндаго т1адаб х1алт1и гьабулеб гьеч1еблъи. Дун х1алт1уде вач1араб мехалда дица киналго х1алт1ухъабазда абун бук1ана исана сон байбихьаралдаса нужецаго гьабураб х1алт1ул справкаби х1адуреян. Гьел справкабазда рекъон райадминистрациялъул х1алт1ухъабазул бащалъи къокъ гьаризе ккола, щайгурелъул, щибго гьабураб х1алт1и гьеч1елъул. Справкабазда хъвазе жого гьеч1о, гьабураб х1алт1и гьеч1олъиялъ. Дица нужее бокьани щибаб моц1рол ахиралда хъвазарила нужеда гьединал справкаби, амма дир х1исабалда, гьединги гьабич1ого, щибав х1алт1ухъанас жиндирго х1алт1и роц1ц1инабизе х1аракат бахъани лъик1аб бук1инин ккола. Дица бицунеб буго ункъабго моц1ица дидаго бихьараб жо. Гьеб заманалда дица гьабуралдаса бат1ияб жо гьабизе рак1алда гьеч1о хадубккунги.
- киназдего дир буго к1удияб гьари. Дица цониги х1укму къабул гьабун хадуб инсуца, вацас, министрас, президентас абуниги дица гьеб х1укмуги хисизабуларо. Гьеб х1укму хисизабизег1ан дие хъван г1арзагун х1алт1удаса нахъе ине бигьаяб бук1уна. Гьеб буго дие принципиалияб жо. Гьединлъидал дир х1укмаби хисизареян гьаризе дихъе г1адамалги рит1уге. Гьудул-гьалмагълъи, г1ага-божарал дихъе гьардезеги рит1ун, гьезулгун дир гьоркьорлъабиги хвезаруге. Гьел дида аск1оре рит1изе кколеб х1укму дица гьабизе кколаредухъ х1алт1изе х1аракат бахъе киназго. Ахиралда к1удияб баркала кьезе бокьун буго киналго дие кумек гьабунщиназеги»,-ян лъуг1изабуна гьес жиндирго хит1аб.
|