Газеталъул гьаб литературияб гьумералда кьолел руго нилъер ракьцояй, Халкъияй шаг1ир Залму Батировалъул жеги рахъич1ел ц1иял куч1дул.
Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2018 сон.
21 ноябралда к1удияб рохел бук1ана Лъаг1илухъ росулъ. Гьениб рагьулеб бук1ана ц1ияб ясли-ах. Ц1ияб садик рагьиялъулъ г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, ясли-ахалъул х1алт1ухъабаз, росдал жамаг1аталъ ва цогидазги.
22 ноябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда райсобраниялъул председатель Хваджаев Хваджал нухмалъиялда гъоркь т1обит1ана районалъул Собраниялъул депутатазул иргадулаб гуреб сессия.